МагъчIваялъе рес

Сочи: алжанищ жужахlищ?


Олимпиадаялъул ахикье унеб нух цlунарал полициял, Сочи, 07Янв2014
Олимпиадаялъул ахикье унеб нух цlунарал полициял, Сочи, 07Янв2014

Россиялда хасалил Олимпиада байбихьилалде цебе хIалтIизе бичIчIан бугин абизе бегьула хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул ва цIуниялъул рахъалъОлимпиадаялъул хIаязул тарихалда жанибго бищунго кIудиябин абулеб операция. Гъорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазда сверун министр Владимир Пучковас абуна талат къоялдасан байбихьун Олимпиадаялъул хIаязда хIинкъигьечIолъи чIезабизе бугел киналго къуватал рагъулаб хIадурлъиялда чIезарулел ругин.

Россиялъул Гъорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазда сверун министр Владимир Пучковасул рагIабазда рекъон, Олимпиадаялъул ва сверухълъиялда бугеб щибаб объект цIунизе кьезе буго ва гьеб босизе буго космосалдасан мониторинг гьабулеб системаялде.
Бронемашинабаздалъун хьезабураб армиялде ва ЧIегIераб ралъад цIунулеб ралъдал флоталъул аскариязде тIадеги жубалеб буго 30 азарго полициявгун аскарияв. Гьез гьеб регионалда хIинкъигьечIолъи цIунизе буго 7-билелдаса байбихьун 23 февралалде щвезегIан.

Сочиялде бичIчIазе гьечIо гьениб регистрация яги хасаб аккредитация гьечIеб автотранспорт.
Олимпиадаялъул объектаздеги ричIчIазе гьечIо билетал ва документал кодор гьечIел гIадамал.
Гьелде тIадеги ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун федералияб хъулухъалъ мониторинг гьабизе буго мобилиял телефоназе ва почалъул трафикалъе.

Президент Владимир Путин ва Сбербанкалъул президент Г Сочиялда, 03Янв2014
Президент Владимир Путин ва Сбербанкалъул президент Г Сочиялда, 03Янв2014
Президент Владимр Путиница жинцаго хал гьабуна Олимпиадаялъул объектазда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал гIуцIун ругеб куцалъул. Гьел тадбирал дагьалги кьвагьиризе гIиллалъун ккана араб моцIалъул ахиралда Волгоградалда рукIарал ва жидер хIасилалда 34 чи хварал терактал. ЦIех-рех чагIазул кIудияб щаклъи буго гьел Шималияб Кавказалдаса изну гьечIого яргъидгIуцIараз гьарун ратиялда.

Канадаялъул цIех-рехалъул идарабазда мугъчIвайги гьабулаго The National Postалда лъазабулеб букIанин Шималияб Кавказалъул яргъидгIуцIаразул лидер хIисабалда лъалев Доку ГIумаровас Сочиялда терактал хIадурулел рукIиналъулин бицунеб букIана гьал къоязда «Дождь» телеканалалъ.

http://tvrain.ru/articles/vzryvov_ne_budet_saudovskaja_aravija_ne_dopustit_teraktov_v_olimpijskom_sochi-360162/

ГIумаровас риидалго рагIи кьун букIанин гьел «илбисалъул хIаял» хвезаризеян ракIалде щвезабулеб буго каналалъ. ГIумаровас гьедин лъазабун букIана жиндиего гIадатияб куцалда видеороликал YouTube сайталда лъун. Гьенибго гьес абулеб букIана Россиялъул территориялда терактал гьаризе лъазабун букIараб мораторий жинца нахъе бахъулеб бугинги.
Гьебго «Дождь» телеканалалъе кьураб интервьюялда Диналъул ва жамгIияталъул информациониябгун-аналитикияб централъул президент Алексей Гришиница абуна Россиялда ругел радикалалгун кIалъа-ралъаял гьаризе гьоркьохъанлъун букIине гIицIго СагIудиязул ГIарабиялда гурони кIвезе гьечIин.

