МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказалъул нухмалъуде тIамуна рагъулав


Александр Хлопонинги нахъе вахъун Шималияб Кавказалда Россиялъул президентасул вакиллъун Сергей Меликов тIамуна президент Владимир Путиница.

Хъулухъ-ишалъул рахъалъ гьев рагъулав хъулухъчи кколев вуго. Гьес хъулухъ гьабун буго Украинаялдагун Молдоваялда. ГIахьаллъун вуго 90-абилел соназда Чачаналда букIараб рагъулъги. Москваялъул мухъалда гьавурав вукIаниги, Меликовасул умумул Дагъистаналдаса лезгиял ругин абулеб буго. Амма гьанжелъагIан гьесул хIакъалъулъ дагъистаниязда лъалеб жо букIинчIо.

Бицен гьабулеб суалалда тIасан ЭР-ялъе пикру загьир гьабуна Москваялда гIумру гьабун вугев Дагъистаналдаса политолог Руслан Къурбановас. Украинаялда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун къватIисел улкабаз жиндие гьабулеб дандечIей бихьигун Россиялъ хIалбихьулеб бугин жиндир рахъкколелщинал къуваталги цолъизаризе, гьединго загIипалщинал регионалги щула гьаризеян абулеб буго Руслан Къурбановас.
Руслан Къурбанов
Руслан Къурбанов

Руслан Къурбанов: «ТIоцебесеб иргаялда, гьеб ккола Кавказ, Крым ва Дальний Восток. Гьедин тIамун вуго, дир хIисабалда, менеджер, магIишаталъул нухмалъулев Александр Хлопонинил бакIалде Кавказалдаса кьалбалги ругев, Шималияб Кавказалда вагъунги ругьунав Сергей Меликов гьеб хъулухъалде. ГьабсагIат Россиялъ кIвар кьезе буго Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабизе рес бугел къватIиса улкабаздаса къуватал Кавказалде риччангутIизе.

Дида ккола гьеб бугин гьаб бачIунеб щуго соналъениги хIисабалде босун гьабулеб хIалтIи. Гьелдалъун щиб Россиялъ лъазе бугеб бакътIерхьул рахъалъул цолъараб блокалда дандеяли заманаялъ бихьизабила. Амма гьелде кутакалда хIадурлъи гьабулеб буго улкаялъ – политикияб, экономикияб, хIатта культураялъул рахъалгицин хIалтIизеги гьарун. Масала, «Евровидение» абураб конкурсалъе бойкотги лъазабун, гьелъул бакIалда «Евразиялъул гьаракь» абун конкурс лъазабизехъин бугелъулха Россиялъ.

Кавказалде тIадруссани, Хлопонинил заманалда гьанир кIвечIо гIумруялде рахъинаризе чанги проектал. Масала, туркластерал. Гьединго Кавказалъул республикабазда лъугьараб кутакаб цебетIейги бихьулеб гьечIо. ВГТРКялъул кьучIалда гьабизехъин букIана Шималияб Кавказалъул хIакъалъулъ передачаби. Гьелъулги жо ккечIо. Гьединлъидал рагъулав чи нухмалъиялде вачIунилан, Шималияб Кавказалда экономикияб рахъалъ кIудияб нахъеккей лъугьинаро, амма гьелъул бакIалде бачIинаха рагъулаб рахъ».

Гьедин бицана ЭР-ялъе политолог Руслан Къурбановас. Гьесулалдаго релълъараб пикру загьир гьабуна Дагъистаналдаса диванчи Шагьрудинил МухIамадицаги. Гьесги гьеб суал хурхинабулеб буго Украинаялъул кризисалда.
Шагьрудинил МахIамад
Шагьрудинил МахIамад

Шагьрудинил МухIамад: «Чачаназе гьабуна Хлопониница, Дагъистаналъе гьесдаса жо щвечIо. ОсатIиназе гьабуна. Ставрополалъе гьабуна. ГIарац чвахулеб гомог гIатIид гьабуна гьес гьезие. Дагъистаналъе щвараб шапакъат гьечIо гьесдаса. Экономист гуревги, дипломатги вуго Хлопонин. КIалъалеб мехалда тохаб рагIи борчIиладайин вукIуна гьев. Досдаги чIалгIунги батила гьеб хIалтIи. ЦебетIураб жоги гьечIелъулха щибниги. Цониги завод гьечIо бан бахъараб. Масала, Хасавюрталда чакар гьабулеб завод. Гьелъул бакIалда цIикIкIана такъсирчилъи.

Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкаца дагьалъ цебе Пачалихъияб Думаялда абуна гъоркьисала Россиялда батанила яргъил щуазарго нахърател. Гьезул 80 процент – Шималияб Кавказалда. Гьединго 700 хъачагъги чIван рагIула гьанив. Гьелщинал чагIи киргIаги ратулел, инкубаторги гьаниб гьечIелъул. Дида ккола гьебги бугин Меликов нухмалъиялде тIамиялъе кIиабилеб гIилла. Гьединго дида ккола хасал операциялги гIемер тIоритIилин гьанже Шималияб Кавказалда».

Хлопонин хисун Меликов теялда батIи-батIиял информагентлъабазе батIи-батIиял экспертаз кьолел баяназул гIаммаб пикру буго киса-кирго рагъулал хъулухъчагIиги тIамун президент Путиница бакIал щула гьарулел ругин. Гьединго унголъунги рагъулаб лъадари щварав чи Шималияб Кавказалда президентасул официалияв вакиллъун тейги лъикIаблъун рикIкIунеб буго гьез, щайин абуни рагъулаб хIалбихьиялда рекъон тIалаб гьабизе бугила гьес щивасда тIадаб иш.

Гьединго рагъулав хъулухъчи Сергей Меликов гьеб хъулухъалде тIамун ватилин Чачанлъиялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул политикиял амбициял чIезаризе мурадалдаянги рикIкIунеб буго «Регнум» агентлъиялъе кьураб баяналда Дагъистаналдаса журналист Ханжан Къурбановас. Гьебго заманалда некIого къваригIун вукIанин хъачагъазулгун бухьен бугеб Дагъистаналъул политикияб бомондалда сверухъ гIадлу гьабулев чи.

Меликовасда бан жиндирго пикру загьир гьабуна 13 маялда Рамзан Къадировасги. Гьесул рагIабазда рекъон, БакътIерхьул рахъалъги Европаялъги Кавказалдагун Россиялда политикияб ахIвал-хIал хIалуцинабизе хIалбихьиял гьаричIого тезе гьечIо. Гьединлъидал кутакалда лъикI буго Шималияб Кавказалда рагъулав хъулухъчияс нухмалъи гьабизе букIин. Рамзан Къадировас гьединго абулеб буго Меликовасул квербакъиялдалъун Шималияб Кавказалъул регионазда аслияб кIвар кьелин хIинкъи гьечIолъи чIезабиялдеги экономикияб рахъ цебетIезабиялдеги.
XS
SM
MD
LG