МагъчIваялъе рес

Гьекъолди бичиялъе хасал тукаби рукIинадай


Россиялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул хIисабалда гьекъолди хасал тукабазда бичизе ккола. Гьедин ккарабани – алкоголизмалъул даража гIодобе бортилаан. ГIемерал церетIурал улкабазда гьадинаб гIадат буго, ян абулеб буго хIаракатчагIаз.

Батизе бегьула гьаб гIагардисеб заманалда Россиялда алкоголалъул гьекъолди гIицIго хасал тукабазда гурони, тIокIаб кибниги бичизе гьечIо. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул бетIерав психиатр-нарколог Евгений Брюница прессалъе лъазабуна, жиндир хиял бугин гьадинаб суал министерлъиялда цебе лъезе.

Гьесул пикруялда алкоголалъул гьекъолди бичиялда хурхараб къанун хисизе ккола. Рехсараб министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, министерлъи хIадураб бугин суал дандбазе.

Гьадинаб ишалъул лъикIаб хIасил бихьула гIемерал церетIурал улкабазда, ян тIаде жубана пресс-хъулухъалъ. Щай? Щай гурелъул, гIаксаб мисалги якъинго бихьулин: гьекъезе гъира букIинчIев пуланав чи жидерго рукъалда аскIоб гIаракъи ялъуни чагъир бичулеб цо гьитIинаб туканалде ваккун, гьекъолди бичун босула.

Гьединлъидал, хIажатаб бугин киса-кибго гьекъолди бичи гьукъизе, ян абулеб буго Евгений Брюница. «Бихьуларищ нужеда – рукъзазда аскIор ругел тукабазда гIаракъи бичун босун, гьеб къватIабахъ гьекъолеб букIин?» - ян абулеб буго гьес.

Щаклъи гьечIого, къанун хисани – алкоголь бичIулеб гIатIилъи къокълъила.

Ва гьедин ккани – лъикI букIина, щай абуни, бизнесалъ гIаммал гьабулеб бугин халкъ алкоголизмалде буссинабизе, ян абулеб буго психиатр-наркологас.

Аммаила, тIаде жубана гьес, кин бугониги, ахирисеб щуго соналда жаниб Россиялъул гIадамаз дагь гьекъолел ругин цересел соназде данде ккун.

Федералиял ва регионалиял алкоголялъул базаразул цIех-рех гьабулеб Централъул генералияв директор Вадим Дробизица лъазабулеб буго хасал тукабазда гьекъолди бичулеб бугин Скандинавиялъул улкабазда – Финляндиялда ва Даниялда.

Исана сон байбихьаралдаса гьединаб бакIалъулаб къанун хIалтIулеб буго Саха Республикаялда, ай – Якъутиялда.

Дробизица абулеб буго Федералияб даражаялда гьадинаб къанун къабул гьабизегIан балагьун чIезе кколин Якъутиялда лъикIаб хIасил щвезегIан.

Экспертаз бачунеб буго гьадинаб мисал: гьабсагIат супермаркетазда алкоголь бичиялъул даража 12 проценталде бахунеб бугин, гIисинал тукабахъийн – 40 проценталде. Ва гьединал гIисинал тукаби бетIергьабаз бигьаго сверизабизе бегьула гIицIго гьекъолди бичулел бакIаздеин.

Хасго гьадинаб тенденция бихьула Якъутиялда. Супермаркетазул гьадинаб рес гьечIин.

Жиндир иргаялда Россиялъул ЖамгIияб палатаялъул мушаварачи ХIамзаев СултIаница (гьев гьединго ккола «Трезвая Россия» абулеб федералияб проекталъул бетеIрлъун) абулеб буго гьекъолди хасал тукабазда бичи лъикIаб ищ бугин, аммаила жамагIатги экономикаги гьелда гьабсагIат хIадураб бугищ-гьечIищали – гьеб дагIбадул суал бугин.

Кризисалъул заманалда гьелъ квещаб асар гьабизе бегьула гьоркьохъеб ва гIисинаб бизнесалъе ва гьелдалъун политикияб дандерижиги букIине рес бугин.

Гьадинаб пикруялда разияв вуго «Опора России» абулеб бизнесчагIазул цолъиялъул экономикиял суалазул рахъалъан комитеталъул бетIер Алексей Каневскийги. «Гьелдалъун гIисинаб бизнесалъул азар-азар бетIергьанасул иш ахиралде щвела ва миллион-миллион чи хIалтIи гьечIого хутIила, ян абулеб буго гьес.

XS
SM
MD
LG