Алексей Гришин: «Рахъазда гьоркьоб кIалъазе ва гьезул рагIи цоцалъ рекъезабизе кIолеб улкалъун буго цохIого-цо СагIудиязул ГIарабия. Нуцал Бандар вачIун вукIана кIиго нухалда Москваялда. Гьелъул магIна ккола яргъидгIуцIаралгун къотIиял гьаризе хIал бихьулеб букIанин абураб жо. Гьединго ракIалде ккола гьеб СагIудиязул инициатива букIанинги. Цо-цо баяназда рекъон, гьез Россиялда гьарулеб букIун буго Шамалда хурхун жидерго позиция хисизабейин яги тамахлъизабейин, гьелъухъ жидеца Россиялда ругел ва жидеда асар гьабизе кIолел бусурбабазул идарабазда абилин экстремистияб ва террористияб хIаракатчилъиялде дандечIей гьабейин».

Амма цо-цо экспертазул пикруялда СагIудиязул ГIаврабиялда бажарун гьечIин Россиялъулгун къотIи гьабизейин лъазабулеб буго рехсараб телеканалъ. Гьелъие нугIлъи гьабулеб бугин Волгоградалда гьарурал терактазги ва цо-цо экспертазул пикруялда гьезул кьалбал Шамалда ратизеги рес бугин абулеб буго Дождалъ.
Россиялъул президентас шамат къоялда лъазабуна Сочиялда Олимпиадаялъул хIаял унаго гьезда хурхен гьечIел данделъаби, митингал шагьаралъул изнуялда рекъон гьаризе бегьулин. Гьел гьаризе тIубанго гьукъарав чиги вукIана президент Путин. Гьесул гьанжесеб амру къуваталда букIине буго исана 7 январалдаса 21 марталде щвезегIан.
Сочиялда Олимпиадаялъул объектал ралеб анлъго соналъ жидее кинал квал-квалал рукIаниги, жидер алжан гIадинаб шагьар жужахIалде сверизабуниги гIадамал митингазде ва протесалъул акциязде къватIахъе рахъунел гьечIин гьел тIалъиялъул тIадецуялда гъоркь рукIунин рикIкIунеб буго Сочиялдаса журналист Светлана Кравцовалъ.

Светлана Кравцова: «Дида лъаларо гьелъие гIилла щибали. Батизе бегьула Сочи Россиялдаго бищунго коррупционияблъун рикIкIунеб шагьар букIиналъги. Киналго жанубиял шагьарал гIадин гьелъулги цIар ун буго коррупция гьаниб тIегьараб букIиналъги. Гьелда баниги къватIахъе рахъунаро гIадамал. ТIалъиялъул руго гьезде тIадецуй гьабизе батIи-батIиял ресал. Цоязул бизнес букIуна, гьеб гьес бетIербахъи гьабизе рес бугеб цого-цо рес ккола, хасго гьеб гьитIинаб бизнес бугони. ТIалъиялда кIола бигьаго гьесул тукен батани, гьеб къазе яги цоги бизнес батани, гьелъие дандекколеб тIадецуй гьабизе.

Руго бюджеталъул мухъилъ хIалтIулел мугIалимал ва тохтурзаби гIадинал чагIиги. Гьезие тIадецуй гьабизе тIадеги бигьаяб буго гьел тIадтаразда рарал рукIиналъ. Руго мисалал гьез журналистазда жал хIалтIудаса реххиялдаса хIинкъун митингазде рачIунел гьечIин абулелги. ГIадамазе тIадецуй гьабулеб буго тIалъиялъ. Гьеб тIадецуй гьабизе кIоларел чагIи цIакъго дагьал гурони гьечIо, гьеле рахъунел ругоха митингаздеги.

дагьаб цебегIан ай 5 январалда Сочиялда тIобитIараб митингалде 800 чи вачIине вугин лъазабун букIана, амма хIакъикъаталдаги гьениве 200-гIан чи гурони вачIинчIо. Гьелде тIадеги гIадамаз абулеб буго гьеб митинг жибго тIалъиялъ гIуцIун букIанин Сочиялда демократия бугин ккезабизеян».

Гьединго рукIана «гIадатиял гурел жинсиял гьоркьорлъабазе» балугълъиялде рахинчIел лъималазда цебе пропаганда гьабизе гьукъараб къанун Россиялда къабул гьабиялъ Олимпиадаялъе байкот лъазабизе кколин рикIкIунелги. Амма гьебго заманаялда Путиница абун букIана «гIадатиял гурел жинсиял гьоркьорлъаби» гурел атлетазе Сочиялда киналгIаги квал-квалал рукIине гьечIин.

