МагъчIваялъе рес

Суракъат – «Шемахиялдаса Черкессиялда гIунтIун кверщел кодосев хан»


Некlсияб Хунзахъ
Некlсияб Хунзахъ

Дагъистаналъул тарихиял хъвай-хъвагIаязул баяназдалъун Ислам бачIинелде вукIарав бищунго гучав нуцаллъун вукIана СиртIанил вас Суракъат азарго соналъ цеве вукIарав. Аслияб къагIидаялда Суракъатил хIакъалъулъ хъван буго «Тарих Дагъистан» тIехьалда.

Гьеб буго Дагъистаналда бищунго машгьураб тарихияб хIалтIи, бищунго нахъа букIараб бутIалъун рикIкIуна ХVIII абилеб гIасруялъул ахиралде гьарурал хъвай-хъвагIаял. Бищун некIсияблъун гIалимзабаца рикIкIуна Ислам бачIинелде цебесеб Авариялъул биценазул ва нуцалзабазул ва гьезие бачIунеб букIараб бечелъиялъул (харадж) хъварал текстал.

Сариарлъул гIорхъаби ва ханзабазул къуват

«Тарих Дагъистан» хъвай-хъвагIаязда рехсовухъе Суракъат вукIун вуго Авар вилаяталъул хан, гьесул тахшагьарги букIун буго ТIануси «гьеб букIана бищунго къуватал шагьаразул цояб» - ан хъвалеб буго гьениб. Гьев ханасе магъало кьолеб букIун буго гьанжесеб Дагъистаналда гъоркье унел ракьазул киналго ханзабаца, гьелда цIар батIи-батIияб букIана:харадж, джизья, ушр, магъало бахъулаан – гIарцудалъун, мугьалдалъун, куйдул, гIачи-оцал, ххам, пихъ-мичI, хIатта гIанкIудал ханазде гIунтIун. А.Р.ШихсагIидовас хъвавухъе, гьеб заманалъул Сарир пачалихъ (Авария) IX абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялдаса бахъараб Х гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялде щвезегIан закъго гучаб пачалихъ лъугьун буго. Суракъат ханасул кварщалида гъоркь рукIаралин рихьизарурал ракьал ращалъулел руго бусурбабазул тарихияб гIелмуялда жиб рехсолеб IХ гIасруялъул Сарир пачалихъалъул ракьалда.

Гьел гIасрабазда «Тарих Дагъистаналда» хъвавухъе Сарир пачалихъалъе магъало кьолеб букIана Черкессиялдаса (Моздокалда аскIоб бугеб гьитIинаб Кабарда батила) Шемахиялде (гьанжесеб Азербайжаналъул Ширван) щун халкъалъ. Сарир пачалихъалъул бечедал ракьазул бицунеб буго гуржиязул некIсиял хъвай-хъвагIаязулъги. ХI абилеб гIасруялда Гуржистан букIана политикиябги, экокономикиябги рахъалъ цебе тIураб пачалихъ. Гьезул вукIана гьеб заманалда Леонти Мровели абурав тарихчи. Гьес жиндирго хъвай-хъвагIаязулъ абулеб буго, Каспиялъул гIодоблъиялда вукIана « Хунзах абураб цIар бугев бахIарчи», гочарулел къавмазулгун карал рагъаздаса хадув гьев «лекIаназул» (дагъистаниял магIнаялда) ирсилав гьениса нахъе ун вуго. Гьениса магIарухъеги ун гьес МагIарухъ гьабун буго жиндирго шагьар, гьелда цIарги лъун буго Хунзахъ абураб. Леонти Мровелил рагIабазда рекъон гьеб лъугьа-бахъин ккун буго ираналъул шагь Феридуница Дербент шагьар балелде цебе.

