МагъчIваялъе рес

"ГIарцухъищ гьединаб гьереси бицараб?"


Агъаларов Мурад Москваялъул Тверской абулеб диваналда.10Окт2012.
Агъаларов Мурад Москваялъул Тверской абулеб диваналда.10Окт2012.

Исана 30 сентябралда Москваялъул Тверская ва Моховая абулел къватIал къотIулеб бакIалда дагъистаниязул бертадул тIел чIезабун букIана. Гьеб хIужаялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна тIолго улкаялда. Дагъистаниязде гIунтIизабураб гIайиб – Москва бакьулъ кьвагьдей гьаби ва жамгIияб низам хвезаби. Рехсараб лъугьа-бахъиналда тIасан багъарараб дагIба халат бахъунеб буго. ГIемерал жамгIиял хIаракатчагIаз гьеб иш цебеккунго ургъун гьабураблъун рикIкIунеб буго.

Жидеде гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъичIел дагъистаниял Рамазанов Зурабица, МухIаммадов Адилица, Мамедрзаев Русланица ва Селимов ГIазизица диваналъул ахIи сан гьабичIого тун, гьелъул данделъиялде рачIинчIо, ян лъазабуна прессалъ. Диваналъул данделъиялъул болжал бахъун буго 19 октябралде.

Тверской абулеб махIкамаялда гьел дагъистаниязул цоясул адвокатас лъазабуна гьел васал Дагъистаналде ун ругин жидерго хIинкъи гьечIолъи цIуни мурадалда. Цогидасул адвокатас гьарулеб буго диваналъул гIенеккиял МахIачхъалаялда гьаризе рес кьеян абун. Амма диванчияс гьесде абуна Москваялда махIкамаялъул данделъи тIоритIизе щибго квал-квал гьечIин.

15 сордо-къоялъ жаниве тIамурав Агъаларов Мурадица араб анкьалда полициялъулазде нахъеги лъазабуна жинца я аскIоса унел автомобилазде я гьавадуе кьвагьи гьабичIин абун.

Полициялъул хIалтIухъабаз жиндир иргаялда абулеб буго журналистазул кумекалдалъун жидеда кIванин лъабго сон барав бигьаго лъукъарав вас ватизе. Гьесул эбелалъул рагIабазда рекъон бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда бекараб цIорол цо кесекалъ жиндир васасул беркIал хачан ругин.

Россиялъул жамгIияб Палатаялъул вакил ва эркенав журналист Шевченко Максимица чIван къотIун абулеб буго гьеб гьеб бугин лахI чIегIераб гьереси ва бетІералдасан байбихьун ахиралде щвезегIан цебеккунго ургъун гьабураб ишилан.


Максим Шевченко
Максим Шевченко
Максим Шевченко: «Дица гьабсагIат мухIканаб цIех-рех гьабулеб буго ккараб хIужаялъул ва 98 проценталда ракI чIун дида кIола абизе гьеб цебеккунго ургъун гьабураб иш бугин. Гьелъие гIилла гьадинаб буго: бахIарав Артур ГIалибегов - гьев вуго Россиялъул цо кIудияб кампаниялъул кIвар цIикIкIараб хъулухъалда хIалтIулев чи. Дирго цIех-рехалъул интересазе гIоло гьабсагIат дица гьеб кампаниялъул цIар абиларо.

Гьеб кампаниялъул проект Россиялъул цо регионалда хIалтIизабулаго Артуридаги хIатта Москваялъул даражаялдацин асар гьабизе кIолел бакIалъулал тIадтараздаги гьоркьоб дагIба багъарун бугоан.

Кин гьеб бертадул автомобилазул тIел багъарун унеб букIараб, киб гьеб чIезабун букIараб – гьанже гьеб киналъулго хIакъалъулъ нижеда дурусго лъала. ПалхIасил – гьеб буго лъикIалан гIуцIараб ва ГIалибегов Артурил къадру хвезаби мурадалда сахаватго ришват кьун тIобитIараб акция.

