МагъчIваялъе рес

ЧIарахъа Ших-ШагIбан


ЧIарахъа Ших-ШагIбан
ЧIарахъа Ших-ШагIбан

Аваразул халкъияб фольклоралъулъ гьесул таватур тIибитIана «Гету-ШагIбан», «Ших-ШагIбан» абун, ХVIII гIасруялъул авалалда Турциялъул жасусас гьесде абулеб буго «Бидулав ШагIбанилан» («Канлы-ШагIбан»), Персиялъул ханзабазул тарихчи МухIамад-Казимица гьесул хIакъалъулъ хъвалеб буго «ХIажи ШагIбан», «Мулла ШагIбан» абун, ХVIII къарнуялъул ЧIарлъиялъул къади МуртазагIалицаги гьесул цIар рехсолеб буго «ХIажи ШагIбан» илан.

«Гету» («кето») ва «бидулав» абурал тIокIцIараз бицунеб батани ШагIбантирияв, лебалав, бахIарчияв, гьунар бугев бодул цевехъан вукIин, «хIажи», «мулла» ва хасго «ших» («шайих») абурал рагIабаз бихьизабулеб буго гьев гъваридго диниял гIелмаби лъалев, хIеж борхарав гIалимчи гуревги, Алазан гIорул квегIаб рагIаллъуда ругел аза-азар гуржиял исламалде рачарав дагIватчи вукIинги.

ГьабсагIат Закатала мухъалда гIумру гьабун вугев 17азарго гуржияв ккола шапигIияб мазгьабалъул суннаталъул агьлу, бусурбаби. ХVIII гIасруялъул байбихьуда ШагIбаница бусурбан гьарурал гуржиязул наслаби руго гьел.
1865 соналда Россиялъул чиновникI А. Посербскияс ЧIарлъиялда хъвана ШагIбанил хIакъалъулъ гьадинаб бицен: «Чабхъеназулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ, Кахетиялъул гIорхъода бугеб къед бахине гьесул букIараб лебаллъиялъухъ «Гету-ШагIбан» абун тIокIцIар щун буго НухIиязул тухумалъул цевехъанасе. Хадубккун, гьел рагъулал гьунаразе гIоло ва МухIаммадил дин (ислам) тIибитIизабулаго бахъараб хIаракаталъухъ гьесие кьуна цIияб цIар -шайих, ай Аллагьасе вокьулев, валияв».

ЧIар республика цебетIей

ХVIII гIасруялъул авалалда ЧIар республикаялъул политикияб асар цIикIкIана тIолабго Закавказьеялда. Гьеб регионалъул «тарихияб байданалда» ЧIарлъиялъул гуч кутаклъана гьениб чияда бачIеб аваразул пачалихъ лъугьиналъ – ЧIар республика. Хунзахъ тахшагьар бугеб аваразул нуцаллъиялъулгун цохIого политика (союзнияб) букIана ЧIар республикаялъул. Закавказьеялъул политикаялъулъ гуребги, сверухъ ругел чIахIиял пачалихъазул гIумруялъулъги гIахьаллъи гьабизе байбихьана ЧIарлъиялъ. СултIаназулаб Турциялъги Шагьазулаб Персиялъги ЧIарлъул (ЦIоралъул) магIарулазда гьарулеб букIана батIи-батIиял суалазулъ жидее кумек гьабеян.

ХVIII гIасруялда ЧIар республикаялъул букIараб гучалъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго тарихчи И. П. Петрушевскияс: «Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги гIисинал ханлъабазул гуребги, ЧIарлъиялъ рахъкквеялда бараб букIана цоцазулъ къеркьолел ругел Турциялъулги Персиялъулги бергьин-къей, гьезул политика. Турциялъги Персиялъги хIаракат бахъулеб букIана ЧIаралъулгун рекъел хъвазе, гьудуллъи гьабизе, гьеб союзниклъун лъугьинабизе. Суннаталъул агьлуйилан, ЧIаралъ гIемерисеб мехалда рахъкколаан Турциялъул.

