МагъчIваялъе рес

Громов: Хъулухъ гьабизе вачиналде цеве казак цин гIезавизе ккола!


Новочеркасскалда казаказул кадетал, 22Янв2013
Новочеркасскалда казаказул кадетал, 22Янв2013

Щал кколел казакал цереги гьанжеги? Гьезул наслабазул чи чан вугев жакъа Россиялда? Кколищ казакасул цо хасаб дин букIине? Щай жакъа казаказ тIалаб гьабулеб бугеб хIукуматалдаса жал халкъ бугин лъазари ва щиб гьезие гьелдаса щвезе бугеб?

Араб соналъул бакьулъа байбихьун жакъа къоялде щвезегIан россиялъул казаказда сверун кIудияб ахIи-хIур буго информалатазда. Гьеб байбихьун букIана Краснодаралда казаказул къватIазда хъаравуллъи гьабизе хасал къукъаби гIуцIиялдасан, хадуб гьезухъе губернатор Александр Ткачевас пневматикияб ярагъ кьеялда сверун хIукму гьабиялда ва гьанже доналъул казаказ жал халкъ ругин лъазабеян митинг тIобитIиялда ва улкаялъул нухмалъиялъухъе гIарза битIиялда.

Казаказул багъа-башари цIи гьабизе байбихьун букIанин I989 соналда ва гьезул тIоцевесев атаманги коммунист партиялъул Централияб комитеталъул инструктор вукIанин бицана Эркенлъи Радиоялъе казак Левченко Сергейица.

Левченко Сергей: «Казаказул багъа-башари цIи гьабиялъул хIукмуго къабул гьабун букIана I989 соналда Коммунист партиялъул Централияб комитеталъул нахъ-рукъзабахъ. Советияб казаказул багъа-башариялъе нухмалъи гьабурав тIоцевесев атаман вукIана рехсараб Централияб комитеталъул инструкторлъун. Гьесул цIар гьаб сагIаталда дида ракIалда гьечIо.

Доналъул Ростовалъул ракьалда бугеб Багаевская абулеб росулъ казаказул багъа-башари цIи гьабизелъун бакIарараб данделъиялда вукIана дун. Клубалде ракIарараз абулеб букIана рачIайин казакал ругин нижин сияхIал гьаризейин. Казакаллъун рижарал дун-тайпаялъул чагIаз абуна казакаллъун рижарал нижее гьелъул хIажалъи гьечIин. Цинги хIукму гьабуна гьенив вугевщинав чиясул цIар абизе, ракIараразе гьев данде кколев ватани "Любо!"-ян ахIизе, данде кколарев ватани "Не любо!"-ян ахIизе. Гьедин ахIун лъазабулеб букIана ниж казакал ругеблъи. Цо казакасул васасул васги вахъана жив казакин абун. Гьеб мехалда киназго ахIана "Не любо!"-ян. Щиб кинан цIехедал тIатана гьесул кIуда-эмен росдал килиса биххиялъулъ гIахьаллъун вукIиналда бан казакалъа нахъе къотIун вукIин, гьединлъидал гьев чи жидерго кьеразулъ казаказ рикIкIунев вукIинчIо. Амма хадуб маслигIат гьабун восана гьевги казаклъун».

Казакасул лъимадул лъималги гьезул лъималги казакаллъун росизе кколаро. Гьезда абула казакаллъун рижаралин.

Казакаллъун росиялъул церемония тIобитIула эбел яги эмен казакал ругел лъималзда сверун. Цебе гьеб букIана цIакъ кIвар бугеб церемония, гьанже абуни гьеб расандиялде сверун буго. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе казаклъун вижарав Левченко Сергейица. Гьесулго рагIабазда рекъон,

казаклъун чи восулев мехалда цебе гьеб тадбиралде абулеб букIана «горсвери» ай «круговая» абун, гьениб горсверуде ракIарарал жамгIияталъул чагIаз казакаллъун росулезул лъаялъул хал гьабулеб букIана, масала христианазул какил жал ва гIадатал лъаялъул, гьелдаса хадуб гьес цо накуялдаги чIун баизе кколеб букIана бащдаб лълъалиниса къватIибе цIараб хвалчада, инжилалда ва хъанчида. Цинги хадуб гьесие кьолаан казакасул тIагъур.