Видео хъвай-хъвагIаялъ бихьизабулеб буго бертадул автомобилал унеб мехалда кьвагдей букIун гьечIолъи. Ва гьел видео хъвай-хъвагIаял загьирарун руго. Дица чIван къотIун абулеб буго – «Комсомольская правда» газетаялъ ва «Life News» абулеб Интернет сайталъ гьел дагъистаниязда бугьтан лъолеб букIанин. Амма цохIого цо суал буго жаваб гьечIого хутIараб: гьединаб гьереси гьез щибго лъачIогоищ, гIарцухъищ бицараб?»

ЭР: Хасго сундул хIакъалъулъ гьеб гьереси букIараб?

Максим Шевченко: «Москва бакьулъ автомобилалдаса дагъистанияз гьавадуе гуребги – полициялги гIужие росун речIчIун рукIанилан. Гьеб бугьтан хасго тIадехун рехсарал информалатаз тIиритIизарун рукIана. «Комсомольская правда» газетаялъул мухбир Стешиница гIурус миллатчагIазул комментариялги кьуна хъващтIан.

Амма, цоги нухалъ такрар гьабила дица. Москваялъул Тверская къватIалда доб къоялъ кьвагьи гьабун букIинчIо. Нижеда гьеб лъана.

Цин автомобилал чIезарун, цинги Охотный ряд абулеб бакIалда 10 минуталда жанир ралагьун чIун рукIана. Гьел дагъистаниязда кколаан аскIоса пачалихъияб хъулухъалда вугев цо кIудияв чиясул автомобиль ине бугин, ва хасго гьеб сабаблъун жал чIезарунги ругин полициялъ.

Хадур гьенире рачIана полициялъул хасаб тIадкъаялъул къукъаялъул хъулухъчагIиги цереккунго хIадурарал журналисталги.

ОМОНалъул хъулухъчагIазда байбихьуда бичIчIичIо – щайдай жал гьенире ахIун рукIаралали. Гьез тIаса-лъугьинги гьарулеб букIана. Гьел дагъистанияз низам хвезабун гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулеб буго протоколазги.

Амма гьелда балагьичIого хадур гьел полициялде швезарун рукIана. Доба гьез бана цо чанго сагIат. Хасго гьеб мехалъ «Life News» абулеб Интернет сайталъ загьираруна гьезул цIаралги паспортазул баяналги. Изну гьечIого инсанасул хасал баянал загьирари – гьеб буго къануналде данде кколареб иш, ва гьадинаб иш гьабурал жавабчилъиялде цIазе ккола.

Дица гьел васазул улбузда гьикъа-бакъи гьабуна ва гьез диде абуна гьабго-шинаб ахIи-хIур багъарун хадусала телефоналъ ахIулаго хIинкъаби кьолаанин шалали лъаларез.

Буго гьеб телефонияб кIалъаялъул аудио хъвай-хъвагIайги. Жал Димитровский мухъалъул жанисел ишазул бутIаялъул хIалтIухъаби ругин абулаго, гьел пуланал гIадамаз хъубал рагIаби рицулаан ва хIинкъаби кьолаан.

АхIи-хIур багъарана гIурус миллатчагIаз социалиял сайтаздаги. Дораги хIинкъаби кьолел рукIана гьел дагъистаниязеги, гъозул яцазеги руччабазеги».

Социалиял сайтазда жидерго пикраби загьираруна гIемерал дагъистаниязги.

Чанги нухалъ вахIщиял кьвагьиял гьарунин араб моцIалда жалго москваялъулаз ва Россиялъул цогидал шагьаразул гIадамаз, ян абулеб буго жиндирго Facebook-алда Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялъул эксперт ва журналист Уллубий Эрболатовас ва мисалалъе бачунеб буго жинца гьабураб сияхI:

17-билеб сентябралда Москваялъул метроялда пуланав чияс гьавадул таманчаялъ речIчIун лъукъизаюна цо чIужу-гIадан.

21-билеб сентябралда Москваялда речIчIун чIван вуго «Ростелеком» абулеб идараялъул консультант Сергей Аваков.

22-билеб сентябралда Санкт-Петербургалда нусалъ кьабун чIван вуго 20 сон барав студент.

23-билеб сентябралда Ленинград икълималъул Сосновый Бор абулеб шагьаралда вахIщияб къагIидаялда чIван вуго 78 сон барав пенсионер.

