МагъчIваялъе рес

Ксенофобазе хъулухъазде нухал къазе руго


Чиясул миллаталдехун яги диналдехун рокьукъаб бербалагьи загьир гьабурал гIадамал хIукматалъул жавабиял хъулухъазадаса эркен гьаризе ккелъул суал борхун букIана дагьаб цебегIан улаялъул регионал церетIеялъул министерлъиялда тIобитIараб данделъиялда. Улкаялъул политолгазугун экспретазул цоккураб пикру гьечIо гьеб суалалда тIасан.

Гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго гIемерисел экспретазги, амма щивас загьир гьабулеб буго жинди-жиндир пикруги. Мисалалъе жамгIияталъулго гIунгутIаби лъазари абураб централъул вакил Малахов Владимирица рикIкIунеб буго ксенфобиял кIалъаял гьарулел хIакимзабазда хадуб хIукуматалъ гуреб жинцаго жамгIияталъ кквезе кколин, миллаталдехун рокьукълъи загьир гьабулел чагIазе тамихI жинцаго халкъалъ къотIизе биччайилан абулеб буго экспертас.

Миллатазда гьоркьор ругел тунка-гIусиязда хурун къабул гьарурал къанунал пачалихъалда гIезегIан ругин, гьединлъидал пачалихъалъул хъулухъчагIи ратIа гьарулел цойги къанун хIажат гьечIеблъун бихьулеб буго ХIажимет СафаргIалиевасда. Пачалихъияб Думаялад миллиял суалазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев ккола гьев, регионалияб министерлъиялъ загьар гьабураб пикру гIумруялде бахъинабизе гьелъул нух цIакъго чIедераблъун бихьулеб буго гьесда.

Амма ксенофобазда хурхун загьир гьабураб пикруялъул бищунго рахъ кколеб буго политолог Максим Шевченкоца, гьединго гьев ккола инсанасул ихтияразул рахъалъ россиялъул Президентасда цебе бугеб шураялъул вакилги. Миллатазда гьоркьоб рагъулал тунка-гIусиял цIикIкIинчIого рукIиналъе кIудияб квербакъи букIине бугин гьеб къануналъул.

ГIемер миллатазулаб улкаялда цIакъ кIвар бугеб суал колин гьебилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат Абармкина Маринацаги. ГIолилазул туризамалъул рахъалъ комиттеалъул нухмалъулей ккола гьей. Жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна гьелъ

Абрамкина Марина: «Дицани абила къануналда рекъон гуреб, нилъерго намус-яхIалъул мисалалда рекъон риччазе бегьуларин гьединал гIадамал хIукуматалъул тахбакIаздеян. Гьавураб къоялдаса байбихьун лъимаде кьолеб тарбиялдасанго байбихьизе ккола инсан хIакъир гьавулеб рагIи абизе бегьулареблъи гьесда бичIчIизабизе. Жибго гьеб рагIул магIнаялъухъ хал гьабун хIисабалде босизе дунялалъул бокьараб пачалихъалда хIалтIизабизе бегьулреб рагIи гьеб букIин. Цоцазул адаб-хIурмат гьабизе ругьунлъизе къваригIун буго нилъе киназего, гьеб мехалда рукIалиде бачIине буго кинабго».

Амма жураналистка Анохина Светланаца тIубанго разияй гьечIо гьеб пикруялда. Гьелъул рагIабазад рекъон халкъалда жеги рагIа-ракьанде щун бичIчIулеб гьечIо ксенофобия абураб рагIул хIакъикъияб магIна. Гьелъ ракIалде щвезабуна Дагъистналда къватIире ричале чанго батIиял газетазда жий хIалтIулеб мехалъ жинда гIемер дандчIванин ксенофобиялъул кьучIалда хъварал макъалаби, амма аслияб куцалда кинаб бугониги миллаталда яги диналда дандечIарал гурел гьел макъалабаз газета цIалел ахIулел рукIанин миллияб рокьукълъи куцазе, амма тIалъиялъги гьеб саулаладехун тIаса-масаяб бербалагьи гьабун толеб букIанилан бицана гьелъ.

Светлана Анохина
Светлана Анохина
Анохина Светлана: «Дун божуларо нилъер улкаялда гьеб къанун хIалтIилин абараб жоялда, щайгурелъул пачалихъалъулаб кIваралда рекъон хIадур гьаруниги, цогидал къануналги хIалтIизе риччачIеб куцалъул мисалал гIемер ругелъул нилъер гьанир. ЛъикI буго, бищунго гIемер миллияб рокьухълъи загьир гьарулеб магIнаялъул кIалъаял гьарулев Жириновскиясе гьабуниш цониги нухалъ гIадлу? Гьалдаса хадуб гьабилиланги кколаро, гьедин федералияб даражаялдацин хIалтIулареб къанун республикаялдаги кинха хIалтIилеб?»

ХIакъикъаталдаги лъикIаб хабар бугоанин гьеб Кавказалъул миллтазул ихтиярал цIуниялде ахIулеб къагIидаялъ хIадур гьабизе батани, амма жиндир щаклъи бугин тIалъиялда ругел батIияб партиялъул вакилзабаз политикиял мурадазе гIололъун бицунеб хабар гьеб батилин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе Ибрагьимов Бадрудиница. Гьев ккола Гуржиялда ругел магIарулазул вакил, гьанже МахIачахъалаялде гочун гьенив гIумру гьабун вугев жамгIияв хIаракатчиги.

Ибрагьимов Бадрудин
Ибрагьимов Бадрудин
Ибрагьимов Бадрудин: «Миллатал батIи-батIиял ругониги нилъ руго цо улкаялъул гIадамал. Амма дагъистан бахун къватIирехун ккедал тIоцере нилъерго чагIаз гьабула квал-квал, гьеб буго дие бокьулареб жо. Гьединал гIунгутIаби лъугIизариялъе кIудияб пайда букIинаан гьеб къанун хIадур гьабуни».
Миллатазда гьоркьо рекъел букIинаби абураб суалалде цIакъ кIвар кьолеб буго ахираб заманаялда Россиялъул хIукуматалъги. Исана марталда тIобитIараб хIукуматлъул данделъиялда къабул гьабуна Миллияб политика гIумруялде бахъинабиялъул цIияб программа. ГIаммаб куцалда гьеб пргорамма цебетIеялъе хIукуматлъул бюджеталдаса биччан буго 500 миллион гъурущ.
XS
SM
MD
LG