МагъчIваялъе рес

Лъица Шайихасе хIукму къотIараб?


Дагъистан - ЧIикIаб росу. Шайих СагIид Афанди вукъиялъул тадбир. 28Авг2012
Дагъистан - ЧIикIаб росу. Шайих СагIид Афанди вукъиялъул тадбир. 28Авг2012

Шайих СагIид Афанди чIваялъе гIемерал гIиллаби рукIун ратилин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул жамгIиял хIаракатчагIаз, аммаила гIаммаб мурадлъун шаклъи гьечIого кколилан Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал жегиги хIалуцинаби, шай гурелъул - зулмуялъги рагъалъги гIемерисезе кIудияб пайда кьолеб букIиналъул.

28 августалда ЧIикIаб росулъ шайих СагIид Афанди чIван хадусала нижехъе телефоналъ ахIун «Дагъистаниял» абулеб газетаялъул бетIерав редактор ГIалисултIан ГъазимухIаммадовас ракIалде швезабуна жиндир заманалда "Северный Кавказ" абулеб газетаялда къватIибе бахъараб «Лъица Шималияб Кавказалъе хIукму къотIараб» ян абулеб макъала.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:33 0:00
Интернет-мухъ


ГъазимухIаммадов ГIалисултIаница рехсон букIараб макъалаялъул автор Кавказ халкъазул Россиялъул Конгрессилан абулеб гIуцIиялъул бутIрузул цояв Халидов Деньгаца къокъ гьабун гьадин кьолеб буго жинца хъвараб асаралъул магIна:


please wait

No media source currently available

0:00 0:02:14 0:00
Интернет-мухъ


Шайих СагIид Афанди чIваялъе ккарал гIиллабазул аслияблъун ГIалисултIан ГъазимухIаммадовас рикIкIунеб буго миллатчилъи. Гьес абуна, гьеб такъсир гьабун бугин авар миллаталъул бий биччай мурадалда.


please wait

No media source currently available

0:00 0:00:57 0:00
Интернет-мухъ



Дуда гьеб битIараблъун бихьулеб бугищилан абулеб нижер суалалъе жаваб кьолаго Халидов Деньгаца абулеб буго гьадинги букIун батилин, аммаила, гьеб гIилла аслияблъун рикIкIине ккеларин.



please wait

No media source currently available

0:00 0:01:34 0:00
Интернет-мухъ



28 августалда ЧIикIаб росулъ шайих СагIид Афанди ва гьесдаго цадахъ жеги 6 чи чIванин ислам дин босарай гIурусай Сапрыкина Аминатица, ян лъазабуна Дагъистаналъул низам цIунулез.
XS
SM
MD
LG