МагъчIваялъе рес

Мухъазул нухмалъулел хисулел руго


Хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун МахIачев ХIажица бицана, жинца маялда рукIине ругел рищиязда гIахьаллъи гьабизе бугин, гьанже заманаялъ жиндир бакIалда жинцаго танин жиндир гьудул Шабанов МухIамад.
Хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун МахIачев ХIажица бицана, жинца маялда рукIине ругел рищиязда гIахьаллъи гьабизе бугин, гьанже заманаялъ жиндир бакIалда жинцаго танин жиндир гьудул Шабанов МухIамад.

Республикаялъул нухмалъулев хисаралдаса нахъе Дагъистаналда гьоркьоб къотIулел гьечIо тIалъиялда хиса-басиял. ТIубанго хIукумат гIуцIун бахъиналда хиса-басиял гьаризе байбихьана муниципалиял гIуцIабазда.

Республикаялъул бетIерасул жанисел ишазул идараялъул лъазабиялда рекъон, Ахты мухъалъул нухмалъулесул хъулухъалдаса нахъе ана 16 соналъ гьеб хъулухъалда хIалтIарав Сафидин Мурсалов. Гьесул бакIалда мухъалъул депутатазул данделъиялда нухмалъулевлъун вищана МухIамад Рамазанов.

Гьев цевеккун чанцIулго вищун вукIана мухъалъул депутатлъун. Цо-цо информалатазул баяназда рекъон, Сафидин Мурсалов хъулухъалдаса нахъе ун вуго заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповгун дандчIван хадув. Хъулухъалдаса нахъе ине кколилан гьесда абун буго гьеб дандчIваялъул заманалда.

Гьелдаго цадахъ гIадин хъулухъалдаса нахъе ана дагьалъ цеве Гъизилюрт мухъалъе нухмалъи гьабизе вачIарав МахIачев ХIажи. Гьесул бакIалда тун вуго Халкъияб собраниялъул депутат, ТIелекьа Шабанов МухIамад.

Хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун МахIачев ХIажица бицана «Кавказская политика» сайталъ гьабураб гара-чIвариялда, жинца маялда рукIине ругел рищиязда гIахьаллъи гьабизе бугин, гьанже заманаялъ жиндир бакIалда жинцаго танин жиндир гьудул Шабанов МухIамад.

Гъизилюрталда МахIачев ХIажида данде митинг тIобитIун букIана марталъул кIиабилеб къоялъ. Гьеб гIуцIарав, Кироваул росдал цеве вукIарав бегавул АмирхIамзаев АмирхIамзацаги бицана живги къеркьезе вугин Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулесул хъулухъалъе гIоло. Эркенлъи радиоялъе гьес гьадинаб баян кьуна:

АмирхIамзаев АмирхIамза: «Щай МахIачев хъулухъалдаса аравали абизе кIоларо, харбал батIи-батIиял руго. Нижеца цебеккун нижерго пикру загьир гьабун букIана, митингги тIобитIун букIана, бичIчIизабуна гIадамазда гьев гьелъул чи гурин, МахIачев гIадада вачIарав чи вугин Гъизилюрталде.

Гьанже хIукму гьабулеб чи Рамазан ГIабдулатIипов вугелъул. Батизе бегьула гьесие данде ккунгутIиги, ниже бегьунгутIиги данде ккун букIин. ЦIияв заманаялъ районалъе нухмалъи гьабизе вачIарасда дандеги гьебги оппозиция буго нижер.

Рищиязда гIахьаллъизе гьаркьалги гьесул гьанир гьечIо, бичIун цIикIкIун батани цо кIиазарго гьаракь батила».

Къокъаб заманалда жанив Дагъистаналда хисана лъабго мухъалъул нухмалъулев. Дагьалъ цеве хъулухъалдаса нахъе ун вукIана ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев Магьдиев ХIусенги. Гьесул бакIалда тана Москваялдаса юрист МухIамадинов Пахрудин.

Щай нухмалъулел хисулел ва кинаб къимат кьезе бегьулеб гьеб политикаялъе абурал суалазе жаваб кьуна гIалимчи, жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица.

Уладиев Сулайман: «Гьеб хIалтIи буго бищунго аслияб, гьабичIого рес гьечIеб хIалтIи. ЛъикIал, бажари бугел, жидеда тIад хIакъ гьечIел, тусналъалъур рукIинчIел, гIарац бикъичIел ва нилъеда тIад зулму гьабичIел чагIи хIалтIуда цIунизе ккола.

ЦIогьалгун хъамалчагIиги, гьерсихъабигун зулмучагIиги сверухъ тани Рамазан ГIабдулатIиповасул хIалтIи билълъанхъуларо, гьев гьез хIалтIи гьабизе толаро. Гьел нахъе ритIиялъул хIалтIи кватIунцин бугилан ккола дида.

Хъулухъалде вачIун тIоцебесеб анкьида жанирго гьел къватIир лъезе кколаан. Гъоб хIалтIи захIмалъула заман ани. Заманалдаса гьел щулалъула. ТIоцересел къояз хъулухъалдаса нахъе битIун ХIукуматги букIана, хIинкъуца холел шагьаралъул бутIрулги рукIана. Доб мехалъ гьел гьесда данде чIелароан, хъулухъалдаса нахъе аян абуравщинав ине къачIан вукIана. Гьанже захIмат букIина».

Цо-цо экспертазул ва политологазул пикруялда рекъон, гIагараб заманалда хъулухъалдаса ине бегьула жеги чанго мухъалъул нухмалъулев. Республикаялъул анцIгогIан мухъалда унел руго финансовиял халгьабиял. Гьезул хIасилазда рекъон хъулухъалдаса ине бегьула чанго муниципалияб гIуцIиялъул бетIер абун хъвалеб буго «Черновик» газеталъул сайталда.
XS
SM
MD
LG