ЧIаралдаса цIакъ рикIкIадал ракьаздеги чабхъенал гьарулаан гьезул рагъухъабазул къокъабаз. 1710 соналда гьез бахъана Шемаха ва талавур гьабуна Ширван. 1714 соналда Кахетиялъул къирал Имам-Кули-ханас тIаде босана ЧIаралъе лъагIалие нусго туман магъало кьезе (ХVIII
гIасруялъул ЧIаралъул хроникаялдаги рехсон буго гьеб баян, амма гьениб бихьизабун буго батIияб сон – 1715). 1722 соналда ЧIаргун Белоканалъул авараз Типлис бахъана (ЧIаралъул хроникаялда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго 1723 соналъул 16 маялда), 60азарго туман къеялъул гIакIаги (контрибуция) тIадлъун тана гьеб шагьар».

ЧIар республикаялъул асаралда гъоркь ХVIII гIасруялда рукIана Дагъистаналда ругел аваразул гIезегIан жамагIатал, гIаммал политикиялги экономикиялги мурадал гурелги, гIагарлъиялъул бухьеналги рукIана гьезда гьоркьор. ЧIаралъул аваразда нахъа буцур гIадин чIун рукIана цогидаб Дагъистаналъул аварал. Югалъул пачалихъазулгун къеркьеязулъ, хасго Ираналда ва Турциялда данде гьарулел рагъазулъ гьеб тылалъул цIакъго кIудияб кIвар букIана. Югалъул (ЧIар республикаялъул) авараз гьарулел киналго рагъазулъ гIахьаллъана Севералъул (аслияб Дагъистаналъул) аваралги. ЧIар республика гьедин цебетIезабизе ва гучлъизабизе гъеж гурун хIалтIана нилъеца бицен гьабулев Ших-ШагIбанги.

КIудияб хъулухъалъул Турциялъул жасусас ГIусманиязул империялъул султIанасухъе хъвараб балъгояб хIисабкьеялъул кагътида руго гьадинал мухъал: «…Азаралда нусиялда къоло микьабилеб соналда (1716) гьаб улкаялъул бакътIерхьул рахъалда (ГIажам) Канлы-ШагIбанил ва молла ГIабдуллагьил бетIерлъиялда гъоркь (гьел ккола Ших-ШагIбан ваЧIар росдада аскIоб бугеб Тала росулъа ГIабдуллагь) Джархарнахийе абулеб ункъо росулъа чабхъад вахъана кIиазарго лезгияв. Цевеккун рехсарав Типлисалъул ханасда, битIараб нухдаса къосун ккарав Вахтангида, ва цоги гуржиязул капурзабазда бичIчIана жидеда дандечIей гьабизе бажарунгутIи (лезгиязда данде), гьоркьоб лъуна (гьеб суал) ва доб къавмалда гурхIел-цIоб гьабеян гьарана. Гьеб къавмалъги, «РахIму гьаби – бергьенлъиялъул закагIат» абураб кициги гIадахъ босун, гьезда гурхIел гьабуна. Гьаб битIккараб сон тIаде щвезегIанги (1135 -1722) гьезда гьоркьоб парахалъи буго».

Грузиялда жидеца тарал ханзабазда аваразул пачалихъ биххизабизе кIунгутIи ва къоялдаса къоялде ЧIарлъиялъул шавкат цIикIкIин хIехьон чIезе ракIалда букIинчIо персазда. ЦIоралъул магIарулазул гъункараб, къуватаб, тIалабал цIикIкIараб пачалихъалъ кIудияб квалквал гьабулеб букIана Персиялъе Закавказьеялда жиндирго политика билълъанхъизабизе. Авараздасан бугеб гьеб хIинкъи лъугIизабизе нигатгун 1720 соналда Персиялъул шагьас ракIарана «щайтIаби гIадал рагъухъабазул кIикъоазарго чи, щуго хан ва Ширваналъул къирал ХIасан ГIали-хан». Шеки ханлъиялъул гIатIидаб авлахъалда урду чIвана гъизилбашазул боялъ.

ГIалибей Бедреддинзадеца хъвалеб буго: «ЧIаралъулал гъизилбашазул аскаралда тIаде кIанцIана цудунаб радалгIужалда, гьез чIвана рехсарал бодул церехъабиги, ханзабиги, гIемерисел рагъухъабиги, нахъе хутIарал асир гьарун ана, дозухъе ккана кинабго къайи-цIа, хазина ва боцIи-панз. ЧIваразул гIемерлъиялъ, жаназабаздаса бахъараб махIалъ, гьеб кьалул авлахъ лъугьана я гIадамал, я гIалхул хIайванал унареб бакIлъун, хIанчIаздацин кIолароан гьеб авлахъалда тIасан роржине, гьенисан букIараб къокъиднух рехун тезе ккана гIадамазги».

