МагъчIваялъе рес

"Агентал" баянлъизарулеб къанун


Росссиялъул Федерациялъул президент В.Путин
Росссиялъул Федерациялъул президент В.Путин

21 июлалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана «Коммерциялъулалгурел гΙуцΙиязул хакъалъулъ» къанун. Гьелда цебе гьеб тасдикъ гьабуна Пачалихъияб Думаялъ ва Федерациялъул мажлисалъ. .

Хаслихъе къуваталде лъугьунеб къануналда рекъон, къватΙиса пачалихъаздаса гΙарац щолел, политикаялде хурхен бугел коммерциялъулал гурел гΙуцΙабазе кьолеб буго «къватΙисеб улкаялъул агент» абураб статус. Гьединал гΙуцΙиязда тΙадаблъун гьабулеб буго жидерго хΙалтΙул хасаб къагΙидаялда загьир гьабизе. Инсанасул ихтиярал цΙунулез гьеб къанун рикlкlунеб буго репрессивияблъун

Пачалихъияб думаялъ Ι3 июлалда къабулгьабураб , Федерациялъул шураялъ Ι8 июлалда тасдикъ гьабураб гьеб къануналъ, рижизаруна халкъалда гьоркьор цокΙалал гурел бербалагьиял.

Цолъарал Миллатазул ГΙуцΙиялъул эксперт Анатолий Салуцкияс «РИА Новости» агентлъиялъе гьадин бицун буго къануналъул хΙакъалъулъ:

Анатолий Салуцкий: «Щай гьеб къануналда сверухъ гьедигΙан роркьарал бахΙсал рижун ругел дида лъаларо?

Бищунго гΙажаиблъи гьабизе ккараб рахъ буго цо. Нилъеда кидаго гьелго идарабаз абулеб букΙунелде къануналде данде чΙей рекъонгутΙи. КъватΙисел хΙукуматаздасан мисал босеян ва демократия гьезухъ балагьун гΙуцΙеян гурищ нилъеда гьез малъулеб. Бищунго гьез мисал бачунеб Цолъарал Штатазда гьеб къанун некΙого хΙалтΙулеб буго. Гьениб, жидер улкаялда къватΙисел улкабаздасан гΙарац къун хΙалтΙулел идарабазда хадуб, кьварараб хъаравуллъи чΙезабун буго. Кинаб букΙаниги политикияб ишалде гьоркьоре лъугьине щивниги виччаларо гьез. Щайха Цолъарал Штатаздаса мисалги босун, гьебго къанун Россиялда къабул гьабизе лъугьиндал, гьедигΙан кΙудиял разилъи гьечΙолъиял рижулел ругел?"

Цо-цо экспертазул бербалагьиялда рекъон чанги руго Россиялъул идараби Россиялъулго гΙарац хΙалтΙизабун, Россиялъе зарал гьабулелгиян абулеб буго.
эксперт Николай Злобин: «Руго идараби Россиялъ гΙарац къолел ва Россиялъе чанги зарал гьабулел. Руго гьединго къватΙисел хΙукуматаздасан гΙарац кьун хΙалтΙулел идараби, Россиялъул политикаялъе чанги лъикΙаб щинаб гьабулелги.
Цолъарал Штатазул къануналда рекъон, къватΙисел хΙукуматаздасан бачΙараб гΙарцуца гуро гьенир агенталлъун гьарулел, идарабаз тΙобитΙулеб хΙакъаб хΙалтΙиялъухъ балагьун гьарула.»

«Сова» абураб информатикиябгун аналитикияб централъул нухмалъулев Александр Верховский: «Къануналъул автораз кидаго абула рагьараб гьечΙин гьел идарабазул хΙалтΙи ян абун. Цоги кинаб къагΙидаялъ, гъорлъан канлъи бихьи къваригΙун бугеб гьел идарабаздасан? Киназго магъалабазул хΙасилги гьабула, гьелде тΙадеги Минюсталдеги жидее щолеб гΙарцул сонайил хΙасил гьабун кьола, гьеб хΙасил Минюсталъул сайталдаги букΙуна бокьарасе цΙализе, битΙараб бицани дида бичΙуларо. Гьадинги пачалихъиял гурел идараби киназго
малацарухунелгΙадин рукΙунаан. Гьеб къануналдаса хадуб «къватΙисел улкабазул агентал» абун абизехъин буго гьезда. Гьебгуребги хΙехьана. ХΙехьела гьебги. Амма киналго идараби тΙадтаралгун гьоркьоблъиялда рукΙуна гури. Гьанже чиновниказе «къватΙисел хΙукуматазул агенталгун» кΙалъазе бигьалъизе батилаго».


Алесандр Верховскиясул рагΙабазда рекъон гьанже идарабаз лъагΙалие лъабцΙул жидерго хΙалтΙул хΙасил гьаризе ккей букΙине буго бищун кΙудияб проблемалъун. Щай гурелъул гьеб хΙасил гьаби учузаб иш кколарелъул. Ва чанги идарабазул гьелъие гΙарац гΙезе гьечΙого.
XS
SM
MD
LG