25-билеб сентябралда Москваялъул цо поликлиникаялъул бетIерав тохтур Михаил Дегтяревас травматикияб таманчаялъ речIчIун захIматго лъукъизавуна азбар-къоноялъул рацIцIалъи цIунулев тажикав.

Гьале жиндирго Facebook-алда Эрболатовас гIуцIараб халатаб сияхIалдаса росарал цо-цо мисалал. Гьелда гъоркь гIемерал комментариял руго тун дагъистаниязги гIурус миллаталъул гIадамазги. Уллубий Эрболатовас хас гьабун гьадин абулеб буго Эркенлъи радиоялъе:


Уллубий Эрболатов
Уллубий Эрболатов
Уллубий Эрболатов: «Дие бокьилаан бихьизабизе Москваялдаги тIолго Россиялдаги гIемерал вахIщиял такъсирал гьарулел ругеблъи. Прессалъ гьезул хIакъалъулъ гьедегIан гIатIидго хъвалеб гьечIо. Амма нагагьлъул кавказиязул, хасго дагъистаниязул гIахьаллъигун цо гьитIинаб лъугьа-бахъин ккани - хъващтIан багъаризабулеб буго кIудияб ахIи-хIур».

Кавказофобиялъул ай – миллияб рокьукълъиялъул цIияб карачел борхана улкаялда, ян абулеб буго Максим Шевченкоца. Гьесул пикруялда гьадинаб бербалагьиялъ Россиялъул Федерациялъул гражданазул ихтиярал гурелги Конституцияги хвезабулел буго ва гьелдалъун пачалихъ биххиялъул хIинкъи щолеб буго.


Цолъараб ва бикьулареб Россия тIалаб гьабулел ва цого мехалъ улкаялда миллияб питна багъаризабулел гьел радикалиял миллатчагIазда гьеб хIинкъи бихьуларищилан абураб нижер суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго гьес:

Максим Шевченко: «ТIоцебесеб иргаялда абизе ккараб буго Владимир Тор, Виктор Чесак, Александр Белов, Алексей Навальный, Егор Холмогоров гIадал миллатчагIазул церехъабаз улка биххиялъул позиция ккун бугин рагьараб къагIидаялда. Ай - Кавказ батIа гьабун, лъидаго бачIеб ГIурусазул республика баялъул позициялда.

1990 соназда чачаназул цо-цо церехъабаз ахIдолел игIланал такрар гьарулел руго гьез. Доб ахIи багьанадуеги босун, тIолго чачан халкъалъе гIазаб-гIакъуба кьун букIана. Щайха цоязе гьукъараб жо – цогидазе бегьулеб жолъун ккун бугеб? Щай гурелъул гъозда тIадегIанаб даражаялъул тухумчагIи ратулел рукIиналъул.

Дир хIисабалда гьез такъсир гьабулеб буго. Амма рагIабазухъ гIадамазе диван гьабиялда дун разияв гьечIо. Дица гьезулгун дагIба-рагIи гьабулеб буго. Дир пикруялда Америкаго гIадин Россияги эркенаб пачалихълъун букIине ккола. Ва гIадамал рагIабазухъ жанире тIамизе бегьуларин.

Гьал дица тIадехун рехсарал миллатчагIазул хIаракатчилъиялъе балъгояб квер бакъи гьабулеб лобби батилин дида ккола. Квершеллъиялъул бищун тIадегIанаб даражаялда руго гьединал гIадамал».

ЭР: «Коммерсант» газетаялъул мухбирас Дагъистаналъул бетIер МухIаммад Салам МухIаммадовгун гьалкъояз гьабураб гара-чIвариялъул байбихьуда бицен ккана Москваялъул Тверская къотIноса бертаде унеб мехалда бахъараб кьвагьдеялъул. Гьеб буго данде-кколареб хьвада-чIвади, ян абуна МухIаммад-Салам МухIаммадовас. Кин дуда кколеб, Дагъистаналъул тIалъиялъ гьелда бан ккураб позиция битIарабищ?

Максим Шевченко: «ГIагалигун абизе ккола гьадинаб каки Дагъистаналъул президентас гIемер ургъичIого гьабунин. Гьев дандчIвачIо я гьел гIолохъанал дагъистаниязулгун, я гъозул улбузулгун».