Гьединаб къеялдаса хадуб Ираналъул Закавказьеялда букIараб асар гIемерго загIиплъана. Гьайгьай, гьеб ахIвал-хIалалдаса пайда босичIого течIо ГIусманиязул султIанаталъ. 1720-абилел соназул бащалъиялде Грузиялъул гIемерисеб ракь султIанаталъ бахъана. 1727 соналда ЧIар республикаялда ва ГIусманиязул империялда гьоркьоб рагъ ккана. ЧIарлъи жидер пачалихъалъул ракьлъун рикIкIине лъугьана туркал. Лъиего мутIигIлъичIел магIарулал гьелда рази рукIинчIо. Кахетиялде ва Картлиялде ЧIаралъул авараз гьарулел чабхъенал гьукъизе ва гуржиязулгун гьез гьабулеб даран жидерго кверщаликье босизе рес щвезе 1727 соналда Алазан гIорул кваранаб рагIаллъуда хъала базе байбихьана турказ. ЧIаралдаса Кахетиялде нухги бугеб, стратегиялъул кIваралъул бакI букIана гьеб.

ЧIаралъул магIарулал тохлъукьего тIаде кIанцIана гьеб хъалаялъул гарнизоналда, чIвана щунусго туркав ва щулалъи баялъул хIалтIаби чIезаруна. Гьелда тIадеги, гьеб хъала тIубанго щущазабуна. БатIи-батIиял тIахьазда ва хроникабазда хъвалеб буго гьеб чабхъеналъул хIакъалъулъ. Масала, П. Г. Бутковас ва цогидазги. Гьеб лъугьа-бахъин мухIканго цебечIезабулеб буго «ЧIарлъул рагъазул хроника» абураб тIехьалда.1727 соналъул сентябралъул ахиралда гIусманиязул комендант Шурали-пашагигьез Кахетиялда тарав нухмалъулев МухIамад-Кули-ханги жеги бан бахъинчIеб хъалаялъур рещтIуна. Октябралъул ахиралда магIарулаз микьго къоялъ сверун ккола гьеб щулалъи. Хъала цIунун ругезе кумекалъе ритIун рачIуна лъабазарго гуржиявги лъабнусго туркавги. Югалъулаб рахъалдасан аваразда тIаде кIанцIула гьел. Гьениб ккараб рагъул хIасилалда чIвана гIага-шагарго ункънусго гуржиявги къого туркавги, магIарулазул – ЧIар росулъа 25 рагъухъан, Талаялдаса – ункъояв ва Чинихалдаса – цояв.

Гьеб рагъалдаса хадуб тIокIаб турказ хIалбихьичIо ЧIарлъи жидерго кверщаликье бачине, аваразулгун къотIи-къаязул политика тIасабищана гьез.1727 соналда турказулгун ккараб гьеб рагъулъги бищунго хIаракатаб гIахьаллъи гьабуна Ших-ШагIбаница.

ХVIII гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда ЧIар республикаялъ гIемерал рагъал гьаризе ккана, жиндирго ракьги, эркенлъиги, политикаги цIунун, гуржиязул къиралзабазулгун ва феодалазулгун, Турциялъул пашазабазулгун, Ираналъул шагьзабаз Закавказьеялда тарал нухмалъулезулгун. Хадуб гьел къеркьана Надир-шагьасул аскаразда дандеги. Цо нухалъ гуро ЧIар росу ва цогидал магIарулазул росаби тушбабаз рухIарал, талавур гьарурал, пихъил гъутIби къотIарал, магIишат щущазабураб. Масала, 1735 соналъул январалда ва февралалда Надир-шагьасул бодул цевехъан МухIамад-кули-ханас рухIана ЧIар, Тала, КIатIихъ, ЧIардахъ росаби. «ЦIоралъул аваразул рагъазул тарих» абураб тIехьалда хъвалеб буго хадуб 1741 соналдаги Надир-шагьасул аскараз ЧIар, Закатала ва цогидалги магIарулазул росаби риххизарунилан.

