МагъчIваялъе рес

Унтулеб бакI гьечIони инсан зигардуларо


"Унтараб лъимер". 1907 соналда суратчи Эдвард Мункица гьабураб сурат.
"Унтараб лъимер". 1907 соналда суратчи Эдвард Мункица гьабураб сурат.

Буллезний эпидермолиз абураб унтиялъ унтарал лъималазда «кIалкIучIалилан» абула. Унтараб лъимер гьеб рухIчIаголъиялда релълъинабиялъе гIилла ккола цо сунца бугониги тIомода ругъун лъей.

Сахлъи цIуниялъул халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул баяназда рекъон, 50 азарго лъимада гьоркьоса цоялъул гурони гьеб унти загьирлъулеб гьечIо. Гьеб ккеялъе гIиллаги лъазабизе кIолеб гьечIо.

Амма церетIуралин абулел улкабазда гьединал лъимал хьвадула мактабазде, рахъуна къватIире, хIатта гьарула хъизаналцин. Нилъер пачалихъалдайин абуни, гьединал лъимал къанагIат гурони 18 сон базегIан чIаго хутIулел гьечIо.

Сахлъи цIуниялъул министерлъиялда бицухъе, кьоларо гьезие чIорого дараби, ритIуларо гьел операцияби гьаризелъун къватIисел улкабазде. Кумек щола гIицIго волонтераздаса ва жамгIиял гIуцIабаздаса.

ХIакъикъаталдайин абуни, лъицаха гьезие кумек гьабизе кколеб? Щай пачалихъалъ гьединал лъималазул тIалаб гьабулареб?

Дагъистан Республикаялъул сахлъи цIуниялъул министр хисулей Ковтюх Татьянаца бицухъе, Дагъистаналда эпидермолизалъ унтун буго 30-гIанасеб лъимер.

КIиго соналъ цебе эпидермолизалъ унтарал лъималазе кумекалъе гIуцIараб «БЭЛА» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъул хIаракаталдалъун буллезний эпидермолиз захIматал унтабазул сияхIалде босана.

Амма босаниги щиб, гьеб сияхI кIийиде бикьана ва эпидермолиз гъорлъе инчIеб цояб бутIаялъе гурони чIорого дараби кьезе кколарин бихьизабуна.

Гьеб масъалаялъул цIех-рех гьабурай журналист МухIамадова Асиятица бицухъе, масала, унтараб цо лъимадул сахлъи цIунизелъун моцIрое къваригIунеб буго бищунго гIодобегIанасеб 40 азарго гъурущ.

Гьоркьохъеб куцалда ругънал ригъун ругони, I00 азарго гъурущцин гIоларила. Кисаха гьеб гIарац бахъилеб унтарал лъималазул эбел-инсуца?
МухIамадова Асият: «Умумуз, кIиго-лъабго хIалтIи цадахъ гьабун, лъималазе кIвараб кумек гьабулеб буго.

Дараби, хасго мазал ва бинтал рачIинаризе ккола Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, хIатта, Германиялдасацин. Амма моцIрол пенсия гурони, пачалихъалъул рахъалдасан кинаб бугниги кумек гьезие щолеб гьечIо.

Гьединаб унтиялъ унтараб цо лъимадул эбел Раисатица бицухъе,

гьелъги гьелго гIадал цогидазги гIарз бахъичIеб бакI хутIун гьечIо. Кагъат хъван буго республикаялъул президентасухъеги. Гьеб хъваралдаса бащдаб лъагIел аниги, щибго хисунги гьечIо.

ТIаде къабулго гьарулищ кумек гьабеян рачIарал лъималазул улбул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ ва гьечIищ гьезул рес цониги лъимер къватIисел улкабаздегIаги сах гьабизелъун битIизе? Гьеб суал кьуна нижеца Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул хIалтIухъан Ковтюх Татьянае.

Ковтюх Татьяна: «РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялда буго хасаб комиссия. Гьенибе хъвазе ккола гIарза. Гьеб мехалда гьелъ хал гьабула щибаб хIужаялъул ва кIолеб бугони, ритIула лъимал къватIисел улкабаздеги».

Дагъистаналъул «Медицинаялъулаб газеталда» хъван букIана цIияб соналдаса нахъе захIматал унтаби ругезе ва лугби хисун лъеялъе операциял гьаруразе щибаб моцIалъ пачалихъалъ 35 азарго (ялъуни цIикIкIун) гъурущ кьезе бугилан.

Гьеб хабар ритIухъаб бугищали лъазелъун ахIана министерлъиялде. Гьениб нижее чIванкъотIараб жаваб кьечIо эпидермолиз ине бугищ пособие щвезе кколеб къокъаялде гьоркьобеян цIехедал. СияхIалда рекъон, ине ккола. Щайгурелъул, гьеб буго орфаннияб унти, - ян абуна министерлъиялъул вакилалъ. Амма кин ккелебали лъаларин тIадеги жубана.

РФялъул сахлъи цIуниялъул министерствоялъул сайталда, я ихтияр цIунулезул официалиял сайтазда гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб баян батичIо. Кибго хъван буго цо-цоязе 35 азарго гъурущ щвезе бугилан.

Амма лъица ва кидал хъвараб хIукму гьеб ва киб гьелъул хIакъалъулъ мухIканго цIализе бегьулебали бихьизабун гьечIо.

ХIасанов Темирхан: «Гьединал унтарал лъималазе кумек гьабула гурхIел-рахIмуялъулал фондазги. Масала, цо лъимер Германиялде битIизелъун гIарац балагьизе хIаракат бахъана «БацIцIадаб ракI» абураб фондалъ. Гьелъ балагьана унтарав цо васасул цоцазда рекIун хутIарал килщал цояб квералдасагIаги ратIа гьаризе къваригIунеб операциялъе 28 азарго евро».

Рехсараб фондалъул хIалтIухъана ХIасанов Темирханица бицухъе, кумек гьабилин лъазабун букIун буго Русфондалъги. Гьеб фондалде кIалъарай журналист МухIамадова Асиятица бицана фондалъ гIарац бакIари гьоркьоб къотIизе тун гьечIин.

МухIамадова Асият: «Русфондалде кIалъайдал, нижеда бицана кIвараб куцалда бакIарулин лъималазе гIарац ва Дагъистаналдаса анцIгоялдаса цIикIкIун лъимер бугин жидеца кумек гьабизелъун гIарац бакIарулеб. Гьезул цо чангоял эпидермолизалъ унтарал кколила».

Русфондалда бицухъе, 20I3 соналда гьез унтарал лъималазе кумекалъе бакIарун буго цо млрд 672 млн гъурущ.

ЛъикIаб мисал бихьизабуна ахираб кIиго соналда Москваялъ. Гьениб 20I2-20I3 соналъе къабул гьабуна эпидермолизалъ унтарал лъималазе ва чIахIиязе кумекалъе программа.

Гьелда рекъон, биччана бюджеталдаса 1,5 млн гъурущ ва щвезаруна унтаразе дараби, кумек гьабуна малъа-хъваяздалъун, транспорталдалъун.

Гьайгьай, лъикIаб букIинаан гьединабго программа Дагъистаналъги къабул гьабуни. 1,5 млн гъурущ цIакъго гIемераб гIарацги гурелъулха.
XS
SM
MD
LG