МагъчIваялъе рес

ЦIидаса мугIалим чIвана Дагъистаналда


ТIоцебесеб июналъул сардикь Гъизилюрт мухъалъул Комсмольское росулъ щалали лъаларел чагIаз чIван вуго ЦIунтIа мухъалъул Шауриб росдал школалъул мугIалим. Гьеб хIужжаялда хурхун загьир гьарулел руго батIи-батIиял версияби. Гьезул цоялъ гьев чIваялъул гIилла хурхинабулеб буго чачаназул яргъид гIуцIаразул къокъаялъул бетIер Руслан Гелаев кквеялъул ишазда гьесул гIахьаллъи букIине бегьиялда.

ЦIунтIа мухъалъул Шауриб абураб росулъа 41 сон барав Маллаев Ахкубек чIваялъе рукIарал гIиллаби жеги лъалел гьечIилан абураб баян кьуна Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъ гьабун буго гьесде тIадекIанцIи. Гьурмада маскаги ххурав чи гьесде чанго нухалъ кьвагьиги лъун гьениса нахъе ун вуго, щварал ругъназул хIасилалда Маллаев Ахкубек гьеб бакIалдаго хун вуго.

ЧIварав Ахкубек Маллаев хIалтIулев вукIун вуго ЦIунтIа мухъалъул Шауриб росдал школалда спорталъул дарсал кьолев мугIалимлъун. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» зиграялъ росулъе унев вукIарав чияс, Шауриб росулъа Мухтаров ГIабдурахIманица. 10 соналъ цебе чачаназул, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул бетIер Гелаев Руслан кколев мехалъ гIахьалъи гьабуралъухъ «Бихьинчилъиялъе гIоло» орден щун букIанин гьесие, гьанже гьоркьоб заман ун хадуб гьеб киналъухъго рецIел босиялъе гьабураб хIалтIи батулин гьебилан рикIкIунеб буго Мухтаров ГIабдурахIаманица.

Мухтаров ГIабдурахIман: «Бихьинчилъиялъухъ орденги щварав, Гелаевасул къукъаялда дандечIейги гьабурав цIакъ сахав вас вукIана. Комсомольское росулъ мина балеб бугин гьесилан рагIун букIана, живго росулъ гIумру гьабун вукIана».

ЭР: Лъилгуниги дандеккунгутIиял, дагIба-рагIи ккун букIаниш гьесул?

Мухтаров ГIабдурахIман: «ДагIба-рагIиги щиб букIинеб, гьесул цебесеб хIаракатчилъиялъухъ рецIел босизе къваригIун рагIулин рохьилазеян абулеб букIана, гьанже мурадалде щун ругоха».
Гьеб баян «Эркенлъи» радиоялъе дагьаб мухIкан гьабун бицана ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица.

Къебедов МухIамад: «Маллаев Ахкубек физкультураялъул мугIалим, цIакъ сахав вас вукIана. Чачаназул террористал рачIине рукIин лъайдал гIурхъаби цIунулезул застава бугеб бакIалде векерун вачIун вуго гьев гьезда лъазабизе. Гьез гъоркьчIел гьабун батизеги бегьулин нуж цIодорго рукIаян малълъа-хъвайги гьабун буго гьес гIорхъи цIунун рукIаразе. Гьединав цIакъ яхI бугев, лебалав вас вукIана».

2013 соналдаса нахъе гьев ункъабилев мугIалим ккола дагъистаналда чIварав. Араб соналъул марталда чIвана Курах росдал школалъул гIурус мацIалъул мугIалим Ибрагьимова Фазина. 15 июлалда чIвана ЦIумада мухъалъул Хуштадаса ГIумаров Абусупьян. Гьебго соналъул 1-б сентябралда чIван вукIана ЦIумада мухъалъул Хьвайни росулъа байбихьул классазул мугIалим ГIабдуразакъов ГIалиги.

Маллаев Ахкубек инти къоялъ жиндирго инсул росулъ вукъана. Гьесул нахъе хутIана хъизанги ункъо лъималги.
XS
SM
MD
LG