МагъчIваялъе рес

РитIухълъи балагьун Бастрыкинихъе кагътал


Исана июль моцIалда чIваhав журналист АхIмаднабиев АхIмаднаби.
Исана июль моцIалда чIваhав журналист АхIмаднабиев АхIмаднаби.

Исана июль моцIалда, журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялда хурхун, гьабураб такъсиргьабиялъул иш рагьизе букIине кколеб хIалтIи гьабулеб гьечIин, лъазабулеб буго гьесул адвокат ГIабдурашид Шейховас. Гьеб иш Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул халгьабиялде босейилан кагъатги хъван букIана гьес цебехун рехсараб идараялъул бетIер Александр Бастрыкинихъе.

Адвокат ГIабдурашид Шейховас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул бетIер Александр Бастрыкинихъе хъвараб жиндир кагътие жеги жаваб бачIинчIилан. Гьеб кагътида адвокатас хъвалеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз букIине кколедухъ гьабулеб гьечIин АхIмаднабиев чIваялъул такъсирияб иш рагьиялъе хIалтIийилан. Гьесул пикруялда рекъон Дагъистаналъул къуваталъул идарабазе гьеб иш рагьунги къваригIун гьечIо.

ГIабдурашид Шейхов: «ЦIех-рех чIагIаз гьабгощинаб заманалда жаниб букIине кколедухъ хIалтIи гIуцIун гьечIо, цохIониги гьез гьабизе кколеб цIех-рехалъул тадбирцин тIобитIун гьечIо. Лъабго моцI ана АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваралдаса нахъе. Гьеб заманалда жаниб хIалтIизе бокьун букIарабани хасал идарабазе цо кинаб бугониги хIасил ккун букIинаан. ХIасилалги хIалтIиги бихьулеб гьечIолъиялъин дица Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул бетIерасухъе гьеб ишалда хадуб нужецаго халкквейин, яги гьенибеги босун хал гьабейин абун кагъат хъван букIараб. Жеги гьелъие жавабги щвечIо. Къануналда рекъон цо моцIида жаниб халгьабизе ккола гьеб кагътил. Ццим бахъиялъ хъвана дица гьеб кагъат. Щай гурелъул дида бичIчIулеб бугелъул нилъер цIех-рех чагIазе гьеб такъсир рагьиялъе хIалтIи гьабизе бокьун гьечIолъи»

«Эркенлъи» радиоялъ гьеб АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул иш рагьиялъе хIалтIи гьабунгутIи Дагъистаналъул цIех-рехалъул хIалтIухъабазул бажари гьечIолъиялдайищин бан бугеб, яги цо лъица букIаниги гьеб рагьиялъе квалквал гьабулебищин абураб суал кьуна ГIабдурашид Шейховасе. Гьелъие гьадинаб жаваб кьуна адвокатас :

ГIабдурашид Шейхов: «Гьеб иш рагьиялъе лъица букIаниги квалквал гьабулеб бугин абурал хIужжаби гьечIо дихъ. Гьединлъидал гьадин батила додин батила абун шакдаризе бокьун гьечIо. Амма хIакъаб жо буго такъсир рагьиялъул иш цебехун унеб гьечIолъи. Лъабго моцIида жаниб такъсир ккараб бакIалда тIоритIизе кколел хасал экспертизабицин гьарун гьечIо. Гьелде тIадеги цIех-рех чагIазе гьеб такъсир рагьиялъул ургъел гьечIин абиялъе цойги гIиллаги буго. ЧанцIул дунги АхIмаднабиги хъвадараниги гьев чIвазе къасд гьабиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун букIинчIо гьелъ къуваталъул идарабаз. Къайи-къоно хвезабиялда хурхинабун гурони рагьичIо гьеб такъсиргьабиялъул иш. Заманалда гьелде кIвар кьун букIарабани жакъа АхIмаднаби нахъе вукIинеги бегьулаан»

Адвокат ГIабдурашид Шейховасул рагIабаздаса рази гьечIо Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзаби. Гьезул пресс-хъулухъалъул бетIер Расул Темирбековас «Эркенлъи» радиоялъе бицана АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялда хурхун рукIине кколелщинал тадбирал тIоритIулел ругилан.

Расул Темирбеков: «Журналист чIвай гьеб гIадатияб такъсир гурелъулха, гьеб цIан къоялдеги рагьуларо, гьелъие чанги заманги хIажалъула. Адвокатасулги цойгидазулги разигьечIолъиги бичIчIула нижеда, амма гьеб такъсир рагьиялда тIад хIалтIулел гьечIин абулел чагIи гьел мекъал руго. Гьеб такъсиралда хурхун унеб буго цIех-рех, АхIмаднабиев чIварал гулбузулги экспертиза гьабун буго, гьеб чIвараб бакIалъулги халгьабун буго, нугIзазухъаги сурав босана»

АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялда хурхун такъсир жеги рагьун гьечIолъиялда бан разигьечIолъи цохIоа адвокатас гурониги загьир гьабулеб буго. РакIалде щвезабилин АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул такъсир 5 сентябралде щвезегIан рагьичIони жидеца ракъунчIей лъазабизе бугин абун рукIана КIаратIа жамгIияб идараялъул вакилзабиги. Гьеб тадбиралде дагьабги лъикIаб хIадурлъи гьабизейилан абун дагьаб заманалъ нахъе бахъун буго кIаралаз ракъунчIей лъазаби.

XS
SM
MD
LG