МагъчIваялъе рес

Владимир Зорин: "Пачаясул Россиялда кавказияфобия букIинчIо"


1877 соналда пачаясул аскарияз бухIараб Сугъралъ росу.
1877 соналда пачаясул аскарияз бухIараб Сугъралъ росу.

Ахирисел моцIазда Россиялъул хIакъалъулъ гIемер бицулаан дунялалъул прессалъ. Жиндир иргаялда Россиялъул журналистаз ва экспертаз жавабал кьолел руго къватIисел улкабазда рахъарал макъалабазул авторазе ва жидерго баянал гьарулел руго улкаялда цере ругел проблемабазда ва бугеб ахIвал-хIалалда тIаса.

Мисалалъе босани кIудияб дандержи багъаризабун букIана ГъарачаIгун-Чергессиялда гьалкъояз тIобитIараб «Архыз-XXI» абулеб гIолилазул гражданияб форумалъ. Мисалалъе - Ставрополалдаса журналист Антон Чаблиница гьеб темаялда тIаса хъвараб макъалаялъ.

Рехсараб форумалде рачIарал экспертаз лъабго къоялда жаниб дандбалеб букIана Шималияб Кавказалъул Федералияб икълималда бугеб политикияб ва жамгIияб гIумруялъул суал.

Форумалда гIахьаллъаразул цояз абулеб букIана Россиялъул жамагьат къватIисел къуватаз бикьулеб бугин. ТIоцебесеб иргаялда гьадинаб пикру загьирабуна форумалде вачIарав улкаялъул президентасул вакил Сергей Меликовас.

Гьес кIвар буссинабуна Крым Россиялде гъорлъе жубан хадусала улкаялда бахъараб – гьес абухъего – патриотизмалъул карачелалде. Хасго гьелдаса пайда бисизе кколин, пикру гьабуна президентасул вакилас. Аммаила, абулеб буго Ставрополалдаса журналист Антон Чаблиница, гьеб букIанин чIобогояб хабаралда релъараб каламилан.

Далил хIисабалда Ставрополялъул журналистаз бачуцнеб буго гьадинаб хIужа – форумалъул хIасилалда я резолюция, ялъуни цебелъей къабул гьабун букIинчиIин.

Форумалда кIалъазе вахъарав Россиялъул миллияб политикаялъул вукIарав министр, гьанже Россиялъул ГIелмабазул Академиялда цебе бугеб этнологиялъул ва антропологиялъул институталъул директор хисулев Владимир Зориница абуна, жакъа Шималияб Кавказалъул информациониябгун-идеологиялъул гIатIилъиялда лъугьа-бахъунеб – гьеб бугин гIолилазе гIоло унеб къеркьейилан.

Жакъа щивав анцIабилев гIолилас –Шималияб Кавказалда гIумру гьабуле буго, ян баян гьабуна Зориница. Хасго гьеб хIужа гIадахъ босун бугин идеологиялъул форонталда.

Гьеб фронталда Россиялде данде чIолез квер-бакъи гьабулеб бугин миллияб эркенлъиялъе гIоло къеркьей гьабулезеги, диниял байрахъазда гъоркь террор гьабулезеги, системияб гуреб оппозициялъеги.

Гьелие кIиго гIилла бихьизабулеб буго: тIоцебесеб - дунялалъул геополитикаялда кколел хиса-басиял. Гьезул хIасилалда Россиялъ дагь-дагь ккун жиндие тIадегIанаб статус тIалаб гьабулеб бугин. Гьеб сабаблъун цогидал чIахIиял пачалихъаз Россиялде данде батIи-батIиял политикиял хIаял рагъаризарулел ругин.

КIиабилеб хIужалъун Зориница рехсолеб буго миллатаздагьоркьосеб политика. Хасго Шималияб Кавказалда.

Зориница ракIалде швезаруна исана 22 июлялда ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялда Россиялъул президентас рицарал рагIаби.

Аслияб масъалалъун Владимир Путиница бихьизабуна миллатаздагьоркьосел бухьенал шулалъизари.

Ставрополалдаса журналист Антон Чаблиница гьелда бан абулеб буго жив гьелда разияв вугин, гьеб берцинаб ва битIараб калам бугин, аммаила, гIумруялде гьанжелъагIан бачинчIеб мурад гьеб гурищилан, суал кьолеб буго гьес.

Федералиял каналазда рихьизарулел программабазухъ хал-щал гьабуни – журналистаз абухъего, «квещал кавказиязул» ялъуни «нагIана батаял янкабазул» хIакъалъулъ гурони тIокIаб хабар рагIулеб гьечIин.

Гьел «янкаби» абулел чагIазул, ай американиязул рехсараб ахIвал-хIалалда кинабгIаги хурхен гьечIони, кавказиязе къимат кьей – жакъа байбихьараб ищ гурин. РакIалде щвезаризин довго гIурусазул шагIир Пушкинил рагIаби.

Кавказ гьесул хIисабалда «Хъачагъазул бусен» ккола. Зоринил пикру батIияб буго. ГIурус Кавказалъул рагъ хIисабалде босичIого, гьес абулеб буго Пачаясул заманалда гьениб кавказафобия букIинчIин.

Гьедин батани нус-нус росаби рухIиялда, лъимал ва руччаби чIваялда, гIайиб гьечIого Сибиралде аза-азар чи витIиялда щиб абизе кколеб?

Кин бугониги, Зориница прессалде ахIи балеб буго гIелин кавказофобиялъул бербалагьи тIибитIизе ян абун, ва гьеб лъикIаб гIаламатлъун рикIкIине ккола, ян абулеб буго журналистаз. Хасго тIадехун рехсарав Антон Чаблиница.

XS
SM
MD
LG