Cочи, ноябрь 2013
Cочи, ноябрь 2013
Сочиялъул гIадамазе Олимпиада кинабниги байрам кколарин рикIкIунеб буго гьениса цоги журналист Андрей Королевасги. РакI бакъван халккун букIанин гIадамаз анкьго соналъ гьезул тIабигIат хвезабулеб ва курортгун шагьар чIвалеб бугеб куцалъухъ. Гьелде тIадеги Сочиялъул гIадатиял гIадамал Олимпиадаялде рорчIизе гьечIин ва гьел гьелъухъ телевизоралдасан ралагьизе ругин абуна гьес Эркенлъи Радиоялъе. Россиялъул спортсменал къолел ругони гьезда ккезе буго жидеца гьабгощинаб жо хIехьанин анкьго соналъ нужин абуни гьениреги рачIун къолел ругин.

Королевасул ракI рекъолеб гьечIо Сочиялда низам цIунулез гьабулеб бугеб хIалтIудаги.

Андрей Королев: «Жакъа низам цIунулезул хIалтIи бараб буго бакIалъул экологалгун яги оппозициягун къеркьеялда. Гьениб бакIалъул оппозиция бугин абизе бакIго гьечIониги ругелгунха. Гьезул хIалтIуда лъезе бегьула торроризмгун къеркьей хутIизегIан бокьараб цIар. Терроризм биччаларедухъ цересел хIалтIаби ай привинтивиял тадбирал тIоритIизе ккола гьенир гьебги хирургияб операция гьабулеб гIадин мухIканго. Гьениб хал гьабизе ккола киса-кирего ругел ралел бакIазул кьищни-къулалъул кIудиял гохIазул. Гьенибин абуни кьвагьулеб алатцин щиб, тIубараб армия бахчизе рес буго».

Кинабха бугеб Сочиялда оппозиция? Бицунеб буго журналист Кравченкоца.

Светлана Кравченко: «Сочиялда руго "Блог Сочи" ва "Привет Сочи" абурал сайтал. Гьел руго блогосфераялъ гIуцIаралин абулел сайтал, амма гIадамазда гьоркьоб рикIкIуна гьел хасал хъулухъаз ургъунго гьарурал сайтал ругин. Гьел сайтазул хважаинзабилъун рикIкIунел Александр Маловги Михаил Максинги руго шагьаралъул нухмалъиялъ ва пуланал идарабаз хасаб тIадкъайги кьун тарал гIадамал. Гьезда тIадаб буго нухмалъиялъул политикаялда разиял гьечIел гIадамал тIатинаризе. Гьанже гьединго абулеб буго гьел сайтал къазе кколинги. Гьел гIадамазги абулеб буго жидеде тIадецуй гьабулеб бугин.
Дида ккола гьел сайтал рагьарал гIадамал ва гьезул бутIрулин абулел гIадамазул кинаб букIаниги цIалигицин гьечIин. Гьел сайтазул гьабун гьечIо информАлатал абун регистрация. Гьенир расги нечечIого рукIуна гIадамал хIакъир гьарурал жал хъван. Гьезда тIасан диванханаялде гIарза хъвазегицин ресги гьечIо гьезул информалатал хIисабалда регистрация гьечIелъул, гьел гьезего гьечIин тезе бегьула. Хасал хъулухъазги тIалъиялъги гьел сайтазул бутIрул абулев кIиявго чи хьихьун вуго жидерго политика билъанхъизабизе. Гьеб буго дир хасаб пикру. Сочиялъул гIемерал гIадамаздаги гьедин кколеб буго. Олимпиада байбихьараб мехалда гьел сайтал нагагь къаниги гьел къазе руго рагIул эркенлъиялъе тIадецуй гьабун гуреб, гьез гьабизе букIараб жо лъугIун ва тIалъиялъе гьеб гьедин къваригIун букIун».

Публицист Иосиф Гальперинил пикруялда Олимпиадаялъул фоналда къватIир чIвалел руго гьанжесеб заманаялъул киналго гIунгутIаби.

