МагъчIваялъе рес

Партиязда щал ругел?


Дагъистаналда "Единая Россиялда" гъорлъ щал ругелали халгьабизе кколин абун суал лъолеб буго Пачалихъияб Думаялъул депутатас.

Россиялъул Пачалихъияб Думаялда вугев коммунистазул депутат Валерий Рашкиница тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналда ругел ЕР партиялъул вакилзабазул биографиялъул халгьабизе. Гьединаб суал баккана дагьалъ цеве МахIачхъалаялда хасаб операциялъулъ ЕР-лъул вакил чIван хадуб. Рашкиница гьединаб тIалаб лъолеб буго цIех-рехалъул идарабазда цебе.

Коммунистазул депутат Рашкиница абулеб буго низам цIунулезул рахъалъ пуланал суалалги рукIаго, дов хасаб операциялъулъ чIварав чи ЕР-лъул вакиллъун вищун вугин 2010 соналда. Жалго ЕР-алъ гьелдаса инкар гьабулеб буго. 2008 соналдаго анила гьев партиялда гъорлъа. Гьев депутатасул гIагарлъиялъул пикруялда рекъон, жидер мухъалъул нухмалъиялда ругел цо-цо хIакимзабазулгун гьоркьоблъи лъикIаб букIинчIолъиялъ лъураб бугьтан кколеб рагIула хъачагъазулгун гьесул гьалмагълъи букIанин абураб жо.

ПалхIасил, партиялда гъорлъ ругел вакилзаби аслияб куцалда тIадчагIи рукIиналъ цо-цо дагъистаниязул беццилеб гIадаб бербалагьи гьечIо ЕР-хун. Масала, ЛъаратIа мухъалдаса живгоги хъулухъчи Шарапудин МухIамадовас гьадин бицана ЭР-лъе.

Шарапудин МухIамадов: "ЕР-лда гъорлъ ругел чагIи (гIемерисел) дица рикIкIуна жидеего мунпагIаталъе къватIире рахъарал чагIилъун. Цебе коммунист-партиялде лъугьине захIмат букIана. Гьенир ругел чагIазда лъазе ккелаха щай жал партиялде лъугьаралали. Дора-аниса чагIи рукIине бегьуларо гьенир. Гьев Пачалихъияб Думаялда вугев коммунистазул депутатас борхараб суалги битIараб бугин ккола дида".

ЕР-лда гурелги цогидал партиязда гъорлъ ругин хIалихьатал гIадамалин рикIкIунеб буго "Справедливая Россия" партиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев ГIумаров ХIажимурадица. Гьединлъидал батIи-батIиял партиязул цIаралдасан цере рахъунел гIадамазул биографиялъул халгьабизе кколин Пачалихъияб Думаялъул депутатас цебе лъолеб тIалабалъул рахъги кколеб буго.

ГIумаров ХIажимурад: "БитIараб суал цебе лъолеб буго. Халкъалъ бищараб парламент Дагъистаналда гьечIо. Гьеб буго цо-кIиго чияс бищараб парламент. Дагъистаналъул халкъалъул ургъалида бищараб жо гуро гьеб. Гьелъие нух буго парламент биххизе биччай. Масала, Рамазан ГIабдулатIиповасул бакIалда вукIун дица гьедин гьабилаан халкъ биччалаан жидеего данде кколел чагIи гьенире рищизе. Гьанже гьеб Аллагьасда лъалаха бажарилищ, бажариларищали. Бажарулеб жо жакъа къоялда дида гIемер бихьулеб гьечIо. Нахъеккун бажарилеб батилаха".

ГьабсагIаталда партиязде гIадамал рищиялъулъ гIадлу гьабизе лъугьиналъ щибго хIасил кьоларин рикIкIунеб буго Болъихъ росдал депутат Муртуз ХIасанхIажиевас. Щайин абуни халкъалъул даражаялда бараб бугила гIемерисеб жо.

Муртуз ХIасанхIажиев: "20 соналъ халкъалъул пикру хисизабун букIана. Гьединлъидал гьаб заманалъе мустахIикъал ратилаха цIогьалги хъачагъалги. ЯхI-намус бугев чи хIажат ватиларо гьаб заманаялъ. Дир хIисабалда, жакъа тIалъиялъул ихтияр гьечIо чи жанив лъезецин. Щай? Нухмалъиялъ тIамуна халкъ гьединаблъун лъугьине. БетIербахъи гьабизе къваригIиналъ халкъалъул рес букIинчIо цIогьодичIогоги, квешабщиналда тIадрекъечIого чIезеги.

Щибаб рокъоб эбел-инсуца лъималазда малъулеб буго дуца гьабугейин тIекълъи, ритIухълъи цIунейин. Амма гьединал чагIи гIантал чагIилъун рикIкIунел руго. Дида лъаларо, тавбу гьабизегIаги кколеб батилаха гьанже. Байбихьизе ккола Рамазан ГIабдулатIиповас. Амнистия кьезе ккола - гьалдаса хадуб квешлъи, мекълъи гьабичIого чIезе. Амма жакъа гьел цIогьаздаса рорчIизе бакIги гьечIо - гьезда ракIалде ккани рищиязда гIахьаллъизе, гьел бергьуна".

ЦIарал кинал лъуниги, киналго партиязул мурадалги бицунеб жоги цого бугин абула дагъистаниязул цо къокъаялъ. Гьезул пикруялда рекъон, Дагъистаналда буго гIицIго кIиго партия - салафиязулги тIарикъаталъулазулги. ХутIарал партиял ругин цого коцонир чIварал.
XS
SM
MD
LG