МагъчIваялъе рес

Бесдал миллатаздехун Европаялъул инсулаб бербалагьи


Европарламенталъул вакилзабазулгун данделъи. 28 Август.
Европарламенталъул вакилзабазулгун данделъи. 28 Август.

ГIисинал миллатазул ихтиярал цIуниялда тIасан Дагъистаналъул жамгIиял церехъабазул хIаракатчилъи цIияб даражаялде баханин абизе бегьула. Гьал къоязда Дагъистаналде сапар бухьана Европарлманталъул вакилзабаз. Лезгиязул федералиябгун миллияб автономиялъ гьабураб хIалтIул кIудияб хIасил ккола гьеб. Жидерго сапаралъул аслиял мурадазул хIакъалъулъ бицине журналисталгун дандчIвана гьел 28 августалда.

Европарламенталъул вакилзабазулгун журналистазул лъай-хъвайги гьабун лезгиязул федералияб автономияб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIариф Керимовас бачIинахъего информалатазул вакилзабазе рагIи кьуна.

КъватIисеб улкаялдаса гьалбадерие кьураб тIоцебесеб суал букIана Дагъистаналда ругел гIисинал миллатазул рукIа-рахъиналда жанир ругел захIмалъабазул хIакъалъулъ кисанин нужеда лъалебилан.

ХIакъикъаталдаги лъалин жидеда гьел жидеда гьезул хIакъалъулъ, жидеца хал кколин Россиялъул ва Кавказалъул информалатаз кьолел баяназда хадуб, амма цохIого-цо гьел миллатазул ругел унтарал суалазе гIололъун бухьараб сапар бугин нижер гьабилан абуни тIубанго битIараблъун букIинарин, тIоцебесеб иргаялда нижее лъазе бокьун бугин кинан гьадинаб гьитIинаб регионалда ругел 40 гIанасеб миллаталъ гIумру гьабун бугебали бихьизе гьезул рукIа-рахъиналъул цо-цо хасалъабазухъ балагьизе, хIакъикъаталдаги жидее бицунеб хIалалъ квешаб къагIидаялъищ гьезул цо-цоязул гIумру бугебали лъазе бокьун бугин жидееян.

Журналистаз хадуб тIадго цузабун гьикъана дагъистаналдаса аскIор ругел регионазде гочарал миллатазул кинал захIмалъабазул хIакъалъулъинха нужеда мисалалъе рагIарабилан. Гьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Европарламенталъул депутат Ксаба Согорица

Ксаба Согор: "Евроцолъиялда гъорлъе унел пачалихъаздаги гIемер руго гьединал гIисинал миллатазул унтарал суалал.

Дирго гIагараб Румыниялда ругел гьединал гIисинал миллатазул ихтиярал цIунулел гьечIолъилъул мисалал. Нижерги мадугьалихъ бугеб Венгриялъул вакилзабиги церегоялдаса къеркьолел руго гьединал миллатазул ихтиярал цIунун.

Дагъистаналде бухьараб сапаралъул мурадги буго нужер гьаниб гьелда хурхун хIалтIи кинан гьабулеб бугебали бихьи, нужер хIалбихьиялъул цо –цо дарсаздаса нижеца пайда босизе, нужеда лъалареб жо батани нижеца гьеб малъизе.

ХIасил-калам нижее бокьун буго Европаялдаги бугебги Россиялда бугебги гIисинал миллатазул суалазда хурхун гьабулеб хIалтIи дандекквезе".

Согорица кьураб жаваб дагьабги камил гьабизе бокьун бугин жиндеян рагIи босана лезгиязул федералияб автаномиялъул нухмалъулев хисулев политолог Къурбанов Русланица.

Жакъасеб Европа лъикIаланго хисун бугилан абизе бегьулин. Мисалалъе кIиабилеб дунялалъул рагъдаса хадуб Европаялда кIвар кьолеб букIун батани чIахIиял миллатазул рукIа-рахъиналде, жакъа Европаялъул хIукуматаз цIакъ кIвар кьолеб бугин гIисинал, жидер ихтиярал дагьал мукъсанал миллатазе.

Гьес мисалалъе бачана Шималияб Италиялда гIумру гьабун ругел алманазул дораса рачIарал миллатазул вакилзаби.

Жакъа гьез кIудияб хIалтIи гьабулеб бугин жидер миллиял ихтиярал цIуниялъе жал гьитIинаб хаклъ хIисабалда дунялал рагIиялъе. Гьеб куцалда гьабураб хIалтIул хIасилалда жакъа гьеб миллаталъ рагьун бугин жидерго миллияб парламент, ругин жидер миллиял министерлъиял.

Гьезул мисал цIакъго актуалияблъун лъугьун бугин жакъа Европаялда. Гьединлъидал жакъа Дагъистаналде рачIарал гьалбадерие бихьизе бокьун бугин гIисинал миллатазул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул модель Дагъистаналда кин хIалтIулеб бугебали бихьизе.

Гьединго гьезие бокьун бугин Дагъистаналъул мадугьал Азербайжаналда ругел цо-цо дагъистаналъул миллатазул суалазулги хал гьабизе.

Щайгурелъул Азербайжан жакъа Евпопаялъе кколин цIакъ квар цIикIкIараб партнерлъунилан бицан Русланица ва хадуб тIадеги жубана.

Руслан Къурбанов: "Европаялъул жамгIияталъе кIудияб кIвар буго гьеб регионалда ругел гIисинал халкъазул гьединго инсанасул ихтиярал цIуниялъул ва демократиялъул принципал кин цIунулел ругелали.

Щайгурелъул Азербайжан ккола Европаялъул пачалихъазда аскIоб жиндирго бугеб роцадул къимат борхизабизе хIаракат бахъулеб пачалихъ.

Гьеб цо, кIиабизе бугони Брюсселалда рагьун буго загьир гьаричIел гIисинал миллатазул гIуцIиялъул офис. ГIадатго абуни гьеб ккола гьитIинаб ООН.

Дунялалда бугеб цолъарал миллатазул гIуцIиялъ данде гьарулел ратании пачалихъал, гьеб гIуцIиялъ данде гьарула жидерго пачалихъ гьечIел гIисинал миллатал.

Гьединлъидал буго гьезда цIарги загьир гьаричIел миллатазул жамгIияб рукъ абун тарабги. Гьеб гIуцIиялда гъорлъе уна Россиялдаса цо-цо миллатазул гIуцIиги, араб соналдаса байбихьун гьезулгун бухьен щула гьабуна лезгиязул федералиябгун миллияб автономиялъги.

Гьеб гIуцIиялъ гьенир загьир гьарула Дагъистаналда рикь-рикьун ругел цо-цо миллатазул унтарал суалал, гьел ккола аварал цахурал, лезгиял гIадал миллатал".

Журналистазул рукIана цогидалги суалал, амма пресс-конференциялдаса хадуб Европарламенталъул вакилзабагун дандчIвазе рачIарал Дагъистаналъул интеллигенциялъеги бакI кьезе кколин нилъецаян данделъи гIуцIараз заман къокъ гьабуна прессаялъул вакилзабазе.
XS
SM
MD
LG