МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказ цебетIеялъе квал-квал хIакимзабазул буго


Антон Силуанов (квегlиса) ва президент Владимир Путин, Москва, 17 Апр 2012
Антон Силуанов (квегlиса) ва президент Владимир Путин, Москва, 17 Апр 2012

Кавказалда ругел пачалихъиял хIакимзабазул къадар дагь гьабизе ккола. Гьедин абуна итни къоялда Пятигорскалда букIараб Россиялъул хIукуматалъул вакилзабазул данделъиялда улкаялъул финансазул министр Антон Силуановас. Гьеб данделъиялда гьоркьор лъун рукIана суал Шималияб Кавказалъул федералияб икълим социалиябгун-экономикияб рахъалъ цебетIеялъул суалал. Щайха дагьлъизабизе кколеб кавказалда пачалихъиял хъулухъчагIазул къадар?

Шималияб Кавказалъул республикаби церетIеялъе жакъа бищунго квал-квал гьабулел чагIи ккола хIакимзаби. Гьел цIакъго хираго чIолел ругин хIукуматалъеян абулеб буго Россиялъул финансазул министр Силуанов Антоница. Гьедин мисалалъе 1000 чиясда гьоркьов Москваялда цо гурони хIакимчи ватичIони Кавказалъул республикабазда гьезул къадар кIиго нухалъ ва цо-цо бакIазда лъабго нухалъ цIикIкIараб бугилан абулеб буго министрас. Пачалихъалъул гIарац бищунго цIакъ исрап гьабулел регионазда гьоркьоб министрас рехсолеб буго Чачаназул республика. ТIокIаб жо босичIони автомобилал ругел хIакимзабазул къадаралде балагьун Чачаназул автопарк бащалъулеб бугин тIолабго Шималияб Кавказалъул респуликабазул автопаркалдаян абулеб буго министрас.

ХIасил калам Кавказалда ругел хIакимзабазул къадар дагь гьабизе кколилан абуна министрас гьал къоязда Пятигорскиялда букIараб данделъиялда. Шималияб Кавказалъул республикаби Социалиябгун Экономикияб рахъалъ цебетIеялъул рахъалъ бицунеб данделъи букIана гьеб. 2012 соналъул декабралда Россиялъул хIукуматалъ хIадур гьабуна 2025 соналде щвезегIан Шималияб Кавказалъул республикаби церетIеялъул программа. Гьеб программа рагIалде бахъине харж гьабизе хIисабалде босун рагIула 2,5 триллион гъурущ харж гьабизе. 2013-2020 соназда федералияб бюджеталдаса биччазе рагIула 235 миллирад гъурущ.

Гьеб гIарац кинан харж гьабулеб бугебали халкквезе бугилан лъазабуна данделъиялда хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас. Гьеб халкквеялъул прграмаялде гъорлъе унеб буго финасназул министрас загьир гьабураб пикру, хIакимзаби дагь гьаризе кколилан абурабги.

ХIакъикъаталдаги гьеб цIакъ битIараб пикру бугилан разиго рахъккуна гьелъул Дагъистаналда ругел тIолалго пачалихъалъул хъулхъчагIазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев МухIамадов ГIабдулацаги. Жакъа Дагъистаналда чанги хIакимчи вугин жинда цебечIараб масъала кинаб куцалда тIубазе кколебалицин лъаларев. Республикаялда гIемер ругин чанги жидер хъулухъалъул магIна бичIчIуларел чанги идараби, министерлъиялъул бутIаби, комитетазул нухмалъулел. ГIадада гIодорги рукIун жидецаго гьабичIеб хIалтIухъа гIарац босулел ругин жакъа гьел. Профсоюзалъул нухмалъулес рикIкIунеб буго хIакимзабазул къадар дагь гьабизе кколин 25 проценталъилан:

ГIабдулаев МухIамад: «ГьечIо нилъер аниб гьабулеб хIалтIулъ кинабниги низам. Кинал ругониги идараби рагьулеб мехалъ рукIине ккеларищ чIванкъотIарал масъалабиги, гьез тIуразе кколел. Нилъер аниб гьел гьечIо. гьелъул хIасилалда буго кинабго бигъа-битун. Гьелъ буго нилъер гIадлу гьечIел нухалги, пайда гьечIеб транспортги, квешго хIалтIулеб даран базарги, гьелъ буго кинабго республикаялда тIаса масаго бугебги».

Дагьаб батIияб буго гьелда тIасан МахIачхъалаялдаса Эльдаров Эльдарил пикру «ЦIияб Коммерциялъулаб Банкалъул» Дагъистаналда бугеб филиалалъул нухмалъулев ккола гьев.

Эльдарица рикIкIунеб буго дотациязул къадар дагь гьабизе кколин. Щайгурелъул республикаялда ругел гIемерисел бюджеталъулал идарабиги ругин щибниги килищд кIутIарабгIан хайирги я пачалихъалъе, я халкъалъе гьабичIого жидеего бокьадухъе тун. ТокIаб жо босичIогицин росулин Дагъистаналда ругел щинал къватIиса хIукуматалъул маркаялъул атвомобилал.
Доба Россиялъул чIахIиял шагьаразда гIадаб кIудияб рехьед лъугьун бугин гьезул шагьаралъул къватIазда. Амма гьел жалго хIалтIун щварб гIарцуде росарал гурин гьел ругин хIукуматалъул чвантиниса гIарац бикъун ругьунал ццулъараб агьлуялъ расги къоги бихьичIого щвараб буголъи. ТIадеги гьел тIасан ккезе гIорцIичIел гьел тIадеги щайин гьеб гIарац дотация хIисабалда биччазе кколебилан гьикъулеб буго.

Гьеб гуребги Эльдарица цойги кIвар бугеб суалги. Республикаялда ракIарулел магъалабазул. Гьезул къадар цIикIкIинабизе кколилан абулеб буго Силуановас. Амма республикаялъул бюджеталдеги инчIого гьеб магъалао бакIарун щваншинаб гIарац цогидал бечелъизе унеб бугилан рикIкIунеб буго Эльдарица:

Эльдаров Эльдар: «Гьадинги дотациялъулаб регионлъун кколел нилъеца кинаб магъало кьезе кколеб Россиялъе? ХутIа-хутIаралги гьезул хIакимзаби рохизарун гьел бечед гьаризейищ?

Гьеб цо, кIиабизе босани нилъер руго чанги чIахIи-чIахIиял лъел электростанциял, амма гьезухъа щвараб хайир уна къватIибе республикаялъе щоларо, магъалоги нилъее унаро, уна къватIибе, нилъер чIегIернарт киналалиго хIалбихьиялъул заводал ругин абун гьез къватIибе кьабун уна. ХIасил-калам нилъерго бугебщинаб бечелъи, нилъее толеб гьечIо, рахъ-рахъалде ун тIагIунеб буго».

Жиндир заманалда республикаялда ругел хIакимзабазул къадар дагь гьабизе ккеялъул суал борхун букIана 2006-20I0 Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIу ГIалиевасги.


XS
SM
MD
LG