Надир-шагьасул заман

1730-абилел соназда Персиялъул шагьлъун лъугьана Тахмасп-кули-хан, гьес жив «Надир-шагь» вугилан рагIизабуна. Турказул кумекалдалъун севериябгун бакъбаккул Азербайжаналъул гIемерисеб ракьалда тIад кверщел гьабурав Гъазигъумекиса Сурхай-ханасда жиндие мутIигIлъейилан лъазабуна Надир-шагьас. Сурхайица чIванкъотIун инкар гьабидал, 1734 соналда Надир гьесда данде чабхъад вахъана. Сурхай-хан къуна ва мугIрузде нахъе къазе ккана. Надир-шагь гьесда хадув къокъана. Персазул тарихиял тIахьазда хъвавухъе, Надир-шагьас, «Шекиялде щваралго, къайи-цIаги рагъулъ хIажалъуларебщинаб жоги Ширваналде битIун, гъизилбашазул 14азарго багьадурги цадахъ вачун, тIоцебесеб иргаялда чабхъен гьабуна ЧIаралде ва Талаялде».

Гьедин 1734 соналъул ноябралда персазул къокъаби щвана ЧIар республикаялъул гIорхъода бугеб Биладжик росдада аскIоре. Биладжикалъулазул гьари къабул гьабун, персазулгун рагъде рахъана чIаралъулал. Амма къуна ва нахъе къазе ккана. МагIарулазда цадахъ рилълъана биладжикалъулалги. Алазан гIорул квегIаб рагIал чIван хадур рачIана Надир-шагьасул боял. Гьеб заманалде Елисуялъул султIан шагьасе мутIигIлъана. Жиндасан мисал босеян абулеб букIана гьес ЧIар республикаялъул церехъабаздаги.

Персиялъул тарихчи МухIаммад-Казим:«Шамхаласухъе, ХIажи-ШагIбанихъе ва цогидалги гьеб ракьалъул церехъабазухъе вачIун, уцмияс (Елисуялъул султIанас) гьезда гьарулеб ва гьудуллъиялдалъун гьезие гIакълу кьолеб букIана шагьасе мукIурлъизе, амма гъоб талихI къосараб къавмалъ гьесул рагIабазухъ гIинтIамичIо. Щулиял бакIазда руччабигун лъималги рахчизарун, хъала цIунизе лъугьана гьел».

1735 соналъул январалда Алазанги Агри-чайги цолъулеб бакIалда цIидасанги рагъ ккана магIарулаздаги персаздаги гьоркьоб, цIидасанги бергьана персал. ГIиси-бикъинал тунка-гIусиязул ва ракълилал гара-чIвариязул хIасилалда МухIаммад-кули-ханас бетIерлъи гьабулел персазул боял Тала росдада гIагарлъухъе щвана. Персаз рахъана Тала, ЦIилбан, ЧIар ва цогидалги аваразул росаби. ГIодоблъиялда ругел гьел росабалъа аваралги гуржиялги мугIрузде нахъе къана. Живго Надир-шагьасул бетIерлъиялда гъоркь ЧIар росулъ урду чIван чIарал персаз сверухъ ругел аваразул росабалъе чабхъенал гьарулел рукIана. Гьел росабалъ гIадамал рукIинчIо. Гъизилбашаз рухIана ва талавур гьаруна ЧIар, Тала, КIатIихъ, ЧIардахъ росаби ва гьенир гIодоблъиялда ругел гуржиязул росабиги.

ЦIоралъул магIарулазул Жунгузулгин абураб щулалъи бахъизе кIвечIо Надир-шагьасул аскаразда. Гьеб цIунулеб букIана кIикъого чIаралъулас. Гьезие хIалае рагъухъабазул къокъагун тIаде гIунтIана Сурхай-ханасул вас МуртазагIали. ЧIарлъи цIунун вагъулаго, кверда гулил ругъун щвана гьесда. Гьел лъугьа-бахъинал ккана 1147 соналъул рамазан моцIалда, ай 1735 соналъул январалда ва февралалда. Надир-шагьасул хиялал хIорлъана гьеб соналда: ЧIар республикаялъул тахшагьар – магIарда бугеб хъала Гъолода бахъизе кIвечIо гьесда. Шагьасе мутIигIлъичIел гIезегIан росаби хутIана ЦIоралда.

