МагъчIваялъе рес

Бусурбабазда лъураб бугьтан


Ставрополалда батун бугин кьвагьиял гьаризе ритIулел ясал хIадурулеб руччабазул мадараса. Гьединаб хабар тIибитIун буго ахирал къоязда интернеталда. Гьебги Дагъистаналъул Теологияб институталъул вакиллъи бугеб рокъоб батун бугин лъазабулеб буго. Гьеб гьадингосеб хабар бугин абулеб буго рехсараб институталъул мугIалимзабаз.

Гьединго ставрополь икълималда ругел хъазахъазул жамгIияталъ рагъараб кагъат хъван буго Президент Путинихъе регионалда ралел ругел мажгитал рай гьукъизе ккеялъул.

Ставрополалда батараб мадрасаялъул хIакъалъулъ баян информ.алатазе кьун буго. ХIинкъи цIуниялъул хъулухъалъул Ставрополалда бугеб бутIаялъ. Рехсараб цIалул идара батун бугин шагьаралъул Шималияб рахъалда бугеб цо рокъоб. Гьеб рокъоб бугин Рочиса Мамадибирасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул теологиялъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ институталъул вакиллъи. Гьеб вакиллъиялъул нухмалъулев кколин Ставрополалда чIарав дагъистанияв Церетилов МухIамадилан хъвалеб буго гьеб баяналда.

Амма дагъистаналъул Теологиялъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ инитуталъулгун бухьен гьабидал гьез тасдикъ гьабичIо жидер инистатулзл гьединаб вакиллъи Ставрополалда бугилан абураб баян. Дагъистаналда гьеб институт рагьарав, гьелъул вукIарав ректор Садикъов Макъсуд чIагояб заманалда студентал лъай камил гьабизе Индонезиялде Кувейталде цогидалги гIарабазул улкабазде ритIулаанин. ГьабсагIат кинаб къагIидаялъ гьеб гьабулеб, гIарац лъица биччалебали жинда лъаларилан бицана гьеб институталда педагогикияб практикаялъул нухмалъулев гIалимчи МухIидинов Шамилица.

Жинв гьанив хIалтIулеб анлъго соналда жаниб жинда тIоцебе рагIулеб бугин Ставрополалда гьединаб мадраса батаниланги, гьеб жидер институталъул вакиллъи бугеб рокъоб букIун бугиланги абураб хабар. МухIидиновасул ракIчIун буго гьеб кинабго ургъунго Дагъистаналдехун тIадеги рокьукълъи цIикIкIинабиялъул марадалда ургъун бахъараб хабар букIиналде.

МухIидинов Шамиль: «Балъго гьабун хIалтIилеб бакIиш гьеб букIараб, гьедин букIаго хIукуматалда лъачIогойиш гьеб хутIараб, лъаниги бахчулебиш гьеб букIараб абун гIемерал суалал хутIулел руго, гьединлъидал дида кколеб буго гьеб ургъун биччараб хабар батилилан. Жакъа гIемераб чороклъи тIолеб буго исламалде, экстремизм, террор абун. Нужецаго хIисаб гьабе исламистал абун цIар лъолеб буго бищунго гIемерал битIурал такъсирал гьарулеб къукъаялде. Гьединаб цIарги лъун ургъунго халкъазда гьоркьосеб даражаялдацин исалмалде данде хIалтIи гьабулеб бугеб мехалъ, гьанир нилъерго улкаялда жанир риччалел ругел харбазе провакциялъулал харбал абичIого щибиланха абилеб».

Ставрополалда батараб мадрасаялъул хIакъалъулъ хабар ургъун бахъараб букIиналед щаклъи цIикIкIинабулеб цоги хIужаби загьирлъана гьал къоязда. Гьенир ругел хъазахъазул эркенаб жамгIият абураб къукъаялъ рагьараб кагъат хъван буго президент Путинихъе, Ставрополь икълималад мажгитал цIикIкIунел ругин тIадеги гьел разе гьукъизе кколилан Жидерго кагътида гьез кIвар буссинабулеб буго регионалда насраниязул дингун маданият къойидаса къойиде нахъе цулеб бугин Кавказалдаса вакилзаби гьенир гIемерлъулел рукIиналъ. Гьел хIинкъулел руго исламалъул республикабазда ругел биял тIейги чIвай-хъвеялги дагь-дагьккун гьенибе буссиналдаса.