Сарир пачалихъалъул кверщел югалъулаб Кавказалда тIибитIиялъул рахъалъ, гьебго такрар гьабулеб буго цогидал трихиял хъвай-хъвагIаязги.ГIарабазул тарихчи Якъубица «Арминиялъул» хъвалаго рехсолеб буго Албания ва Грузия Армениялда гъорлъе унеб букIанин, амма пачалихъалъул бищунго цIикIкIун ракь Сарир пачалихъалда гъоркь рукIанин. ХIасил калам, гIемерал тарихиял хъвай-хъвагIаялги хIисабалде росун Сарир (Авария) пачалихъалда гъоркь жиндир бищунго гуч бугеб мехалда, азарго соналъ цебе букIана ракь Каспи ралъдахъа Терекалде щун, гьанжесел шагьарал Моздок, Владикавказалдаса Шемахиялде жанибе ЦIорги – Алазаналъул жаниблъи ва Шеки, гьанжесеб Азербайжаналъул ва цо къадар Грузиялъулги ракьал жанире рачараб пачалихълъун.

Сарир пачалихъалда Ислам тIибитIи

«Тарих Дагъистаналда» рекъон Суракъатил вас Байсарица ханлъи гьабун буго Хундерил тIалъиялде бусурабазул аскарал гIагарлъизегIан. Гьел рачIун руго Дербенталъул рахъалдаса Хайдакъгун Гъумекибги кверде босун Авариялде. Гьенибе кIёудияб бусурбабазул аскар бачIиндал къеркьон жо кколареблъи бичIарав Байсар лъутана аскаргун жиндаго гъоркь букIараб гуржиязул Тушетиялде. Гьеб хIужпа тасдикъ гьабулеб буго гуржиязул ва гIурусазул хъвай-хъвагIаяз. «Тарих Дагъистаналда» бицунеб буго бусурбабаз «къуваталдалъун» босанила тIалъи кверде. «Хунзахъ наме» ялда абулеб буго Суракъатил капурал аскаралгичурхъун жанире Хунзахъе лъугьанила «Самилахъила» тухумалъул кумекалдаян. Гьел кверде росиялъе гIиллалъун рехсолеб буго жалго хундерида жанир рагIи дандеккунгутIиял рукIин. Цойги гIилла букIана. 1239/40 соназда монголаз магIарухъе гьарурал гьужумаздалъун кверде босун букIана Гъумекиб.

Сарир босун бажаричIо монголазда, амма Сариралдаса ратIа гьаруна бакъбаккул Кавказлда ругел гIодоблъиялъул ракьал. Хасалил боцIи хьихьулел ракьал гьечIолъиялъ пачалихъалда бугеб халкъ цIикIкIун букIана цого бакIалда. Гьелъул хIасилалда дагьлъана лъимал ва пачалихъ лъугьана аслияб къагIидаялда херал гIадамал гъорлъ ругеб. Гьел загIиплъана Сари рва гьелъ ахирги кверде босана гьелъул тахшагьарги. Гьелда бан, «Тарих Дагъистаналда» Хунзахъ шагьар гъазизабаца кверде босараб заманлъун бихьизабун I256 сон, гьелъ ритIухъги гьабулеб буго тIадехун рехсараб пикру.

Гьелго хъвай-хъвагIаязулъ буго бусурбабаздаса Тушетиялде Баяр лъутун хадув аваразул ханзабазул тахбакIида гIодов чIана щивалиго Масум абун. Гьеб заманалда хундерица Исламги босун гьенив руманалъул как базеги, къадилъиялъеги рештIел гьабун чIана Абулмуслим шайих. Дагъистаналъул тарихиял хъвай-хъвагIаязулъ абулеб буго Авариялъ ва Хунзахъ шагьаралъ ислам боси анин цIакъ захIматгоян. «Тарих Дагъистаналда» хъвалеб буго гIага-шагарго 40 соналъ букIанин Хунзахъ тIалъиялда гъазизабазул кверщел, ханлъи. Гьенив Масумида хадув вукIана гьесул вас АхIмад. АхIмади заманаялда вукIана Суракъат ханасул васасул вас АмирсултIан Тушетиялда вахчарав. Гьес жиндир умумузул тахбакI, ханлъи кквезеян тIоцере Хунзахъ жанирго ралагьана жиндирго рахъ ккурал чагIи. АмирсултIаница ГIанди гIурул бетIералдаса «цумтIалги», ай цIунтIасел рахъарал «АриштIиялде» ингушазул ва чачаназул гIорхъоде щун аскарал данде гьарула.

