МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда чIвана яргъид гIуцIаразул лидер Дмитрий Соколов


Russia -- Dmitry Sokolov presumed to be an organizer of the terrorist attack in Volgograd, undated
Russia -- Dmitry Sokolov presumed to be an organizer of the terrorist attack in Volgograd, undated

МахIачхъалаялда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIвана чIвана 5 чи. Гьезда цадахъ Волгоградалда автобус кьвагьизабурай Асиялова Наидал рос Соколов Дмитрий абун лъазабулеб буго терроралда данде чIараб комиссиялъул оперативияб штабалъул вакилас.

Къаси сагIат цо тIубаралдаса нахъе МахIачхъалаялда аскIоб Семендер абураб бакIалда унеб буго хасаб операция. Сверун ккураб рокъор руго щугоял, гьезда гъорлъ чIужугIадан ва гьитIинаб лъимер абун лъазабулеб букIана информалатаз.

Радал сагIат 10 тIубараб мехалъ къватIире риччана чIужугIадангун лъимер. Хасаб операция жеги халат бахъулеб бугилан лъазабулеб буго терроралда данде чIараб комиссиялъул вакилас.

Гьесул рагIабазда рекъон, сверун ккуразда гъорлъ вукIине рес буго дагьалъ цебе Волгоград шагьаралда автобусалда жаний жийго жинцаго кьвагьизаюрай Асиялова Наидал рос Соколов Дмитрий.

«Регнум» агентствоялъул лъазабиялда рекъон, сверун ккурав Соколовасулгун гара-чIвари гьабизе ахIун йиго гьесул эбел. Гьеб хIужаялъ тасдикъ гьабулеб буго Дмитрий Соколов сверун ккуразда гъорлъ вукIин абун бицунеб буго агентствоялъ.

Гара-чIварияз хIасил кьолеб гьечIо, сверун ккурал чанго нухалъ кьвагьдана рокъоса къватIире абун лъазабулеб буго терроралда данде чIараб комитеталъул оперативияб штабалда.

Амма гьелдаса батIияб информация кьолеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. «Правозащита» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул вакил Рустамова Гульнараца бицана киналгIаги гара-чIвариял сверун ккуразулгун гьарулел рукIинчIилан ва гьез данде кьвагьулеб букIинчIин.

Рустамова Гульнара: «Дун доя йикIарабгIан заманалъ кьвагьа-гIанхъи рокъосан букIинчIо ва гара-чIвариял гьарулев чи вукIинчIо. СагIат лъабгоялда къаси щвана дун гьение, гьелдаса радал сагIат II тIубарабго дун нахъе инегIан щибниги букIинчIилан абизе бегьула.

Дун нахъе ана рокъоса къватIиреги рачун хехаб медицинаялъул кумекалъул машинаялда чIужугIадан ва лъимер рекIинарурабго. Къаси сордоялъ дица гьарулеб букIана хасаб операция тIобитIулезул нухмалъулесда дун жание йиччайин гьенисан лъимергун чIужугIадангIаги къватIире рачине.

Медикалги риччалел рукIинчIо жанире, гьенир лъукъарал рукIин лъаниги. Хадув вачIана гьенив вукIарав лъукъарав Мамаев Русланил эмен, гьевги виччачIо жаниве, кигIан гIемер гьарданиги.

Гьесие бокьун букIана лъукъарав вас къватIиве вачине. Радал сагIат анкьго тIубарабго гурони гьенир кIкIуйца гъанкъулел чIужугIаданалде ва лъимералдеци кIвар кьечIо».

Ахирисел баяназда рекъон, гара-чIварияз хIасил кьун гьечIо. Къуваталъул идарабаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда чIван вуго Соколов Дмитрий, Мамаев Руслан, ГIалисултIанов НургIали. Ункъабилев чIварав щивали жеги чIезабун гьечIо.

Гульнара Рустамовалъул рагIабазда рекъон, сверун ккураб рокъоса къватIие ячIарай ясалъ бицана гьенир жанир жийгун лъимер ва лъукъарав рос гурони щалниги рукIинчIилан.

Амма официалиял баяназда рекъон чIван вуго ункъо чи.

Къуваталъул идарабаз лъазабухъе, Дмитрий Соколов изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе ккана жиндир чIужу, Волгоградалда кьвагьарай Асиялова Наидаца вачун.

Гьел кIиялго цадахъ цIалулел рукIун руго Москваялда. Цоги баяназда рекъон, экстремизмалъул интерес гьабулеб букIун буго Соколовас Наида Асияловалъулгун лъай-хъвай ккезегIанго.

2012 соналдаса нахъе гьев араб бакI лъачIого тIагIаравлъун рикIкIунев вукIана. Яргъид гIуцIаразул кьеразулъ вукIин тIатана Волгоградалда теракт гьабилелде дагьалъ цебе.
XS
SM
MD
LG