Казаклъун умумузул заманалда чи восулеб мехалда тIоритIулел рукIарал тадбиралги гьезул магIнаги гьанже тIубанго хвезабун бугин гIагали буго Сергейил.

Cергей Левченко
Cергей Левченко
Сергей Левченко: «Жакъа казаклъун чи восиялъул тадбир цо кинабалиго расандиялде сверун буго. Лълъалиниса бахъараб хонжрода тIад лъураб водкаялъул стаканги гьекъезабун лъабцIул гьев чиясул мугъалда цIалги кьабун, ракI бацIадго хъулухъ гьабеянги абун лъугIулеб буго гьеб тадбир. Казакаллъун росиялъул магIнаго хвезабун буго гьанже».

Казаклъун восизе ккани пуланаб ригьаде чи вахине кколин абулебги мекъаб бугин бицана Левченкоца. 4-5 сон барал лъималги росулин казакаллъун, гьединлъидал казакаллъун росулеб мехалда гIаракъи гьекъейги цебе букIинчIеб ва мекъаб бугин абулеб буго гьес. ГIаракъи гьекъоларев яги гьекъезе бегьуларев чи казаклъун восичIогунищ гьеб мехалда тезе кколевин абураб суалги бижулеб буго гьесул.

Гьелде тIадеги казаклъун восизе бегьулин бокьарав чи. Гьесул умумул щалали ва гьесул динцин цIехоларин гьеб мехалда, гьес казаказда цадахъ гIумруги гьабулеб бугони, гьелгун гьесул гIамал-хасиятги рекъолеб бугони, казаклъун вукIинеги гьесие бокьун бугони-гьев чи казаклъун восулин бицана Левченкоца. Казакаллъун гъалгъаялги, калмыкалги, грекалги, циганалги-киналго абухъе миллатал къабул гьарулел рукIанин бицана нахъеги гьес.

Казаказул кьалбазулъ тюрказул бутIаги букIанин ва хадуб цоял гьездаса ратIа тIунин цогиял гьезда гъорлъе журанин бицана ЭР Казаналъул Университеталдаса тарихиял гIелмабазул доктор ИсхIакъов Дамирица.

ИсхIакъов Дамир: «Казаказул нилъеца бицунеб мехалда кIочене бегьуларо гьезул кьалбалъ тюрказул бутIаги букIин. Цере казаказде гъорлъе унел рукIарал туркал гьезде гъорлъе журан гьенирго хутIана, цогиялин абуни, татаразул халкъалда гьоркьоб этникиял къукъабилъун цIунун хутIана».

Казаказ жакъа хIалтIизарулел рагIабиги, жибго казак абураб рагIигицин тюрк мацIалдаса рачIарал ругин бицана гьес.

ИсхIакъов Дамир: «Узухъда, казаказ хIалтIизарулел аслиял рагIаби-жибго казак абураб рагIиялдаса байбихьун, есаул, атаман абурал рагIаби гьел руго тюрк мацIалдаса росарал рагIаби. Казакал батIа чIараб къукъалъун лъугьунеб Гьоркьохъел гIасрабазул заманалда тюрк мацIалъул кIвар кIудияб букIун батизе буго. Казаказул культураялда ва лексикаялда буго тюрказул кьалбал ругеб тIубарал хъатал».

Казаказ Россиялъул империялда кколеб букIараб бакIалде ва жакъа гьезие кьезехъин бугеб бакIалдехунги хасаб пикру буго профессорасул.

ИсхIакъов Дамир: «ГIагалигун абизе кколеб буго империялъулаб Россиялда казаказ кидаго хIалеб букIанин цо хасаб роль. Гьезда абулаан империялъул кверщалил къаву-гьабиян. Гьел хIалтIизарулаан халкъалъул дандечIей къезабизелъун. Гьеб тарихалдасан нилъеда лъикI лъала. Гьанжесеб Россиялда империялъул гIаламатал цIигьаризе хIаракат бахъулеб мехалдаги казаказе гьез цебе хIалеб букIараб роль кьезе хIалбихьулеб буго. Узухъда, гьелъул букIине буго кIудияб квешлъи. Демократияб жамгIияталда кинго рукIине кколаро гьединал гIуцIаби. Дида ккола демократияб бербалагьи бугел гIадамаз гьелъул рахъги кквезе гьечIин».

