МагъчIваялъе рес

С.Шушкевич: "Освальдица гьабураб иш гурин ккола дида гьеб"


Станислав Шушкевич
Станислав Шушкевич

22 ноябралда тIубана 50 сон Цолъарал Штатазул президент Джон Кеннеди чIваралдаса. Гьеб такъсир гьабуравлъун рикIкIуна Ли Харвельд Освальд абурав американияв. Кьолеб буго гьеб тарихияб х1ужаялда хурхараб лъабабилеб интервью.

Белоруссиялъул вукIарав президент Станислав Шушкевичица нижер радиоялъе интервью кьолаго, абуна Ли Харвей Освальдида хадуб хал кквей гьабизе жиндие КГБ-ялъ тIад къан букIанин.

Станислав Шушкевич: "Лъалищ нужеда, къватисеб улкаялъул чиясулгун бухьен гьукъараб букIана. Доб мехалъ дица гIелмияб цIех-рех гьабулаан. Парткомалъ дида тIадкъана американиявгун хIалтиIизе.

БитIараб абуни дир кIудияб интерес баккана гьелда. Дун разилъана.

Амма нижер къануналги, низамги лъалаго дида бичIулаан гьеб гьедегIан лъикIаб иш гурин. БукIана цо шартI.

Дун цониги нухалъ дандчIвачIо гьевгун бадиса бадиве. Дида цадахъ цойги чи вукIана кидаго.

Гьев вукIана Саша Рубенчик абурав дир гьалмагъ. Гьадинаб хал кквей букIанаха цоцада хадуб гьабулеб. Освальдица дие гIемер лъикIаб асар гьабуна.

ГIадатияб хьвада-чIвадиги букIана гьесул. Суалалги кьолел рукIинчIо гьес, тIокIал жалги гьарулел рукIинчIо.

Нижееги гьукъун рукIана суалал кьезе - киса гьев кколевали, щибизе гьаниве вачIаравали абурал. Нижеда тIадаб букIана гьесда гIурус мацI малъизе".

ЭР - Америкаялда букIараб жиндирго гIумрудал хIакъалъулъ гьес нужеда бицун букIанищ?

Станислав Шушкевич: "Цониги рагIи абичIо. Цониги! Дида ккола гьесиеги гьукъараб букIанин жиндирго хIакъалъулъ бицизе - кин ва щай жив гьаниве вачIаравали.

Дун хIалтIулеб заводалъул цехалъул партиялъул бутIаялъул секретарас цебеккунго нижее темаби кьун рукIана - цIали, хIалтIи, къватI, театр, кино, шагьар - гьале гьадинал суалал дандразе бегьулин абун".

ЭР - Гьадинал суалазда тIаса кIалъалаго, гьесул хасият бихьулеб букIанищ?

Станислав Шушкевич: "Дида кколаан гьев паракъатав чи вукIанин. Гьадинаб асар гьабуна гьес дие. ЦIакх гIодове виччарав. ХIалтIи бокьулев. Гьеб гуребги - гIадлу-низам берцинго цIунулев чилъун вукIана гьев.

Мисалалъе сагIат анкьгоялде щуго минут хIалтIулеб мехалда дандчIвазе нижеца къотIи гьабуни, гьев добго параялъ вачIулаан, секундаялъцин кватIичIого.

ЭР - ВукIанищ гьев гIакъилав инсанлъун?

Станислав Шушкевич: " БичIулищ нужеда, гьев вукIана живго жиндиего гIурав чилъун. Гьединлъидал гьесул малъи-лъаялъул даражаялъе къимат кьезе цIакъ захматги букIана.

Амма гIурус мацI гьесда лъикI лъалеб букIин якъинго бихьулеб букIана. Цогидалъул хIакъалъулъ гьикъизе нижее гьукъараб букIана".

ЭР - Жиндирго идеологиялъул, бербалагьиялъул бицине гьесие гьукъарабищ букIараб? Сундуе гIоло жив Совет Союзалъе вачIарав?

Станислав Шушкевич: "РагIицин абичIо. Нижееги гьукъараб букIана гьаб суал гьесие кьезе".

ЭР - Гьесул хIакъалъул хадуб гIемераб информация баккана прессаялда. ТIокIаб бицине кIолищ дуда?

Станислав Шушкевич: "ТIоцебего абуни - дир гьадинаб гъира гьечIо. Дир хIисабалда гьес гьабураб иш гьеб гурин (ай Кеннеди чIвай). Дун цо нухалъ Далласалде сапар бухьана хасго доб хIужаялъул мухIканлъи лъай мурадалда.

Доб бакIалъул цIех-рех гьабуна дица ва бичIана гьадинаб жо: президент цIунулел рукIарал хасал хъулухъчагIи ялъуни гIабдалзаби рукIанин, яги гьеб букIанин президент Джон Кеннедие данде гъоркьанго балъгояб къотIи гьабураб иш".
XS
SM
MD
LG