МагъчIваялъе рес

Миллияб батIалъиялдаса динияб цолъиялде


Этнолог Дмитрий Опариница ва тарихчи Марат Сафаровас рикIкIунеб буго, Москваялда бусурбабазул аслияб къадар кколеб татаразулги къватIисан, гьездаго гъорлъ Шималияб Кавказалдаса, рачIарал бусурбабазулги гьоркьорлъаби реццизе бегьулел гьечIин. ТIаде рачIараз букIине кколеб къагIидаялда адаб гьабулеб гьечIин бакIалъулал миллатазул диниял гIадатазулин.

Москваялъул Большая Татарская къватIалда бугеб мажгиталъул имам Руфат АхIматжановас Опарингун ва Сафаровгун кIалъалаго, къватIисан рачIаразде абулеб буго «цIиял» бусурбабийин. Гьесул рагIабазда, «бакIалъулал», ай, аслияб къагIидаялда татарал-бусурабазе абизегIанго ракIалъе гIолел гьечIин «цIиял» бусурбаби. «Цебе, анцIгогIан соналъ цебе, Москваялъул мажгитазда букIана парахалъи, санагIалъи, бигьаго тIоцебесеб мухъалда чIезе рес букIана какал ралеб мехалда. Гьанже гьединал ресал гьечIо», - ян гIарз гьабулеб буго АхIматжановас.

Москваялъул исламияб колледжалъул ректор Марат Арслановас абулеб буго, гьединаб «тамахаб» рокьукълъиялъе гIилла кколин, къватIисан рачIаразул къадар кIудияб букIинин ва гьезул цо-цояз бакIалъулазул диниял гIадатазул абизегIанго адаб гьабулеб гьечIеблъийин.

Гьедин букIанигиян абулеб буго Арслановас, гIолохъанал татараз мисал босулеб бугин Шималияб Кавказалъул гIолохъабаздаса, хасго гъалгъалгун чачаназдаса, дагъистанияздаса, гъабардаялъулаздаса. Гьеб кколин ахирисеб чанго соналъул баянаб тенденцияйин.

Марат Арсланов: «Ахирисеб чанго сонида жаниб дида бихьулеб буго татараз кавказалъулазулгIадаб хьвда-чIвади баккиялъул тенденция. Татаразги цоги миллатазул бусурбабазги такрар гьабулеб буго кавказалъулазул ретIел ретIиялъул къагIидаби, манераби. Динияб рахъалдасаги цо-цо жо гIолохъабаз гьездаса босулеб буго. Какал ралел мехалдаги чанги рихьула ханафитазул мазгьабалъул гIолохъабаз шафиитазул мазгьабалъул элементал хIалтIизарулел рукIин. Гьез гьеб лъачIого хIалтIизабулеб батизеги бегьула. ГIолохъабигун кIалъан, гьеб кинабго бихьун, дица ккола, Москваялъул татаразги, цогидал бусурбабазги Кавказалъул гIолилазул къагIидаби къабул гьарулел ругин.»

ЭР. - Кин дуда кколеб, гьеб лъикIищ яги квешиш бугеб?

Марат Арсланов: «Кавказалъул халкъазул хасият ва хвада-чIвади такрар гьаби букIинчIебани, букIине бегьулаан щиб букIаниги цогидаб. Лъида лъалеб, квешабиш яги лъикIабищ мисал гьез босизе букIарабали. Дида ккола, гьелда нахъ щибниги квешаб жо гьечIин. Пуланаб заманалда гьеб «гIолилазул унти» гIадин лъугIина. Дир хьул буго гьелдаса хутIулеб «лъалкIги» лъикIаб букIинин. Гьелъ гьезул хадусеб гIумруялъеги кумек гьабилин».

ЭР. - Кин дуда кколеб, щай гьез гIицIго кавказалъулаздаса мисал босулеб бугеб, Москваялда гIемер руго гури добго Гьоркьохъеб Азиялъул ва цогидал улкабаздаса бусурбаби?

Марат Арсланов: «Москваялъул гIолахъанал бусурбабаз Кавказалъул бусурбабаздаса мисал босулеб букIиналъе гIилла батилин ккола дида кавказалъулал цоцалъ журан, цоцал рахъ ккун рукIунеблъи, цолъун рукIунеблъи, гьезул кIудияб жавабчилъи, гьезул жидедего бугеб кIудияб тIалаб. Динияб бербалагьиялдасаги гьеб лъикIаб хьвада-чIвади ккола.

Цингиги гьезие ракIалъе гIолеб батила кавказалъулазул бихьинчилъи, кьварун чIей. ГIолохъанлъиялъе гьединал жал рокьула. Гьез гIамал гьабулеб букIуна лидерлъиялде. Гьединал хасго Кавказалъул халкъазе хасиятияб жо, Москваялъул бусурбабазеги ракIалъе гIолеб буго. Гьедин Москваялда гуребги, буго Россиялъул гьоркьохъеб мухъалда гIумру гьабун ругел бусурбабазда гъорлъги. ГIурусазул бусурбабазеги ракIалъе гIолеб бугин ккола дида гьеб кинабго».

XS
SM
MD
LG