МагъчIваялъе рес

Регьекьдерил масъалаби ва ччукIун унеб росу


Ракьуб росу.
Ракьуб росу.

10-ялдасаги цIикIкIун сон унеб буго Шамил мухъалъул Ракьуб росдал гIадамаз, гьанже гурони гьанже ккезе бегьулеб тIабигIияб балагьалъул бадире ралагьун, гIумру гьабулеб бугелдаса. Гьелъие гIиллаги ккола росу дагь-дагьккун ччукIун унеб букIин.

2001 соналъ байбихьанин абизе бегьула гьеб росдал ракь ччукIизе. ГьабсагIаталдайин абуни жакъа-метер ччукIун иналда хIинкъи бугеб хIалалда буго 56 цIараки.

Гьелдаса нахъе борхулеб буго росдал жамагIаталъ гьеб суал ва жакъа къоялъги кколеб хIасил гьечIо. МагIарулаз абухъе, добго хурив довго Мусаги вуго, хIинкъиялда гъоркь гIумру гьабун ракьуселги руго.

Гьеб росулъа чи, Авартеатралъул художествияв нухмалъулев ГIадулгъапуров ХIайбулаца бицухъе, гьединаб ахIвал-хIал букIиналъе аслияб гIайиб рагIула жибго росдал жамагIаталда ва росдал бегавуласда.

ГIабдулгъапуров ХIайбула: «Цебего гьабун буго актаги, хIукмуги ГIурада ва Ракьуб росу цогидаб бакIалде бахъинабизейин абун. Гьанже цо-цо чагIазе бокьун буго гъолъухъ гIарац щвезе. Къануналда рекъонин абуни гIарац кьолеб гьечIо, ран рукъзал гурони. Гьединлъидал, цо хасал чагIи руго жал балагьалде ккаралинги абун, жидедаса хайирги босун нужеего пайда къваригIун бугин абулел.

Гьелъулъ буго аслияб масъала. Гьениб хIукуматалда бараб жо щибго гьечIо, гьелъ кколеб жо гьабун буго. Кверкъади абун бакI буго цебеги кIиго-лъабго росу букIанин абураб. Доба лъарги буго нухги буго. Гьеб бакIалда росу байин абун тIалаб гьабизе къваригIун буго, тIоцебесеб ирагаялда».

ГIабдулгъапуров ХIайбулаца бицухъе, жамагIаталъул цолъи гьечIолъиялъ ва бегавулас кколеб хIалтIи гьабунгутIиялъ рагIула гьеб суал хадуб бехъерхъизабулеб бугеб.

Гьесулго рагIаби ритIухъ гьаруна Ракьуб росулъа жамагIатчи ИнкIовасов Ибрагьимицаги. Гьес бицана Шамил мухъалъул администрациялъги хIукуматалъги кIвараб кумек гьабизе рагIи кьун бугила росу цогидаб бакIалде гочинабиялъе, амма цо-цо гIадамазул тIирунчIеялъ гьеб суал гIумруялде бахъине толеб гьечIила.

ИнкIовасов Ибрагьим: «Геологоразведкаялъул чагIиги рачIана, росу гочинабизе бихьизабураб ракьги цIакъ лъикIаб бакI буго. ЦохIо километрагун бащадалъ нух бахъизе кколеб бакI буго. Гьеб буго 15 гектар бугеб бакI, гьединаб бакIги магIарухъ къанагIатги букIунаро.

Гьенир цо гьоркьоса чагIи ругоха жидеего гIарац къваригIун, гьез квалквалги гьабулеб буго. Мина бухIани гIарац кьола гьеб цIи гьабизе. Лъим кIанцIун яги цогидаб балагь ккани гъолъиеги кьола. Амма ракьги ччукIун мина биххани ва гьеб базе бакI бихьизабун гьечIони, гьелъухъ гIарац кьелищха».

Ракьуса ИнкIовасов Ибрагьимица бицухъе, Шамил мухъалъул нухмалъулес рагIи кьунцин букIун рагIула цIияб бакIалде гочунел ругони, гьенибе нух бахъиялъе жиндирго гIарац харж гьабизелъун.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул Шамил мухъалда бугеб идараялъул хIалтIухъана МухIамадов ГIабдулжалилица бицухъе, гьеб росдал цо авал хIакъикъаталдаги хIинкъи бугеб хIалалда рагIула. Амма гьанжелъизегIан гьедин хутIиялъе гIилла бугила цоязе магIарухъго цогидаб бакIалде рахъине бокьи, цогидазе – гIатIиракьалда бакI къваригIун букIин.

МухIамадов ГIабдулжалил: «Цо-цоязе къваригIун буго магIарухъго цогидаб бакIалде гочине, цогидазе бокьун буго гIатIиракьалде, ай МахIачхъалаялда аскIоса гIебеде. Лъабабилез абулеб буго гочинарурал хIисабалда кьолеб гIарац кьейилан, жидецаго жидеего санагIатаб бакIалда минаби ралин.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялда гьезие гьабизе кIолеб кумек букIунаро, гIицIго лъазабула гьел хIинкъи бугеб бакIалда ругин. МагIарухъго цо-цояз бихьизабулеб бакI буго майданлъиялда бугеб бакI. Амма гьенибе бахъизе ккола нух, базе ккола кьо, мактаб, азархана ва цогидабги.

Гьединлъидал, росу гьенибе гочинаби экономикияб рахъалъ пайда гьечIеблъун буго. Гьезие лъикIаб букIинаан гIатIиракьалда ракь кьунаниго».

ГIорхъалъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул хIалтIухъан МухIамадов ГIабдулжалилица бицухъе, Ракьубго гIадин Шамил мухъалда хIинкъи бугеб бакIалда бугеблъун рикIкIунеб рагIула жеги 12 росу. Гьединлъидал, кинабго бараб бугила жамагIаталъул цолъиялда ва хIукуматалъул гIарцуда.

ПалхIасил, ахир бихьулареб гьеб масъала гьаб гIагараб заманалда жаниб тIубазаби щакаб буго. ХIатта, «Дагестангеомониторинг» абураб идараялъ росу чара гьечIого цогидаб бакIалде гочинабизе кколин лъазабун бугониги.
XS
SM
MD
LG