1735 соналъул марталда гъизилбашаз ЧIарлъи тана. Шемахивеги ун, гьенисан Дербенталде къокъана Надир-шагь. Гьесул историограф МухIаммад-Казимица хадубги хъвалеб буго шагьас Елисуялъул султIан витIанила «Сурхайихъе ва ХIажи-ШагIбанихъе гьел жиндирго рахъалде цIазе, ва, тIирунчIейги рехун тун, цIодорлъиялъул нуцIа гьезда рагьизабизе, цинги дунял жиндие мутIигIасул рагьде гьел тIадруссинаризе». Надир-шагьас рагьда тарав гьев тарихчиясда божани, Сурхай-ханасда цадахъ ХIажи-ШагIбанги табасараназул майсумги, мустахIикъал сайигъаталги росун, «гьев талихIав кверщелчиясухъе» (Надирихъе) ун руго. Гьезие жаваб гьабун, Надирицаги «кьуна Сурхайие ва ХIажи-ШагIбание сайигъатал ва тасдикъ гьабуна, цебего гIадин, санайилго Дагъистаналъул рахъалдасан вакилзаби къабул гьаризе ва гьезие анкьазарго туман кьезе ва тIадруссун ритIизе».

Бихьулеб буго МухIаммад-Казимица жиндирго тIехьалда гъалатIал риччалел рукIин. Масала, гьес хъвалеб буго 1734-1735 соназда Надир-шагьас ЧIаралде цо чабхъен гьабунилан. ХIакъикъаталдайин абуни гьел соназда Надирица кIиго чабхъен гьабуна ЧIарлъиялде (кIиабилелъул хIакъалъулъ хадуб бицине буго). Гьеб кIиябго рагъулги шагьасе бокьараб хIасил ккечIо – гIезегIан росаби щущазаруниги, ЦIоралъул аварал мутIигI гьаризе гьесухъа бажаричIо. ЧIаралъулал Надир-шагьасе мукIурлъун рукIарал ратани, жиндирго кIиго чабхъеналдаса хадуб, лъабабилеб аскаргун 1738 соналда жиндирго вац Ибрагьим-хан щай гьес ЦIоралъул аварал квегъеян амругун витIарав?
1735 соналъул ноябралда Надир-шагьас бетIерлъи гьабулел гъизилбашал кIиабизеги рачIана ЧIарлъиялде.

Гьесул кIиабилеб чабхъеналъул бицунеб хъвай-хъвагIай буго ЦIоралъул ракьалда: «Хурасаналдаса Надир-шагь ЧIар ва Закатала росабалъе жаниве лъугьана хамиз къоялъ, ражабалъул байбихьуда, 1148 соналда (1735 соналъул 17 ноябралда)». 23 ноябралда Надир-шагьас урду чIвана Тала-гIорул расалъиялда, ЧIар ва Тала росабазда гьоркьоб. Билканалдаса Мухахалде щвезегIан, гIодоблъиялда ругел росабалъа магIарулал, хъизан-лъималги мугIрузде щвезарун, 25 ноябралда ЧIар росулъе тIадруссана. Жунгузулгин абураб магIарулазул щулалъиялда аскIоб букIана Надир-шагьасул чIел.

МугIрузде унел руччабаздагун лъималазда хадуб бачIараб гъизилбашазул къокъа, КацIиб щобдасан Гъолоде бахие течIого, гъурана чIаралъулаз. Гьеб къокъадул цевехъан Бабаханги 140 гъизилбашги чIвана гьенив. Гьел ва гьединалго рагъазул хIасилалда, кIиабилеб чабхъеналъулги икъбал битIичIев Надир-шагь ЧIарахъа нахъе къазе ккана. Къого чияс гурони цIунулеб букIинчIониги, Жунгузулгин щулалъиялда гьаб нухалдаги квер хъатIичIо персазул. ЧIар росулъ хутIарав къого херав ва унтарав магIаруласул 15 чи чIвана гъизилбашаз, щугояв асирлъуде вачун ана.

