МагъчIваялъе рес

Тарихалъул тIехь хIажат буго


Дагъистаналъул мугIалимзабаз ахIи балеб буго республикаялъул тарих лъазабулеб цо гIаммаб тIехь къваригIун бугилан.

27 мугIалимаз гъулбасги лъураб кагъат гьал къоязда Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялде битIун буго. Гьелъул хал гьабизе ахIараб данделъиялда рукIана педагогикаялъул цIех-рехалъул институталъул, педуниверситеталъул вакилзаби ва школазул мугIалимзаби.

Доб кагътида хъвалеб буго Дагъистаналъул гьаб ахираб заман бихьизабизе гIураб материал гьечIин цIалул тIахьазда, гъоркь ругел тIахьалги цIалдохъабазда бичIчIизе захIматаб хIалалда хъван ругин.

Дагъистаналъул тарихалъул хъвараб лъабго тIехь буго школлъималаз хIалтIизабулеб. Амма гьебги жибго тун къваригIун бугин цIияб заманалда данде кколедухъ ва тарихалъе битIун къимат кьолеухъ хъвараб цо гIаммаб тIехьилан рикIкIунеб буго мугIалимзабаз. Гьединаб тIехь лъай кьеялъул министерлъиялъ биччазехъин буго 2015 соналда.

Тарихиял гIелмабазул кандидат ГIамирхан МухIамаддадаевас рикIкIунеб буго тарихиял тIахьал цо-кIиго чияс гIодорги чIун хъвалел жал рукIунарин. Гьелъие цIикIкIун кумек хIажалъулин.

ГIамирхан МухIамаддадаев: «ИчIго-анцIго махщелчиги вакIарун, жив-живасухъе цо-цо параграфги кьун гьабизе ккола гьеб – масала, тарихалъул ва этнографиялъул институталъул, педуниверситеталда, пачалихъияб университеталда хIалтIулел, къадруял тарихчагIаз гьабизе ккола гъоб.

ГьанжелъагIан хъварал тIахьал руго цо, кIиго яги лъабго чияс хъварал тIахьал».

ЭР: «ГьанжелъагIан рахъарал тIахьазе кинаб къимат дуца кьелеб? МагIнаялъул рахъалъ киналлъун дуда гьел рихьулел?»

ГIамирхан МухIамаддадаев: «МагIнаялъул рахъалъ лъикI хъварал, жавабчилъиялда хъваралги руго цо-цо. Добго заманалъул, трафареталъул къагIидаялда хъваралги руго».

Гъуниб мухъалъул Гьонодаса тарихалъул мугIалим Тучалаев МухIамадицаги абулеб буго Россиялъулги Дагъистаналъулги тарихалъул хIакъалъулъ тIахьал хъван ругила бакIаб мацIалда, къваригIунелги къваригIунарелги баяназул цIезарурал. Унголъунги хIажатал темабазейин абуни гьениб мукъсанаб гурони бакI кьун гьечIила.

Масала, 50 – гIан соналъ гIурус пачаясда данде къеркьей гьабурав Дагъистаналъулги Чачаназулги имам Шамилил хIакъалъулъ бицун бугила кIиго тIанчида.

Тучалаев МухIамад: «ЗахIматго хъванги буго. Учительзабазецин захIматаб жо лъималазе кин кьелеб, гъаринха? Кин кьелеб? Цо темаялда жаниб гьагъабгунияб росдал, шагьаразул цIарал щай хъвалел, гьагъалгуниял тарихал щай? Анкьида жаниб цо сагIат кьолеб буго Дагъистаналъул тарихалъе. ГьедигIан заманаялда жаниб щиб бицинеб?»

Гьедин гьеб цохIо сагIаталда жаниб лъималазда щибин бичIчIулеб, нахъисеб анкьидего кIочонин гъозда малъараб материалин рикIкIунеб буго Тучалаев МухIамадица. Гьединлъидал тарихалъул сагIтал цIикIкIинаризе ккола, ялъуни гьеб сагIаталда жаниб малъулеб материал букIине ккола бечедаб ва гъваридаб.
XS
SM
MD
LG