Ниж хъазахъал кидаго рукIанин диназул рахъалъ мукIураб жамагIаталъунилан хъвалеб буго кагътида. Исламалде дандечIарал чиги ниж гуро, гьеб ритIухъ гьабула чанго нус-нус соназ бусурбабигун цадахъ цоцалъ рекъон гIумру гьабун рукIанин нижилан абураб хIужаялъги. Амма бусурбабазул мажгиталде дандеккун насраниязул килисаялда киданиги цIунун букIинчIин ярагъги исламалда дандекколареб литератураги, ва килисиляде рачIунел гIадамаз динцоясде квер борхараб, би тIураб рагъ ккараб хIужаги цоиги букIинчIин.

Хъазахъазул цевехъан Юрий Чурековас кагътида рагьун абулеб буго мажгитал разе гьукъизе кколин. З00 азарго чи вугеб Пятигорскиялда бусурбабазул 2 – 3 процент гурони гьечIин, амма чанго азарго чиясе какал разе мажгит бан бугин гьез гьениб.

Ставрополалда гьанжеялде ран ругел мажгитазул гIемерлъиялъу хIинкъи бугин гьениса кинабго гIурус халкъ гочун иналда. Жидеца гьеб гедин тезе гьечIилан лъазабулеб буго хъазазъазул цевехъанасда, нижерго дин хвезе биччазе гьечIин, гьадинаб ахир букIине гIолойищин хъазахъаз нус-нус соназ бигии тIун рагъ гьабун букIараб?

Хъазахъал хIинкъулел ругин ставрополалда ва сверухъ ругел регионазда ислам цебетIолеб букIиналдаса. Гьеб бичIчIулеб бугин. Мажгитал цIикIкIунищ ралел дагьищ гьаризе гьеб кинабго къануналъул нухда гьабулеб хIукму бугин, гьединлъидал хъазахъаз загьир гьабулеб хитIаб щибниги магIна гьечIеб букIин бачIинахъего бичIчIулеб бугин абуна гьеб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе Кавказалда ислам лъазабиялъул рахъалъ централъул нухмалъулев политолог Гереев Русланица.

Тарихалде гъорлъе раккун балагьани хъазахъал рукIанин дора шагьаралъул рагьдул кIалтIа хъаравулзабилъун, полициялъул хIалтIухъабзул хъулухъалда. Жакъа гьел лъугьун ругин тIалъи кодосел чагIи хIисабалда жидерго гIадлу билълъанхъизабизе. Амма гьезул хIаракаталъул хIасил букIине гьечIилан абулеб буго политолагас:

Гереев Руслан: «РачIаха гьедин батани гьезда рекъон жамагIаталъулилан абулеб система хIалтIизабизе Дагъистаналдаги. Гьел мекъи руго. Жакъа буго полиция, руго хадуб хал кколел идараялъул хIалтIухъаби, буго улка цIуниялъул министерлъи, гьел киналаго хIалтIулел руго халкъазда гьоркьосел ихтияразул низамалда рекъон. ХутIараб щинаб гьел хъазахъаз тIалаб гьабулеб жо буго Кавказалда миллатчилъиялъул суал хIалуцинабизе, рагъуе къали бухулеб хIакъикъаталда релълъараб.

Жакъа Ставрополалде кавказалъул республикабазул вакилзаби риччаларин лъугьун хъазахъаз жидерго вакиллъи цIунуларо гьениб. ГIаксалда гьенире рачIунел гIадамал цIикIкIанагIан лъикIлъизе буго демографиялул суалги. ЧIобогояб регион бугони лъица гьенир рехун тун ругел аза-азар гектар ракьазул хIалтIизабизе бугеб. Нилъерго маданият цебетIеялде кьезе ккола кIвар…»

ХIасил-калам хъазахъазул эркенаб жамагIаталъ Путинихъе хъвараб рагьараб кагътил гIаммаб хIисаб гьабуни, ялъуни Ставрополь икълъим Шималияб Кавказалъул федералияб бутIялда гьоркьоса батIа гьабизе кколин, ялъуни Дон ва Кубаналъул сверухълъи гьоркьобе бачине кколин, мажгитал райги гьезул ихтияралда тун, россиялъги жиндирго миллияб политика хисизабизе кколин гьезул мурадалда рекъон. Амма тIасарихьиялъе хабар бицун гурни гьезул ракI разияб жаваб Путинихъа гьезие щвеялда кIудияб щаклъи бугилан абулеб буго экспертаз.

XS
SM
MD
LG