Гьаб сагIаталда полициялда цадахъ Краснодаралъул къватIазда хъаравуллъи гьабулеб буго 1300гIан казакас.
Жидеего бокьун, мухь кьолеб гьечIониги Краснодар шагьаралъул къватIахъ ва гьеб мухъалъул росабалъ хъаравуллъиялде вахъунев вуго жеги 2000гIан казак.

-Дида гIемер гьикъула къватIахъ полициялъулал гурел, масала, казакал щай ругелин хъаравуллъиялда,-ян абулеб букIана гьеб данделъиялда Ткачевас.- Нилъер ракь казаказуллъиядал кколеб! Гьаб буго нужер рукъ, нужер къватIал, гьанир гIумру гьабулеб букIана нужер умумуз, гьанже гьаб ракьалда гIолел руго нужер лъимал. Дида ккола гьеб битIараб бугин,-абулеб букIана губернаторас.
Казаказдаго цадахъ гьеб ракьалда гIумру гьабулел умумул цоги миллатазулги рукIин, гьезулги лъимал гьенир гIолел рукIин гебернаторас гьеб данделъиялда ракIалде щвезабулеб букIинчIо.

Левченко Сергей: «Краснодаралъул гебернаторасул нухмалъиялдалъун гьенир гьарулел ругел жал, битIараб бицани, дие рекIее гIолеб гьечIо. КъватIахъ яги цо бакIалда гIадлу-низам чIезабизе тарал хасал хъулухъал ругелъул-жанисел ишазул министерлъиялъул яги цоги къуватазул рукIа, халкъ гьабизе кколеб жо гурогури гьеб! Халкъалъ гьабилин абуни, гьабеха, амма цо халкъалъ цоги халкъалъе гуреб, киналго цадахъ рахъун къанун хвезабулезде данде. Ткачёвас гьабулеб бугеб жо дица рикIкIуна казаказул багъа-башари цIи гьабиялъе хилиплъилъун. Дица рикIкIуна казакал халкъ бугин, гьединлъидалъ халкъалъ халкъалъе хъваравуллъи гьабулеб бугин лъазаби-магIна гьечIеб жо буго.

Щиб жо гьеб кколеб? Кин нужее бокьизе букIараб, масала, МахIачхъалаялъул хъватIахъе хъаравуллъи гьабизе, масала, даргиял рахъин? РукIинаан макъалабиги "Даргияз МахIачхъалаялъул къватIахъ хъаравуллъи гьабулеб буго"-ян абурал. Кин рукIинел рукIарал, гьединго, масала, Грозныялда хъаравуллъи гьабулел чачанал ва Ростовалда-гIурусал? Гьеб щиб жо кколеб? Кин бегьулеб хъаравуллъи гьабулезда казаказул хъаравулзабийин абизе?»

Гьедин бицана Левченко Сергейица.

Жакъа гIемермиллатазулаб, щибаб лъагIалица риидалги хасалоги хIухьбахъи гьабизе гIадамазул миллионал рачIунеб ракьалда хIинкъигьечIолъи чIезабун бажарулеб гьечIо цохIо полициялда. Казаказ хъаравуллъи гьабизе байбихьарал тIоцересел моцIаздаго бажарана I70 такъсир къотIизаби. Гьедин хъвалеб буго Краснодаралъул ракьалъул администрациялъул официалияб сайталда. Гьеб къотIизабиялъул процесс кин унеб букIарабали гьез мухIкан гьабулеб гьечIо.
Гьенибго лъазабулеб буго казаказ къотIизабураб 30 азаргогIанасеб административияб гIадлу-низам хвезабиялъул хIужаялъулги.

