МагъчIваялъе рес

БагІараб Хъанч: Шамалда унеб буго гражданияб рагъ


Халкъазда гьоркьосеб БагІараб Хъанчалъул хъулухъчагІазул иргадулаб данделъи
Халкъазда гьоркьосеб БагІараб Хъанчалъул хъулухъчагІазул иргадулаб данделъи

Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница Шамалъул президент Башар Асад ахІана улкаялда гражданияб рагъ загьирлъизе биччачІого, хъулухъалдасан нахъе иналде. Гьелдаго цадахъ, россиялъул дипломатаз бажарарабщинаб гьабулеб буго Шамалда унел рагъул тунка-гІусиял гІадатаяб конфликт хІисабалда бихьизабиялъе. Гьедин бицунаго Эркенлъи радиоялъцл мухбир Кортни Бруксица суал лъолеб буго, «унеб бугищ Шамалда гражданияб рагъ?» абураб.

Халкъазда гьоркьосеб БагІараб ХъанчІалъул къиматалда, Шамалда унеб буго гражданияб рагъ. Амма Цолъарал миллатазул гІуцІиялъ официалияб къагІидаялда «гражданияб рагъ» абураб термин хІалтІизабулеб гьечІо гьанжеги. Гьедин букІаниги, гьелъ нахъ чІвалебги гьечІо БагІараб хъанчІалъул Шамалда загьирлъулеб ахІвал-хІалалъул классификация.

Гьадин лъазабуна, Цолъарал миллатазул гІуцІиялъул Генералияв секретарасул вакиль Мартин Нисельскияс, кинаб официалияб позиция бугеб нужер идараялъул гьениб загьирлъулеб ситуациялда бан, абураб суалалъе жаваб кьолаго.

Мартин Нисельски: «Нижеца кидаго абулебги букІана, Халкъазда гьоркьосеб БагІараб ХъанчІалъги абулебги буго, гьеб классификация данде кколеб ахІвал-хІал загьирлъулеб бугин цо-цо бакІаздайин. ТІолабго улкаялда гуро. Халкъазда гьоркьосеб гуманитарияб къануназда рес буго гьединаб ситуация загьирлъулеб мехалда кІиго къагІидаялда гьелъие къимат кьезе. Амма БагІараб Хъанчалъ кьураб къимат, нижеда бихьухъе, ккола кІвар кІудияблъун.»

ЧІван къотІараб магІна гьел рагІабазулъ бихьулеб гьечІониги, гьездасан бичІунеб буго Цолъарал миллатазул гІуцІи Халкъазда гьоркьсеб БагІараб ХъанчІалъул конфликталъул классификациялда цо рахъалъан разилъулеб букІин.

Дагьалъ цебеги БагІараб ХъанчІалъ шамалъул лъабго шагьар - Идлиб, Хомс, Хама ва гьезда сверухъ ругел территориябиги лъазаруна гражданияб рагъ унеб бакІ хІисабалда. Цолъарал миллатазул гІуцІи гьелъул къиматалда разилъулеб буго. Гьебин абуни ккола, гьениб халкъазда гьоркьосеб гуманитарияб къанун хІалтІизабизе бугилан абураб.

Шам. Зулму халат бахъунеб буго. Хомс шагьар. 2012 соналъул 26 июль
Шам. Зулму халат бахъунеб буго. Хомс шагьар. 2012 соналъул 26 июль
«The Century Foundation» абураб фондалъул гІалимчи, цадахъго Цолъарал миллатазул гІуцІиялъул эксперт Джеффри Лаурентица риккунеб буго Шамалда унеб конфликт гражданияб рагълъун лъазабулеб бугони, гьелъ Башар Асадил режималъе рес кьезе бугин, жидедего дандечІаразде данде тІадеги цІиккун къуват хІалтІизабизеян.

Джеффри Лауренти: «Гьединаб статус къабул гьабулеб бугони, гьеб ккола конфликталъул кІиябго рахъалъул легимитизация гьабиябгІадаб жо.»

Халкъаздагьоркьосеб БагIараб Хъанчалъул юристазул бихьиялда шамалъул конфликталъе гражданияб рагъалъул классификация кьолеб бугони, гьелъ гІагсалда рорчІизаризе бегьула, улкаялда загьирлъизе рес бугеб рагъулал такъсираздасан. Гьелъие гІиллалъун рукІине бегьула хІалтІизе байбихьизе кколел халкъазда гьоркьосел гуманитариял къанунал. БагІараб Хъанчалъул юрист Алексей Гьибица абулеб буго рагъ унеб мехалдацин ругила рахъаз тІаразаризе кколел халкъазда гьоркьосел къануналин. Рахъазда лъан букІине кколила, гьел туразаричІони, гьелдасан жавабчилъи баккулеб букІинила.


Кортни Брукс
XS
SM
MD
LG