МагъчIваялъе рес

Жириновский миллионалдаса махIрумлъана


Москваялъул Пресненский диваналъ инкар гьабуна политик Владимир Жириновскиясул гIарзабазе. Гьел ккола Дагъистаналдаса юрист Шамиль Шайховасдаги "Московский комсомолец" газеталдаги хурхун гьес хъварал гIарзаби. Масала, Дагъистаналдаса юрист рази гьечIо Жириновскияс Кавказалъул халкъал хIакъир гьарун абулел кIалъаяздаса.

«МК» газеталъ хъвараб макъалаялдалъун жиндир къадру гIодобегIанлъулеб бугин, гьединлъидал жиндир ракIбакъвазабуралъухъ жиндие млн гъурущги кьейин, гьеб макъалаялда рехсарал хIужаби мекъи ругилан прессаялдасан жавабги кьейин абураб тIалаб букIана Жириновскияс диваналдаса. «Государственная Дума в деньгах» абураб гьеб макъалаялда гьелъул автор Александр Минкиница рехсолеб буго Дагъистаналдаса юрист Шайхов Шамилица Жириновскиясда тIасан диваналде гIарза хъван букIинги. ГьечIин гьединаб гIарзайилан абун буго Жириновскиясул рахъалъ диваналде вачIарав вакилас.

Жинца гьединаб гIарза жинда тIасан хъвараблъи лъачIого букIине рес гьечIин Жириновскиясдайин бицана ЭР-ялъе Шайхов Шамилица, щайин абуни гьелъул хIакъалъулъ интернеталдасан цIакъ гIемер бицун букIанила доб мехалъ. Гьединлъидал ххвелал гьарулев чи вугила гьев. Гьединго Москваялъул диваналъги жаваб кьуна Жириновскиясе хIакъикъаталдаги бугин Дагъистаналдаса юристас гьесда тIасан хъвараб гIарза.

Гьеб кьун буго Москваялъул Никулинский абулеб диваналде. Пресненский диваналъ гьединго рикIкIана Минкинил макъалаялдалъун политик Жириновскиясул кигIан дагьабгицин къадруги хвезабулеб гьечIилан. Гьеб макъалаялдаса разилъи гьечIолъи бихьизабун Жириновскияс гIарза кьун букIин лъалебцин букIун гьечIо Шайхов Шамилида.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьес бицана гIезегIан моцIаз цебего Жириновскияда тIасан Никулинский диваналде кьураб жиндир гIарзаялъул жегиги хал гьабулебго гьечIилан. Шайховас гьеб гIарза хъваялъе гIиллалъун ккун бугоан маххул хьуриялъ сверун кквезе кколин Кавказги, гьезул руччабазе лъимал гьаризе гьукъизеги кколин Россиялъул телевидениялдасан Жириновскияс гьабураб кIалъай.

Гьеб квеш букIун Никулинский диваналде кьураб гIарзаялъул хал гьаби цIакъ цIацIазабулеб бугилан бицана Шайхов Шамилица ЭР-ялъе.

Шамиль Шайхов: «Гьаб гьечIин, доб цояб гьечIилан, багьанаби ратулаан диваналъул ваиклзабаз щибаб нухалда. Цинги кинабго гьез абунщинаб жо данде бакIаридал, щибниги жавабги гьабичIого чIана гьел. Гьеб мехалда щиб кинали гьикъизе дунго ана Москваялде. Гьез абуна Жириновскияс кавказиял хIакъир гьарулел рукIиналъе нугIлъи гьабизе гIурал хIужаби гьечIин материалалда жанир. Цинги дица гьезухъе кьуна линвистикаялъул анализ. ГIолищин гьанржеян гьикъана, гIолин жаваб кьуна доз. Гьеб мехалда дун МахIачхъалаялде тIадвуссана. Гьелдаса хадубги ана гьоркьоб мех. ЦIидасан щвана Москваялде. Щай нужеца дир гIарзаялъул хал гьабуларебин цIехана дица. Гьеб мехалда дие жаваб кьолеб буго дуца гьеб гIарза жиндир заманалда босун бачIинчIин, гьелъул хал гьабулеб болжал лъугIанинги абун, дихъего тIадбуссинабуна гьеб».

Амма гьелдаги гIей гьабун чIечIого, Шайховас аппелциялде кьун гьебугн, цIидасан гIарза хъван, цIидасан босизабун буго гьеб даптар диваналде. Амма гьанжеги гIиллабиги рачун, халатбахъинабулеб буго гьелъул хал гьаби.

Жириновскиясул суал гьал къоязда Дагъистаналъул парламенталда КПРФалъул депутат МухIамад МухIамадовасги борхана.

МухIамад МухIамадов: «Кавказалда, гьединго Россиялда гьев лъала кавказияздаги бусурбабаздаги дандечIарав чи хIисабалда. Гьанжейин абуни гьев вуго Украинаялъулгун гьабулеб рагъул цебесеб кьерда».

Шайхов Шамилица Владимир Жириновскиясда тIасан кьураб гIарзаялде тIадруссани, гьелда бан живго Жириновскияс Шайховасе кьураб жаваб гьечIо. ГIицIго телевидениялдасан абуна гьес жиндир рагIаби мекъи ричIчIун ругин. Маххул хьуриялъ сверун кквейин абичIила жинца Кавказ, абунила гьенир низам цIунулезул постал лъезе кколин.

XS
SM
MD
LG