-Нижерги гIадамазулги гьанже ракIчIун буго гьеб хIукму битIун гьабун букIиналда, гьединлъидал гIагараб заманалда кIиго нухалда цIикIкIинабизе буго къватIахъе хъаравуллъиялде рахъунел казаказул къадар ва гьезухъе кьезе буго травматикияб ярагъ,-гьедин абулеб букIана Ткачёвас тIадехун рехсараб данделъиялда.

Жибго Краснодаралъул къватIахъ хъаравуллъи гьабулел «казаказул полициялъул» вакилзабаз бицун буго информалатазе жидеца «бищунго цебе кIвар кьолин кавказиязул куц-мухъ бугел чагIазейин». Гьезие гьединго рекIее гIолел гьечIо, гьез абухъе «лъай бугелги» ай жидерго ихтиярал цIунун гьезда нуж щал кколеллин гьикъулел ва данде кIалъалел.

Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевас абухъе, «казаказул полициялъ» миграциониял суалазда тIад контроль чIезабизе кколеб рагIула ва гьес абухъе, «тIубараб поляналда кьварун низам чIезабизе» кколеб рагIула.
Жакъа Краснодаралъул нухмалъиялъ казаказда сверун билъанхъизабулеб хасаб политика пачалихъалъул загIиплъилъиялъул гIаламатлъун бихьулин жиндаян бицана ЭР Каратаев Владимирица. Гьев ккола Адыгъеялъул Славяназул Цолъиялъул нухмалъулев.

Каратаев Владимир: «Дида гьеб бихьула пачалихъалъул загIиплъилъун. Бюджеталъ хьихьун ругел официалиял идарабазда бажарулеб гьечIо низам цIунун. Гьел руго коррупциялъулъ къан ва гьезие жидеего нухмалъи гьабизецин бигьалъулеб гьечIо. Жалго казаказул абуни, дида гьеб бихьулеб гьечIо казаказул рахъалдехун лъураб галилъун. Субэтнос хIисабалда казаказе гьеб хъаравуллъиялдаса щибго швезе гьечIо. Я гьезул культура цIунизе ва цебетIезабизе, я гьезие кинал рукIаниги ихтиярал щвеялъул рахъалъ гьелъул кинаб букIаниги асар букIине гьечIо. Гьеб буго административияб даражаялда бугеб гIункIкIазул расанди. Гьебги хурхараб буго къойидаса-къойиде пачалихъалъул нухмалъи кверзукьа борчIулеб букIиналда бараб иш».

26 январалда Доналда бугеб Ростовалъул казаказ тIобитIун букIана митинг. Гьениб гьезул аслияб тIалаб букIана казакал россиялъул миллатазул цояблъун лъазареян абураб. ЮНЕСКОялда казакал церего халкъ хIисабалда ругин ва казакал гьеб бакIалъул кьолболаб халкълъун лъазаризе кколин рикIкIунеб буго Зимовниковский юрт абулеб бакIалъул атаман Павел Сериковас. Гьеб митингалъул хIасилалда улкаялъул нухмалъиялъухъе битIун букIана гьединаб магIнаялъул гIарзаги.

Сергей Левченкоца бицухъе, гьеб гIарзаялда тIасан гьезухъе жеги жаваб бачIун гьечIо. Гьелде тIадеги гьес бицана гьанже цо-цо къуватаз хIаракат бахъулеб бугин «Казаказул партия» абуралгIадал къукъаби гIуцIун гьеб кинабго хIаракатчилъи контролалде гъоркье бачине. Гьанже гьел чагIаз гьабулеб бугеб жо казаказул жидецаго жидеего нухмалъи гьабизе ихтияр тIалаб гьабулеб багъа-башариялдаса рикIкIадаб бугин ва релъараб бугин 90-билел соназул авалалда казаказул атаманлъун партиялъул инструктор теялдайин абуна Сергейица.

Каратаев Владимирица рахъ кколеб буго казакал халклъун лъазаричIони халкалъул тайпа-тухумлъунгIаги ай этнослъун лъазариялъул.

Каратаев Владимир: «Дида ккола битIараб букIинаан казакал цIидасан тайпа-тухум хIисабалда лъазаруни. Гьеб мехалда цIи гьаризе ккола ракьалде ва жидеего нухмалъи жидецаго гьабизе гьезул рукIарал ихтияралги».

