МагъчIваялъе рес

ШаргIалъ митингал гьукъулел гьечIо, амма...


Грозныялда МухIамад аварагасде (с.гI.с) Франциялъул сатирияб даптаралъ карикатураби рахъиялде данде букIараб митинг, 19янв2015
Грозныялда МухIамад аварагасде (с.гI.с) Франциялъул сатирияб даптаралъ карикатураби рахъиялде данде букIараб митинг, 19янв2015

Митингал ва демонстрациял шаригIаталде данде кколищин абураб суал борхулеб буго гьал къоязда къватIибе бачIараб Дагъистаналъул «Черновик» газетаялда гьелъул мухбир ХIажигIалиев ГIумарица. Бусурбабазул батIи-батIиял гIалимазул рагIаби кьун, гьес гьениб бихьизабулеб буго рукIине кколел шартIал чIезарун тIоритIулел митингалгун демонстрациял шаргIалъ гьукъун гьечIолъи. Амма гьелдаго цадахъ халкъалда гьоркьоб тIибитIун буго тIадтаразде мукIурлъизе кколин абураб пикруги.

Дагьал церегIан моцIазда интернеталда тIибитизабун букIана Дагъистаналъул муфтий АхIмад-ХIажи ГIабдуллаевас вагIза гьабулаго бахъараб видео. Гьелда гьес абулеб букIана оппозициониял партиял яги къукъаби гIуцIун тIадтаразе квал-квал гьаби бугин мун рекIараб автобус бачунев чиясе квал-квал гьаби гIадинаб жойин.

Черновикалда хъваралда рекъон, нагагь тIалъиялъ мекълъаби гьарулел ратани, иш гьедин букIин бихьизабизе халкъ къватIибе бахъине бегьулеб буго шаргIалда рекъон. Митингал оппозициониял гурониги рукIунин абун дагьаб цебегIан Грозныялда МухIамад аварагасде (с.гI.с) Франциялъул сатирияб даптаралъ карикатураби рахъиялде данде букIараб митинг ракIалде щвезабуна журналист ХIажигIалиевас.

ХIажигIалиев ГIумар: «Митингалгун демонстрациял кидаго гурел оппозициониял рукIунел. Оппозициониял ратаниги лъие оппозиция гьебалиги балагьизе ккола. Дагьалъ цебегIан Чачаналда ва Гъалгъаялда рукIана карикатурабазде данде митингал. Дагъистаналда гьединал рукIинчIониги гьанисаги официалияб делегация битIун букIана гьенибе».

ТIалъиялъул пикруялъул рахъккун тIоритIулел митингазе кибго квал-квал букIанареблъи хIисабалде босани, тIалъиялъул политикалде яги цоги жидее данде кколарел ишазде кIвар буссинабизе халкъ къватIибе бахъинеги бегьулин абураб магIна буго дур макъалаялъул. Исламияб гуреб пачалихъалда митинг гьабулезда шаргIалъул рихьизариял ракIалде кколищ?

ХIажигIалиев ГIумар: «Исламияб жамгIияталъул гIуцIи букIуна батIи-батIияб.

БитIун абуни, исламияб жамгIияталъ гIумру гьабизе ккола исламияб пачалихъалда. Исламияб жамгIият исламияб гуреб пачалихъалда бугони, гьелъул магIнаги кколаро гьеб исламалда яги шаригIаталда рекъон гIумру гьабулеб гьечIин абураб. Бусурманчияс шаригIаталда рекъон гIумру гьабизе ккола гьев кив вугониги батIалъи гьечIого.

Исламалде данде кколарел жал гьесдаса лъица бугониги тIалаб гьарулел ругони, гьел тIуразаризеги гьесул ихтияр гьечIо. Гьединлъидал, гьесие бищунго кIвар бугел рукIуна исламалъул гIалимаз гьарурал къотIиялги, гьезул рагIиги, малъа-хъваялги.

Исламияб пачалихъ гьечIеб бакIалда гьел гIалимазул рагIиялъул кIвар дагьабги кIудиябги букIуна. Исламияб гуреб пачалихъалда кколеб бугелъе битIараб къимат кьун бажарулел бусурбабазул гIалимаз гьабула гьединаб хIукмуги. Митинг гьукъизе ругел гIиллабиги нахъе гьарун митинг гьабизе хIукму къотIизе рес буго.

Митинг гьукъизе ругел гIиллаби кколаха руччабигун бихьинал цадахъ гьелда гIахьаллъи яги митингалъул заманаялда чияр буголъи хвезабизе яги бикъизе рес букIин ва цогидал такъсирал ишал. Митингалъул пайда гурони зарал букIунареблъи лъалеб мехалда гьеб гьабизе хIукму къотIула ва гьеб гьукъараб гьечIо. Дагъистаналда рукIана митингалде гIадамал рахъиналдалъун чиясул гIумру хвасар гьаруралги хIужаби».

