МагъчIваялъе рес

Бокьун бугищ казаказе лъидаго бачIеблъи?


Исана май моцIалда Россиялъул Уголовияб кодексалде гъорлъе жубан букIана цIияб бутIа – «Россиялъул территориялияб цолъи бикьизабиялде жамгIияталда бараб ахIи» абураб. Гьале тIоцебесеб нухалъ гьадинаб гIайиб Краснодар икълималъул ФСБ-ялъул идараялъ гIунтIизабун бугоан 25 сон барай Дарья Полюдовалде ва жеги кIиго чиясде.

Россиялъул жанисел ищазул министерлъиялъул университеталъул студент Дарья Полюдова ккола Новоросийск шагьаралдаса хIаракатчIужу. Гьелъ рахъ кколеб буго Россиялъул квегIаб багъа-бачариялъул. Гьей йикIун йиго Россиялъул Коммунист партиялъул, «КвегIаб Фронталъул» ва цогидал гIуцIабазул гIахьалчIужулъун.

Август моцIалъул авалалда Краснодаралдаса Украиналде гочарав психолог Петр Любченковасулгун цадахъ Дарьяца гIуцIана «Кубанялъул Федерализациялъе гIоло» абулеб марш.

Жибго регионалда гьелъул рахъ ккурал ратичIониги, рехсараб жигаралъ кIудияб дандерижи багъаризабуна Украиналъул прессалда. Украиналъул журналистазда гьеб бихьана Краснодар икълималда гIумру гьабулел казаказул гъира хIисабалда.

Амма батIияб пикру буго Россиялъул экспертазул. Гьезул гIемерисез Дарьял жигар бихьула Украинагун унеб бугеб информационияб рагъда Россиялъул федералияб тIалъиялъ гьабураб провокациялъун.

Дарья Полюдова ккун, ва 15 сордо-къоялда жание тIамун йикIана. Гьеб букIана административияб арест. Хадуб Дарья щвезаюн йикIана ФСБ-ялъул цIех-рехалъул изоляторалде. Ва гьелде гIунтIизабун бугоан «Россиялъул территориялияб цолъи бикьизабиялде жамгIияталда бараб ахIиялъул гIайиб».

Гьадинабго гIайиб гIунтIизабун букIана жеги кIиго чиясде. Амма гьезул цIарал рехсон гьечIо. Дов тIадехун рехсарав Любченковас гьабсагIат хIадурлъи гьабулеб буго Украиналъул батальоналда аскарияб хъулухъ гьабизе.

Гьесдаго цадахъ гьадинабго хIадурлъи гьабулеб буго 21 сон барав анархист Вячеслав Мартыновас. Гьединаб хIукму гьес гьабуна жив гIурусазул миллатчагIаз вуххун хадусала. Гьез Мартынов вуххана дос каранда Украиналъул байрахъалъул ишара бан букIиналъухъ.

Жиндир заманалда ФСБ-ялъул цIех-рехалъул изоляторалда чанго къо барав политолог Михаил Савваца абулеб буго хIакъикъаталда Краснодаралда сепаратизмалъул бербалагьи лъилниги гьечIин, аммаила гьадинал гIайибал гIадамазде гIунтIизарулаго, низам-цIунулез жидецаго сепаратизмалъул пикраби рижизарулел ругин.

Щайин гьикъани, щай гурелъул кIвар-цIикIкIараб проблемаялда тIад гIемер ургъичIого, гьез жидерго хIалтIул статистика лъикIлъизари гурони, тIокIаб щибниги гьабулеб гьечIо, ян абулеб буго политологаз.

Цого мехалъ Михаил Савваца сепаратизмалъул проблема нахъ чIвалеб гьечIо. Гьесда ккола Россиялъул цогидал регионазде данде ккун, Краснодар икълималда казаказул бакIалъулаб миллияб бичIчIи цIикIкIараб бугин.

ГьанжелъагIан кIочон тун гьечIилан Гражданияб рагъул заманалда гьениб лъазабураб лъиданиги бачIеб республика. РукIа-рахъиналъул шартал, низам гьечIолъи, гIадамазул тIалаб-агъаз гьабунгутIи – гьале аслиял гIиллаби, гIадамазул разилъи гьечIолъи бижизабулел.

Ва гьелдалъун баккулеб буго сепаратизмалъул бербалагьиги, ян абулеб буго профессор Савваца ва бачунеб буго гьадинаб мисал.

Россиялда жанире тIамурал гIадамазул лъабго бутIа гьабун цо бутIа ккола гIайиб гьечIого туснахъ гьарурал. Жанире лугьизегIан гьез ракI бацIадго режималъе квербакъи гьабулаан. Гьанжейин ритIухълъи тIалаб гьабулаго, гьез гьадинаб пикру гьабулеб буго: «ГьедегIан кIудияб улкаялда низам батизе захIмат бугони, цо гьитIинаб жибго жиндаго чIараб улкаялда гIаги гьадинаб рес гьечIищилан». Гьеб бугин унго-унгояб сепаратизм, ян абулеб буго профессор Михаил Савваца.

ТIолго Кубанялъул казаказул бодул атаман Василий Комлацкий гьелда разияв гьечIо. Гьесул хIисабалда казаказул жамгIияталда сепаратизм гьечIин ва гьадинаб суал провокатораз борхизабулеб бугин.

Тарихчи Игорь Васильевасулги гьадинабго пикру буго, гьес гьадин дурус гьабулеб буго: «Кубанялъул федерализациялъе гIоло абулеб маршалъул гIуцIарахъабазул я жиндирго хасаб бербалагьи, я идеология гьечIо».

Гражданияб рагъул заманалда лъазабураб Кубанялъул республикаялъул бицен гьабулаго, гьес абулеб буго казаказ доб республикаялъе квербакъи гьабун букIинчIин.

XS
SM
MD
LG