Амма пачалихъиял хъулухъалгун рекъон, КраснодаралдагIадин казакал пачалихъиял суалал тIуразе рахъинари гьесдаги битIараблъун бихьулеб гьечIо.

Каратаев Владимир: «Милиция жиндалъун хисулеб бугеб ва жинда гъоркь кинаб букIаниги социалияб кьучI гьечIеб казаказул багъа-башари-гьеб щибго гуреб муляж буго. Казакаллъун рикIкIине ккола казаказул букIарабгIадам гIумру-яшав гьабулел чагIи. Гьелъул магIна ккола-гьел росдал магIишаталда ва пачалихъалъе хъулухъалъе хIалтIизе кколин абураб. Гьединлъидал цебеги букIараб".

Жакъа нухмалъиялда хадуб жидеца такрар гьабулеб бугин казаказул къадар 7,9 ва хIатта12 миллионцин бугин, амма гьеб гIемерго битIараб гьечIин рикIкIунеб буго Владимир Громовас. 1990-билелдаса 2007 соналде щвезегIан гьев вукIана Кубаналъул казаказул атаманлъун.

1897 соналда гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, Россиялъул империялда вукIанин 4 миллионгун 500 азарго казак, хадуб Дунялалъул тIоцебесеб рагъ, гражданияб рагъ, ракъи, репрессиял, КIудияб ВатIанияб рагъ...Гьеб киналдасаго хадуб казаказул къадар киндила цIикIкIине рес букIарабин гьикъулеб буго гьес. Гьес абухъе, кубаналъул росабазда гIадамазул къадар 1930 соназда букIаралде бахун гьечIо.

Гьесул пикруялда казаказул къадар 4-5 миллионалдаса цIикIкIун батаниги, гьезул гIемермиллионал гьечIо.

Жакъа президентги хIукуматги гурелги жалго казаказул атамалги божун ругин гьезул гIемермиллионал рукIиналда. Гьедин батани, партиял гIуцIизе кколин рахъун ругин цоял, амма партиял этникиял принципазде балагьун гIуцIулел жал рукIунарин рикIкIунеб буго Громовас.

Цогиял лъугьунел ругин киналго казаказул гIаммав атаман вищизе кколин, цебеги гьедин букIанин абун. Цебе гьедин букIинчIин, цеве вукIанин «августейший атаман», гьевги вукIанин символ хIисабалда вищулев чи, казаказул гIумруялде гъорлъе лъугьинеги гьесул ихтияр букIинчIин кинал рукIаниги къануналги гьес къабул гьарулароанин бицун буго Громовас Кавполит сайталъе. Гьанже гьединав атаман вищани, нухмалъиялъул вертикаль хIисабалда къануназул ва буюриязул цIад базабизе бугин гьесин абулеб буго Громовас.

Казаказулги кавказалъул халкъазулги гьоркьорлъабазул бицунеб мехалда Громов мукIурлъулев вуго тарихалдасанго кавказалъул халкъазда гьел колонизатораллъун рихьулел рукIиналъе. Гьединлъидал казаказул тIоцебесеб съезд бакIарулеб мехалдаги жал адыгъазул жамгIиял гIуцIабазул вакилзабигун данделъун рукIанин ва тухум-тайпаялъе кинал рукIаниги лъикIал шартIал яги цоги гьелда релъараб тIалаб гьабизеги жидеда ракIалде гьечIин абун букIанин ва гьез жидер рахъги ккун букIанин.

Гьанжеги цебегогIадин кавказалъул халкъазулгун лъикIал гьоркьорлъаби чIезаризе кколин рикIкIунеб буго Громовас. Гьелъиеги жалго казаказ гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе кколин. Казаказ пачалихъалъе гьабулеб хъулухъалъе кьолеб бугин аслияб кIвар ва гIадаталги, динги, культураги, тарбия кьейги кIочене толеб бугин. Гьанже кIочон бугин хъулухъ гьабизе вачиналде цин казак гIезавизе кколевлъиян абулеб буго Владимир Громовас Кавполиталъе кьураб интервьюялда.
XS
SM
MD
LG