Гьел аскаралгун бцо бецIаб сардилъ вахъула Хунзахъ тIалъиялде ва батIи-батIиял росабалъ лъола жиндирго аскарал. Гьез гьужум гьабизе санагIатаб заман балагьулаго Абулмуслим шайих ун вуго Гъумекиве. Гьесда «макьилъ бихьана капурзаца бусурбабазда тIад бергьенлъи босараб» - ан хъвалеб буго «Тарих Дагъистан» тIехьалда. Аскаралъ хъалаги босун чIвала АхIмад амир ва гьесул бетIер къотIизеги къотIун хъаладул тIохда бала. Гьеб къоялъ аскаралъ гъуранила росулъ рукIарал киналго бусурбаби. Гьеб къоялъ Суракъатил васасул васас куна жиндирго кIудияв инсул тахбакI ва ханлъи, хундерица рагьун инкар гьабула исламалдаса. Гьеб иш ккун буго гIага-шагарго 1280-90 абилел соназда.

Амир АхIмад чIван хадуб Хунзахъ тIалъиялда щулалъана Суракъатилазул ханлъи некIсияб персазул гIадаталги сасанидазул символикаги цIунараб. П. М. Дебировас хъвалеб буго XII – XIII гIасрабазда Хунзахъ пачалихъияб динлъун лъугьанин православияб христианство гуржиязул къагIидаялъул дин абун. Капурав ханасда АмирсултIан абураб бусурбабазул цIар букIиналда гIажаиблъи гьабизе жо гьечIо. Кавказалъул христианазулаб элитиялда дол гIасрабазда дандчIвалан гьединал цIарал. Амма гъазизабазул аскараз Хунзахъ босизе хIалбихьиял гьоркьор къотIизе толел рукIинчIо, цояз хъвавухъе 24, цогидаз – 14, соналъ ай 1300-1310 абилел соназда. Гьел къеркьеяз аваразул бусурбабазул къуват дагьлъун букIана, ахирги ракълилаб къотIи гьабизе ккана. Амма гьениб букIана шартI Сарир пачалихъалъул ханлъиялъ ислам босизе, амма ханлъи гьезухъего тезе. Ханзабаз босаниги тIубанго тIалъиялда ислам щулалъизе ва камиллъизе гIезегIан заман бана.

Гьелъие нугIлъи гьабула Хунзахъ ратарал христианазул гIаламатазги, некIсиял гуржиязул хъвай-хъвагIаязги. Гьел лъазарун руго М.Атаевас ва Г.Гамбашидзеца. Гьединго 1310 абилеб соналъул гуржиязул некIсиял хъвай-хъвагIаязулъ буго гьеб тасдикъ гьабулел хIужаби. Гьенив рехсолев вуго Анцухъа епископ ва христианазул «хундзазул храмал» абун. Вуго рехсон XIV абилеб гIасруялъул байбихьуда вукIарав «католикос хундзов» Окропори абун цIар бугев. Гьеб киналъго нугIлъи гьабула хIатта XIV абилеб гIасруялъул байбихьудаги хунз насраниязул диналда рукIиналъе, гьенир жанир гIемер гьечIониги цо бутIа бусурбабазул бугониги. Гьебго темаялда хъвалеб буго персазул тарихчи ХIамдула Казвиница, Сарир пачалихъалъул цо бутIа XIV абилеб гIасруялъул 30 абилел соназда рукIанин бусурбабиян.