Иосиф Гальперин: «Гьал къоязда нилъер регионаздасан унеб буго Олимпиадаялъул цIаялъул эстафета. Сочиялда букIине бугеб роххел киса-кибего тIибитIизаби ва халкъгун гIахьал гьаби букIанин абизе бегьула гьелъул мурад. Щибха ккараб хIакъикъаталдаги? 100-ялдасаги цIикIкIун нухалъ гIадамаз босун унаго гьеб факел сана, цо чиясда цIацин рекIун букIана гьелдасан. Гьедин нилъер жамгIиябгун политикияб системаялъул ай Путинил заманаялъул киналго гIунгутIаби къватIире кIанцIана Олимпиадаялъул фоналда. Гьелъул объектал разе биччараб гIарац бикъиялдасан байбихьун, рарал бакIазул щулалъиялде гьелде тIадеги Олимпиадаялъул факелазул даражаялде щвезегIан. Гьединлъидал Путиние жакъа кIудияб кIвар буго Олимпиада икъбалалда тIобитIиялъул».

Сочиялда Олимпиада гьабизе бугин хIукму Гватемалаялда гьабилалде чанго сон цебе гьениб балеб букIанин Путинил кIалгIа ва Геленджикалда аскIоб аэропорт гьабизе рекьул ракь хъащтIун балеб бихьун букIанин жиндаян бицана Гальпериница. Гьел бакIал раялъул хIалтIаби бакIалъул гIадамазда ва гьениб хIухьбахъулезда цебе ритIухъ гьабизе данде кколин Олимпиадайин абулеб буго гьес.

Светлана Кравченко: «Дунги дир умумулги руго Сочиялда гьарурал ва гIурал. Дида лъала Сочи кинаб букIарабали гьеб Олимпиадаялъул тахшагьарлъун лъазабилалде цебе. Гьеб букIана санагIатаб, бацIцIадаб, тIогьол махIалъул цIураб курорт. Сочи букIана битIахъе алжан, гьанже абуни гьеб жужахIалде сверизабун буго. Чанго сон буго дун дирго гIагараб ЧIегIераб ралъдалъ чвердечIого. Чвердезе бегьиларедухъ чорок гьабун буго ралъад. Гьанже шагьаралда хIухьел цIазегин рес гьечIо чороклъиялъ. Киса-кибего буго бакIал ралаго хIалтIизабулеб автотранспортги, хIетIе чIара-чIаралъур руго ралел бакIалги, кьищни-къулги. Гьеб киналъухъго балагьун, гьаб шагьаралъул ва улкаялъул патриот хIисабалда, дир ракI унтулеб буго».

Гьедин бицана нахъеги Эркенлъи радиоялъе Сочиялдаса журналист Светлана Кравченкоца.

ЭР: ГIадамазе гьединаб къварилъи гьеб Олимпиадаялде хIадурлъиялъулъ батани гьелдаса хайир ккараб чи щивха?

Светлана Кравченко:: «Дида ккола лъие букIаниги щибниги щун батаниги, гьеб коррупционеразе щун бугин. Коррупционерал абуни гьел руго чIахIиял бизнесчагIи яги тIалъиялда ругел гIадамал. Гьезда гурони бажаруларо жидеего жо тIезабун. ГIадатиял гIадамал абуни мискинлъанин, язихълъанинцин абизе бегьула. Цебе гIадатияб, гIураб ресалда бугеб ва хIукуматалъухъа щибго гьарулареб хъизам букIун батани, гьанже гьел руго язихъал гIадамал. Гьебги Олимпиада сабаблъун. Олимпиада жибго гуреб, гьелъие хIадурлъи гьабулел рукIарал хъантIарал гIадамал сабаблъун.