ЧIарлъиялде лъабабилеб чабхъен гъизилбашаз гьабуна Надир-шагьас Закавказьеги кодобе кьун тарав гьесул вац Ибрагьим-ханасул бетIерлъиялда гъоркь. ЦIоралда ганчIида гьабураб хъвай-хъвагIаялда буго гьадинаб баян: «(Ибрагьим-хан) вачIана ЧIар ва Закатала росабалъе, рикIкIен гIемерал аскаралги рачун, 1151 (1738) соналда. Амма гьев чIвана ЧIаралъул магIарда, гьесул аскар къуна ва лъутана». Ибрагьим-ханасул гьеб рагъулги гьелъул ккарал хIасилазулги хасаб кIвар буго. Персаз ЦIоралде гьабураб гьеб чабхъеналъул хIакъалъулъ мухIканго хъван букIана ГIадалав Ибрагьимил бицунеб очеркалдаги.

Гьединлъидал гьаб макъалаялда рехсолел руго «ХIажи-ШагIбанида», ялъуни «Мулла-ШагIбанида» хурхарал лъугьа-бахъинал. Гъовго МухIаммад-Казимица хъвалеб буго: «(Елисуялъул султIанас( уцмияс) Мулла ШагIбанихъе ва Сурхайил вас МуртазагIалихъе кагътал хъвана, гьезда гьадин абулеб букIана: «Жиндир бетIерчIахъаяв сахиб-киранил (Надирил) вац гьабсагIат кIудияб аскаргун Аракс гIурул рагIалде щун вуго ва гьес дихъе кагъат битIун бачIана, кедхудалаги харабиги цадахъ рачун, гьесул тIадегIанаб чIел бугеб бакIалде ана ниж. Нужецаги, бодул церехъабаз, рехун те тушманлъиги дагIба-гIарзги. ТIадегIанаб чIел бугеб бакIалде нуж рачIани, иш лъикI букIине буго». Гьел кагъталги хъван, (уцмияс) гьел доб ракьалде ритIана, живго тIадегIанаб чIел бугеб бакIалде ана ( Ибрагьим-ханасухъе). (МагIарулазул) церехъабаз ва къавмазул бутIруз (сархилан), кагъат цIалидал, мутIигIлъизе инкар гьабуна, хвалилаб рагъде хIадуризе байбихьана гьез».

ЧIарлъиялъул къади МуртазагIалил баяназда рекъон, персаз гьабураб гьеб лъабабилеб чабхъеналъул заманалда, Гъолода росдада аскIоб ккараб рагъда чIван йиго ХIажи-ШагIбанил лъади. Гьеб чабхъада Ибрагьим-хан чIвана, гьесул бодул 32азарго рагъухъанасул ункъазарго чи гурони нахъе хутIичIо.
Вац чIваялъ тIури щварав Надир-шагьас жиндир бищунго гьунар бугев бодул цевехъан витIана ЧIаралде – афгъанав Гъани-хан.

Надирица гьесие буюрухъ кьуна киналго ЦIоралъул аварал гъурун лъугIизареян. Персазул бояз ЧIарлъиялде гьабураб гьеб ункъабилеб чабхъеналъулги рагIа-ракьанде щун бицун букIана ГIадалав Ибрагьимил хIакъалъулъ хъвараб очеркалда. Гьединлъидал Ших-ШагIбанил къисматалъул бицун толеб буго. Довго МухIаммад-Казимица хъваралда рекъон, гьев Гъани-ханас Гъолода тахшагьар бахъараб рагъулъ 1741 соналда къадаралде щун вуго ХIажи-ШагIбанги: «Гьеб рукIкIараб къоялъ Ибрагьим Диванецаги, Халил абурав цоясги, ХIажи-ШагIбаницаги, Рапи абурав цогиясги ва гIемерал цогидал машгьурал церехъабазги афгъаназул чIоразда гъоркь хвалил малаикасухъе (ГIизраиласухъе) кьуна рухIал».

