МагъчIваялъе рес

Порт Тартус – Россиялъе ралъдал каву


Шам-«Петр КIудияв» абулеб Россиялъул атомияб ракетияб крейсер Шамалъул Тартус абулеб порталде бачIараб мехалда рагьун букIараб официалияб рохалилаб тадбиралъе ракIкIарарал ралъдал аскариял. Тартус, 14Апр2010
Шам-«Петр КIудияв» абулеб Россиялъул атомияб ракетияб крейсер Шамалъул Тартус абулеб порталде бачIараб мехалда рагьун букIараб официалияб рохалилаб тадбиралъе ракIкIарарал ралъдал аскариял. Тартус, 14Апр2010

Россиялъул ЧIегIераб ралъдал флоталъул десантиял гуми хIадурал руго Шамалъул Тартус абулеб порталде лъедезе дора хасал масъалаби тIуразари мурадалда. Нижер мухбир Рон Сыновица жиндирго макъалаялда къасд гьабун буго гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабизе.

ЧIегьераб ралъдал флоталъул командованиялъ Россиялъул Рагъулаб Ралъдал Флоталъул тIалъиялде лъазабуна Ракьаздагьоркьосеб ралъдалъ жидеда цере лъурал масъалаби тIуразаризе рагъулал гуми хIадурал ругин абун.

Щайдай Москваялъ гьедегIан цIикIкIараб кIвар кьолеб гьеб Тартус абулеб порталде ва кигIан халатаб заманалда гьеб порт россиялъул ралъдал аскарияз хIалтIизабизе бугеб жидерго база хIисабалда? Рональд Сыновицица ракIалде щвезарулел руго цо-цо тарихиял хIужаби.

Советияб рагъулаб ралъдал флоталъ Тартус абулеб порт хIалтIизабизе байбихьана 1971 соналда Шамалъул тIалъиялъулгун къотIи-къайги гьабун. Совет Союз букIун буго Шамалъе ярагъ кьолеб аслияб улкалъун ва гьеб ярагъ щвезабулаан хасго Тартус порталде. Добаго Совет Союзалъул Щуабилеб ралъдал эскадраялъ гьеб порталда жиндие цIатари тIолеб букIана.

Совет Союзалъул рагъулаб ралъдал флоталъе гьадинабго пайдаяб порт букIана Мисиралдаги. Амма 1970 соназул ахиралда гьеб базаялъул эвакуация Совет Союзалъ гьабун буго Тартусалде. Тартус абураб порт жиндирго пайдаялъе Москваялъ хIалтIизабулаан Совет Союз щущаралдаса хадубги.

1990 соназда Москваялъе Шамалъ бецIизе кколеб налъи бахана 13 миллиардгун 400 миллион долларалде. 2005 соналъул май моцIалда доб мехалъ Россиялъул финансабазул министрлъун вукIарав Алексей Кудриница ва гьесул Шамалъул коллега МухIаммад аль ХIусеница къотIи-къай гьабун буго. Гьелдалъун Россиялъ налъудул 73 процент тIаса лъугьун тана. Гьеб хIукмуялъ цIиял ресал кьун руго Россиялъе.

Баккулеб буго цойги суал. Россиялъул ралъдал аскариял Тартус порталда рукIиналъ Башар Асадил низам щулалъизабулеб гьечIищилан абураб. Гьелъие жаваб балагьулаго Рон Сыновицица гьадинаб пикру гьабулеб буго: Тартус ккола Шамалъул транзиталъул центр, лъикIалъан цебетIураб нухлул система бугеб. Гьелъул бухьенал руго улкаялъул аслиял магистралазулгун. Гьелдалъун Тартусалда чIей гьабулеб Россиялъул флоталъе лъикIал ресал щола Шамалда гуребги, Ракьаздагьоркьосеб ралъдал машрикъалъул рагIаллъиялда ругел цогидал бакIаздаги жиндирго гIахьаллъи гIатIилъизабизе.

Россиялъул цогидаб аслияб рагъулабгун ралъдал база Украиналъул Севастополалда буго. Гьелдаса Россиялъул гуми хьвадула Босфор абулеб ралъдал къварилъиялдасан цогидал бакIазде. 1936 соналда къабул гьабураб халкъаздагьоркьосеб конвенциялда рекъон Туркиялъе ихтияр кьун буго бокьараб мехалъ Босфор къазе.

Шамалъул Тартус абулеб порт
Шамалъул Тартус абулеб порт
Гьединлъидал Тартус ккола Ракьаздагьоркьосеб ралъдал гIатIилъиялде щвезе Россиялъе цохIого цо рес кьолеб порт. Гьеб гуребги гьеб порталъ Россиялъул дипломатиялъе рес кьола гьеб регионалда жиндирго асар цIикIкIинабизе.
Жинда цебе нижер радиоялъул мухбир Рон Сыновицица лъолеб ахирисеб суал буго гьадинаб – нагагьлъун Башар Асад тIаса рехани кIвелищали Россиялда Тартус порт нахъеги хIалтIизабизе жиндир база хIисабалда?

Аналитиказул пикруялда Башар Асадиде данде чIолеб оппозициялъул хиял буго Россиялъул ралъдал аскариял Тартус порталдаса нахъе гъезе. Хасго гьеб сабаблъун Россиялъ Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул Шураялде вето лъолеб бугин.
XS
SM
MD
LG