Уллубий Эрбулатовасулги пикруялда Дагъистаналъул бетIерас мекъаб позиция ккун буго. ЛъикIаб мисал хIисабалда гьес бачуцнеб буго Чачан республикаялъхул хIалбихьи.

Уллубий Эрболатов: «ХIалтIизабизе бегьула мадугьаллихъ бугеб Чачан Республикаялъул хIалбихьи. Гьелъул бетIерас цебеккунго лъазабуна, нагагьлъун лъицаниги Москваялда ялъуни Россиялъул цогидаб шагьаралда такъсир гуребги дагьа-макъаб гIаги данде кколареб иш гьабуни, гьесдаса гуребги, гьесие лъикIаб тарбия кьезе кIвечIел улбуздасаги тIалаб гьабизе бугин жибго республикаялда. Гьалеха, гьел хIалихьатал васал сихI къотIун чIун руго хIинкъулаго».

Ахирисел соназ миллатчагIазги гьезул асаралда гъоркь бугел гIадатиял гIадамазги Москваялде ва цогидал кIудиял шагьаразде рачIарал кавказияздехун руссун чIечIого ахIдолаан – гьаб нужер ракь гурин. Гьезул хIисабалда кавказиял ккола такъсирал гурони тIокIаб щибниги гьабизе кIоларел гIадамал.

Амма Москваялъул Тверская абулеб къватIалда лъугьа-бахъаралъ бихьизабулеб буго хIатта кIудияб махшелцин бугел гIакъилал кавказиялги гIурус миллатчагIазда хIехьезе кIолареблъи. Максим Шевченкоца гьадин бичIчIизабулеб буго гьеб хIужа.

Максим Шевченко: «ГьабсагIат жаниве вугев вас гьев ккола Москваялъул Пачалихъияб университеталъул кибернетикаялъул факультет цIалун лъугIарав вас. Гьес жиндирго диссертациялда тIад хIалтIи гьабулеб буго хIисаб гьабулеб техника цебетIезабиялъул темаялда тIасан. Ва гьесда гIалхьулав магIарулавилан абизе бакI гьечIо.

Живго бахIаравги вуго гIакъилав вас, гьев мустIахIикълъана Москваялъул Пачалихъияб университеталъул багIараб дипломалъе. Ва гьев кIиявго кавказалъулгун дагъистаналъул гуребги – тIолго россиялъул жамгIияталъул элитаялъул вакилзабилъун рикIкIине ккола.

ПалхIасил гьеб бертадул киналго гьалбал ккола жамгIиялгун-гуманитариял гIелмабазул гурел – мухIканал ва кутакалда захIматал гIелмабазул дипломал щварал гIадамал. Ва гьел васал вахIшиял гIадамал хIисабалда рихьизарулез жибго прессалъул намус басра гьабулеб буго. Гьебни щиб – гьез зарал гьабулеб буго Россиялъул Федерациялъул стратегикиял интересазе».

ГьатIан къоялъ МахIачхъалаялда тIобитIана миллияб рокьукълъиялде данде гIуцIараб митинг. Гьелъие гIиллалъун ккун буго Москваялда багъхарараб бертадул дагIба. Митингалъул гIуцIарухъаби разиял гьечIо Россиялъул прессалда кавказиял, хасго дагъистаниял квешаб рахъалъан рихьизариялде. Доб бертадул питна цебеккунго ургъун гьабураб провокация бугин абулеб буго гьез.

Митингалде рачIаян Facebook-алда ахIиги бана гьез. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабизе бугин Москваялдаса рачIарал инсанасул ихтиярал цIунулезги.

Нилъги кколилан Россиялъул гражданазул ихтиярал ругел гIадамал. РачIезин цадахъ улка биххялде данде чIезе. Кавказ Россиялдаса батIа гьабизе биччан тоге. Гьадинал ва гьелда релъарал ахIиял загьирарун руго гьенир ва гьезда гъоркь гIемерал комментариял руго тун.

Аслияб къагIидаялда баянал гьарулел руго гьелда разиял гIадамал. Амма руго батIияб бербалагьиги бугел. «КигIан кIудияб хIаракат нужеца бахъананиги нуж Россиялъе къваригIун гьечIо», - ян абулеб буго гьезул цояс.
XS
SM
MD
LG