Умумулги ирсилалги

1741 соналда Гъолода шагьар цIунулаго Ших-ШагIбан чIвараблъи лъалеб буго нилъеда. Амма гьев гьавураб заман мухIканго лъалеб гьечIо. 1738 ва 1741 соналъул лъугьа-бахъиназул бицунелъул, персаз ШагIбанил цIар цебе гIадин гIемер рехсолеб гьечIо. Гьел соназда ЦIоралъул магIарулазул бодул церехъаби рукIана ГIадалав Ибрагьимги Талануса Халилги.

Гьелъул магIна буго гьеб заманалда Ших-ШагIбан ригь арав чи вукIанилан абураб. 1710-абилел соназдаго чабхъенал гьарулев вукIарав гьев 1730-абилел ва 1740-абилел соназда цIикIкIараб ригьалъул чи вукIинарищха. Гьедин букIаниги, гьес 1734-1735 соназда дипломатиял ишазулъ, гара-чIвариязулъ гIахьаллъи гьабулеб буго, ЦIоралъул аваразул цIаралдасан Надир-шагьасулгун къотIаби гьарулев вуго, шагьасги гьев шавкат цIикIкIарав ва машгьурав Дагъистаналъул феодал Гъазигъумекиса Сурхай-ханасул даражаялъул чи гIадин къабул гьавулев вуго. Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, Ших-ШагIбан гьавун вукIине ккола 1670-абилел соназда.

НухIиязул тухумалъул чи ккола Ших-ШагIбан. 1960-абилел соназда этнограф М.Косвеница кагътиде босун буго гьадинаб бицен: «Гьанжесеб Закатала районалъул ЧIар росулъа магIарулазул бицен буго кIиго бахIарчиясул хIакъалъулъ: Гету-ШагIбанил («кето») ва БацIа-КахIавасул («хъахIаб бацI»), гьездасан лъугьараб буго ЧIаралъул аваразул кIиго аслияб кьибил – НухIилазул ва Чимчилазул».

ЦIоралъул тарихиял тIахьазда хъван буго машгьурав гIалимчи Гъолодаса Малла-МухIаммад НухIиязул тухумалъул чи вукIанилан. XX гIасруялдаНакIкIазул МухIаммадица автор лъалареб некIсияб тIехьалдасан хъвараб НухIиязул тухумалъул генеалогиялда бихьизабун буго Гъолодаса Малла-МухIаммадил эмен ГIали вукIанилан, гьесулги эмен – НухI. Гьеб генеалогиялда мугъчIвай гьабуни, Малла-МухIаммадил вас кколев вуго Ших-ШагIбан, гьесдаса НакIкIазул МухIаммадиде щвезегIан сверарал наслабазул читIир лъалеб буго: МахIама, Бутай, Тахтабаш, Кашда, НакIкIав, ХIасан (НакIкIа-ХIасан), МалламухIаммад, МухIамаламин ( Ваци), МалламухIума, НакIкIав (генеалогия батарасул эмен). Гьеб генеалогиялъул баяназухъ балагьани, Ших-ШагIбан вукIун вуго Гъолодаса Малла-МухIаммадица 60 сон барабго гьавурав вас.

Гьеб тухумалъул цоги генеалогияб гъветIги кодобе щун буго. Гьелъги тасдикъ гьабула НакIкIазул МухIаммадида батараб документ битIараб букIин. ТIоцеве гьенивги рехсон вуго НухI, хадув – гьесул вас ГIали. Хадусел гIелал гьадин хисун руго: МухIаммад (Малла-МухIаммад ал-Гъолоди), Ших-ШагIбан, МахIама, Буттай, Тахтабаш (гьесул анкьго вас вукIун вуго).

НухIиязул тухумалда жаниб Ших-ШагIбанил хасаб гIаркьел лъугьана. 1874 соналда гьабараб Закаталаялъулаб сословиязулгун ракьул комиссиялъул документазда ЧIарлъулазул фамилиязда гьоркьор хъван руго «Ших-ШагIбанил наслуялъул чагIиги». Гьезие машгьурлъи щвана «Кашдалал» абараб фамилиялда гъоркь, ЧIаралъул республикаялъул бодул церехъабазул ва гIуцIарухъабазул фамилия ккола гьеб. НухIиязул тухумалъул анкьго рукъалъул цояб ккола Кашдалал, гьабсагIатги «Кашдаевы» абун фамилияги буго гьезул нахъе цIунун хутIун.
XS
SM
MD
LG