Профессор Т.Айтберов тIад рекъолев вуго гьевб пикруялда ва тIаде жубалеб буго кIиабилеб ислам босизабулеб карачелалъ исламалде рачанин хун з, амма кIиабилеб нухалда кIудияб зулму букIинчIин. Амма «Тарих Дагъистаналда» хъвалеб буго 1318/19 абилел соназда Сарир пачалихъ ва гьелъул ханлъи бусурбаби рукIанин. Машгьурав тарихчи Доргъелилса Назирица хъвалеб буго «Дагъистаналде вачIанин кIудияв исламалъул къеркьохъан Абулмуслим. Гьев щвана Авариялде, Хунзахъе, гьениб чанго анцI-анцI сонги бан хвана 1312 абилеб соналъ ва гьесул хоб буго Хунзахъ» абун.Гьеб къо-моцI жеги мухIкан гьабизе ккола,Хунзахъ буго гьеб машгьураб, киназго зиярат гьабулеб хоб. Хабада тIад бараб хIужраялъуб буго шайихасул хвалченги халатги. Гьеб заманалде, ай 1310 абилеб соналде бусурбабилъун лъугьун рукIанин авар ханлъиялъул ва пачалихъалъул церехъаби, элитаян абизе бегьула.

Тарихиял хIужаби ва хIисабал

Суракъат буго гIараб цIар. Гьеб цIаралъ нугIлъи гьабулеб буго Ислам щвелелде цебесеб Аваристаналъулгун авргун христианазулаб ва бусурбабазулгун гIарабазул бухьен букIииналъе. Суракъат ханас гIумру гьабураб замана мухIканго къо-моцI жеги гIелмуялъ чIезабун гьечIо. бабIи-батIиял руго хъвай-хъвагIаял, аслияб къагIидаялъ бакIалъул тарихалда гIарабалъ хъварал. ГIемерисел автораз абулеб буго Суракъатица гIумру гьабунин гIага-шагарго ХI-ХII абилел гIасрабаздаян. Бищунго кIвар бугеб ва мухIканаб хъвай-хъвагIайлъун рикIкIуна «История Баба и Ширвана», гьенир рехсолел руго 1025 абилеб соналъул лъугьа-бахъинал, гьенив вуго Сариралъул нуцал насранияв Бухтийшо кIиабилев. Гьес жиндирго яс Сария кьун йиго Дербенталъул амир МухIамад ибн Гьашимие. Гьелдаса нусго соналъ цеве вукIанин рехсолев вуго Бухтийшо тIоцевесев., гьес 905 абилеб соналъ асир гьавун вуго Дербенталъул амир. Бухтйшо кIиабилев хисун вачIанин рехсон вуго К-рух яги Ф-руд ( гIараб хъвай-хъвагIаялъул рагьараб хIар бихьизабун гьечIо ва гьелъ кIолеб гьечIо мухIканго цIализе). Гьесул вас вуго ТIокъу, гьев вукIун вуго Дербенталъул раис Муфарридж ибн Музаффарил вакьад 1065сон. Гьелъ нугIлъи гьабулеб буго ХI абилеб гIасруялда ханлъун Суракъат вукIинчIолъиялъе.

Гьелда бан нилъее баянлъулеб буго чанго хъвай-хъвагIаяздаса хадусеб хIакъикъат. «Тарих Дагъистаналда» хъвалеб буго 1318-19 абилел соназда авразул нуцаласул вас СиртIан цадахъ хайдакъалгун тIаде кIанцIана Гъумекиве ва гьеб чIунтизабуна. Гебекил вас Сурхайил зонода (1834 абилеб соналъ хвана) хъван буго СиртIан вукIанин АмирсултIанил вас, гьевги байарил вас, гьевги Суракъатил вас, гьевги СиртIанил вас абун. Гьеб мухIканаб букIинчIого букIинеги рес буго, щай гурелъул зани чIвалан хадуб гьарурал цIех-рехазул хIасилалдаги. Амма гьаниб битIун бугин ккола, щай гурелъул мухIканго рехсон руго кIудиял умумуздаса лъималазде щун лъие щив кколевали. Амма гьаб хъвалев авторасул ритIарал ва мухIканал документал рукIинчIогоги рукIине бегьула, щай гурелъул гьаниб тIарарал гIасрабаз гIемер заман ун буго гьоркьоб.