ШаргIалда рекъон, шартIал чIезарурал митингал тIоритIизе гьукъарал гьечIолъи мухIкан гьабуна МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам СагIадуев МухIамадрасулицаги.

СагIадуев МухIамадрасул: «ШаргIалда хIарамаб бугин абун баян гьабун бачIинчIеб жо хIалалаб букIуна. ГIадамаз къватIиреги рахъун гьалъул нижеца тIалаб гьабулеб буго, гьеб нижее данде кколеб гьечIин аби - шаргIалда гьукъун гьечIо. Жибго гьеб бусурбабазул церехъабаз дандбанги гьабула, гьез гьелъул маслигIатги чIезабула».

ЭР: Оппозициониял партиял, оппозициониял къукъаби гIуцIиялде шаргIалъ щибин абулеб?

СагIадуев МухIамадрасул: «Гьезул тIалабал шаргIалде данде кколел ратани, питнаялде гьез ахIулелги ратичIони-гьебги гьукъараб гьечIо».

Щибаб халкъалъул нухмалъулев гьеб заманаялда гьеб халкъалъе нухмалъиялде ТIадегIанас вачарав чи кколин, гьединлъидал гьесие квал-квалал гьаризе лъикIаб букIунарин абулеб букIана интернеталда лъураб тIадехун бицен гьабураб видеоялда Дагъистаналъул муфтияс. Гьел рагIаби, гIаммаб куцалда киналго нухмалъулезда хурхун гурел, хас гьабун, жакъа республикаялда бугеб нухмалъиялъул рахъалъан республикалъул халкъалде абурал гIадин къабул гьаризе кколин рикIкIунеб буго Централияб мажгиталъул имам СагIадуев МухIамадрасулица.

СагIадуев МухIамадрасул: «Жакъа митинг гьаби-гьабунгутIи жакъа бугеб тIалъиялда бараб букIинарищха. Муфтияс абулеб жоги жакъа бугеб тIалъиялда хурхун абураб бугин тола дица. Гьез бусурбабазул ихтиярлаги хвезарулел гьечIо, бусурбаби къваридги гьарулел гьечIо. Гьез гьабулеб жоялъулъ маслигIат бугин абураб пикру досул букIиндал абурал рагIаби руго гьел. Гьедин абизе гьесул ихтиярги буго, гьев витIаравги вуго. Дица рикIкIуна гьеб политикияб суал бугин. Политикиял суалазда гъорлъ хал гьабула гIаммаб халкъалъе бугеб пайдаялъулги заралалъулги. ГIаммаб халкъалъе пайда бугеб рахъ я муфтиясда, ялъуни имамзабазда, цIаларал чагIазда гIаммаб куцалда гIадамазе, исламалъе пайдаяб букIин лъалеб бугонани, гьеб рахъалде гьез ахIилаха».

Жакъасеб тIалъиялъ бусурбабазул ихтиярал хвезарулел гьечIин абулеб пикруялда тIад рекъолел гьечIо Дагъистаналдаса цо-цо инсанасул ихтиярал цIунулел. Гьез абулеб буго жакъа улкаялъул тIалъиялъул сихIтараб разилъиялдалъун низам цIунулез цо-цо бусурбабазул Конституциялъ кьураб бокьараб дин гьабизе бугеб ихтияр хвезабулеб бугин.

Нухмалъиялъе ритIухълъи чIезабизеги, къанун цIунизеги кумек гьабизецин рес бугин митингазин абулеб буго ХIажигIалиев ГIумарица.

ХIажигIалиев ГIумар: «Жакъа бугеб пачалихъалъул форматалъги, гьелъул къануназги, гьениб гIадамаз гIумру гьабун бугеб куцалъги чIезарун гьечIо митингазе гIурхъаби. Митингал ва демонстрациял жакъа ругел къануназ гьукъун гьечIо.

Оппозиция букIинеги тIалъи какизеги къануназ гьукъун гьечIо. Исламалъ гьеб гьукъулеб бугин, щайгурелъул гьанжесеб нухмалъиялъ низам цIуниялъул мурадалда гьел гьукъулел рукIиналъин абиги битIараб букIинаро.

Жибго тIалъиялъцин гьукъун гьечIеб жо исламалъ щай гьукъизе кколеб? Гьанже бугеб нухмалъиялъе митингалъул квал-квал букIине рес бугин абун гьеб гьабичIого тезе кколаро. Гьелъул гIаксалда, нухмалъиялъе къанун цIунизеги низам чIезабизеги кумек гьабизецин рес буго митингалъ. Нилъеда лъала къанунги хвезабун гIадамал жанир тIамураб мехалда митингал гьариялъ гьел гIадамал эркен гьаризе ва ритIухълъи чIезабизе кIварал хIужабиги».

XS
SM
MD
LG