Сочиялъул гIадамазе рагIи кьун букIана тIубанго цIияб инфраструктура базе: канализацияги цIи гьабизе, электрокваралгун лъел рогIралги цIиял рачине. Абулеб букIана шагьаралъул халкъалъе хIажатабинаб гьабизе бугин. Амма дида кIола абизе, дица Сочиялда гIумру гьабулеб бугебщинаб заманаялда киданиги букIинчIин гьадинаб гъал-магъир. Гьаниб киса-кибего тIугьдузул мацI букIараб бакIалда тIибитIун буго канализациялъул мацI. ЦIиял рукъзал ва нухал рарал бакIаздацин буго гьеб махI. Бищунго керен туризабула канлъи кьунгутIиялъ. Чанго къояца, анкьацацин рукIуна ниж электроэнергия гьечIо. Тукаби ругел ва гьениб лъурал кванил-нигIматал холел гIадамазул бизнес холеб гIадин, гIадатиял гIадамаз рокъоре росаралги холелъул дол кванил нигIматал. Гьедингоги язихъал гIадамал рокъобе босараб квен-тIехалдасацин махIрумлъулел руго. Киназулго ракI бакъвазабулеб буго гьелъ».

Политик Иван Стариковасул пикруялда Россиялъул аслияб масъала буго миллияб идея гьечIолъи.

Иван Стариков: «Кинабго халкъ цолъизабулеб гIаммаб идея гьечIолъи буго нилъер аслияб проблема. Гьеб хурхараб буго Сочиялъул Олимпиадаялдаги. футболалъул дунялалъул чемпионаталдаги, цоги гIемерал батIиял ва жидеда тIад хIатт хун гIемераб гIарац харж гьабурал проектазда. РакI чIун абизе кIола гьеб гIарцул кIудияб бутIа бикъизе бугинги.
Цоги рахъалъан советиял ва росссиялъул спорсменалги гьезул машгьурал бергьенлъабиги ракIалде щвезаруни, абизе кIола, узухъда, Россия мустахIикъаб бугин Олимпиада тIобитIизейин. Амма нилъер гьечIо миллияб идея. 2007 сон букIана нартихъ бищунго гIемер гIарацги щвараб улкаги экономикияб рахъалъ цебе туркIараб сон. Гьеб мехалдаса байбихьун араб анкьго соналда жаниб нилъеда бажаричIо миллияб пачалихъалъул букIиниселъул гIага-шагарогогIаги гIурхъаби рихьизаризе. Гьединлъидал, Сочиялъул Олимпиадаги букIине гьечIо цIикIкIунисеб халкъалъе Россия апатиялдаса борчIизе бугеб хьуллъун».

Кин бугониги Олимпиада лъугIилин, амма кинаб шагьаралда щал проблемабигун жал хутIизе ругелали ургъел бугев чи гьечIин рикIкIунеб буго Светлана Кварченкоца.

Светлана Кравченко: «Абула шагьар къачIан бугин берцинлъун бугин. Гьале жакъа свери бахъун букIана дица шагьаралда. Лъалищ гьеб сунда релъон бугебали? Гьеб релъон буго хварав чиясда бахараб пудраялда ва гьесда сверун лъурал тIугьдузда. Гьедин тIаса-масаго буго кинабго. Биххизабун буго кинабго инфраструктура, гьечIо электорток, гьечIо лъим. Рес буго Олимпиадаялъул заманалдаги шагьаралда тIубанго гьечIониги цо-цо мухъазда токги свинабун гьелдалъун хIаял хьезаризе.
Олимпиада лъугIун хадуб щиб букIине бугебалиги лъаларо. Гьелъие биччараб гIарац кинабго бухун буго. Гьанир хIалтIулел рукIарал ООО-ялгун ОАО-язги гьаниса ракь тезе буго. Биххараб шагьараги хутIизе буго. Гьанир хутIизе ругел гIадамаз гIумру кин гьабизе бугебали ургъел гьабулев чиги гьечIо».

Сочиялда Олимпиадаялде вачIине вуго цо миллионгун 500 азаргогIан гьобол, спортсменал рикIкIинчIого официалиял делегациялги малъун. Президент Путинил цIияб амруялда рекъон, киналго гьалбазул заманалъулаб регистрация гьабизе ккола лъабго къоялда жаниб. Петеразда чIолеб гьезул цо бутIаялъе кколаро гьел тадбирал. Гьезул регистрация гьенибго гьабула, амма хасал гIадамазул рукъзабахъ чIезе вугев гIемерав чиясе гьеб регистрация кин гьабизе бугебан ургъел ккун буго жакъаго Миграциониял хъулухъазул.



XS
SM
MD
LG