Рес буго авторас гIадатияб къагIидаялъ ханзабазул рахасалда Сурхайил умумузул цIарал рекIинаризеги, гьоркьор ритIарал бакIал ругониги гъалатIал рорчIизеги. АмирхIамза нуцалидаса арал ГIумахан нцал, Булач-нуцал, МухIамадмирза-нуцал рехсей буго гъалатIлъун. Дугъри –нуцалидаса араб рахас буго гьеб. Гьениб цойги рахас халлъулеб буго: СиртIан, АмирсултIан, байсар, Суракъат, СиртIан. МухIканго лъала Суракъатил вукIана вас Байсар, гьесулги вас-АмирсултIан. «Тарих Дагъистаналда» рекъон гьесул эмен вукIана Байсар, инсулги эмен вукIана Суракъат. Киналго баяналги хIисабалде росун дида ккола Суракъат нуцал гьавунин гIага-шагарго 1190 соналъ ва хванин I250 абилел соназда, ай Хунзахъе тIоцересел гъазизабазул чабхъен бачIинелде ва Хунзахъ гьез босилелде.


Сариралъул гуч ва машгьурлъи

Суракъат-нуцалил заманалда Сарир пачалихъ букIана Бакъбаккул цере тIурал улкабазда ва гIадамазда лъалеб гучаб ва машгьураб улка. Масала, кинабго персазул ва Бакъбаккул цебе тIураб халкъалда гьоркьов машгьурав фарс мацIалъул шагIир Низами Гянжавица (хвана 1211 абилеб соналъ) жиндирго «Искандер-наме» поэмаялда кIудияб бакI кьолеб буго Сарир пачалихъалъе.

Низамица рехсолеб буго машгьурав Зулькъарнай (Александр Македонский) Сарир пачалихъалъул ханзаби рукIунеб бакIалде иналъул гьенир ругел хIикматал бакIал рихьизе. Кейхосровасул тахбакI ва гьесул хIикматаб, «жаниса дунял бихьулеб» суркIа бихьизе иналъул. Гьеб ургъун бахъараб жо бугониги шагIирас, нилъеда бихьула гIадатиял чагIазул ва улкабазул рахъалъ художествиял асразулъ хъвалареблъи. Гьелъ нугIлъи гьабула цебе тIураб Бакъбаккул халкъалда гьоркьоб Сариралъул асар букIиналъе.

Сарир букIана машгьураб пачалихълъун дол гIасрабазда, гьелъул тахшагьар Хунзахъ ислам бачIинелде букIараб персазул пачалихъалъул гIаламталцин цIунараб центрлъун. Гьебго тасдикъ гьабулеб буго гьанжесев персазул географ Иляс Низамица ва МухIаммад ибн Нажиб Бакраница. Ахирисес жиндирго «Джихан намеялда» Сариралъул рахъалъ хъвалеб буго: « НекIо заманалда гьеб пачалихъ босун букIун буго цо Персазул ханас. Гьев къуватав ва согIав падишагь вукIун вуго бергьарав сиясатчиги. Гьес гьабун буго гьениб жиндиего меседил тахбакIги ва чIун вуго гьенив ханлъуда. Падишагь хвараб мехалда гьеб ракьалъул халкъалъ адаб цIунун буго гьеб тахбакIалъул ва цониги хадусев хан кIусун гьечIо гьесул тахбакIида падишагьасул адаб цIунун» - ин. Гьединаб букIана Бакъбаккул улкабазда Сарир пачалихъалъул рахъалъулъ пикру.
XS
SM
MD
LG