МагъчIваялъе рес

А. Абакаров: "Дун экстремистазул сияхIалде ккезе бегьула."


ЖамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас абулеб буго, ксенофобиялде данде Москваялда митинг хIадурулеб букIиналъ, жидеде тIадецуй гьабулеб бугин.
ЖамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас абулеб буго, ксенофобиялде данде Москваялда митинг хIадурулеб букIиналъ, жидеде тIадецуй гьабулеб бугин.

26 январалда Москваялда ксенофобиялде данде митинг хIадурулезул цояв, Дагъистаналдаса Абакар Абакаровас лъазабулеб буго гьеб акция тIобитIунгутIиялъе квал-квал гьабулеб бугин. Гьесулго рагIабазда, гьев восун вуго полициялъ гIуцIараб экстремистазул сияхIалде гъорлъе.

8 январалъул радакье жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаров адвокатгун цадахъ щун вугоан прокуратураялдегун хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалде. Амма гьеб кIиябго хъулухъалда рорчIуда чIарал хасал хIалтIухъабаз къабул гьабун гьечIо гьезул гIарза.

Абакаровас гьениб хъвалеб буго полициялъ жив экстремистазул сияхIалде восун вукIиналъул. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ жиндир сурат лъун букIин гьесда лъан буго гьал къоязда Москваялдаса Дагъистаналде вачIингун. Гьениб гьесда мегежги рекIинабун рагIула. Сураталда гъоркь хъвараб телефоналъул номерги, цIарги, фамилияги Абакарил, амма инсул цIар батIияб бугила.

Абакар Абакаров: «Гьединго сураталда гъоркь хъван рагIула Губденалъул мухъалъул хъачагъазул къокъаялда гъорлъ вугин дунилан. ГъалатI ккун батизеги бегьула, амма дир хIисабалда, Москваялда тIобитIизесеб митингалда хурхараб жо буго гьеб».

ЭР-ялъ цебеккун бицун букIахъе, исламалдаги, Кавказалдаги, миллатаздаги хурхун Россиялда бугеб рокьукълъиялда дандечIун Москваялда, Манежалъул майданалда, митинг тIобитIизе буго Кавказалдасагун Гьоркьохъеб Азиялдаса вакилзабаз. Цебехун Абакаровас ЭР-ялъе бицун букIана гьединго кавказиял гIезегIан цоцадаса тIунги ругин, нилъерго ихтияралги цIунун къватIире рахъине, гьезда хурхун ахIи базе лъалеб даражаялдаги гьечIин жегигиян. Дагь-дагьккун рачIунел ругила нилъ гьелде. Гьедин Москваялда тIобитIизе бугеб митингалъул магIнаги кколеб буго кавказияздаги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантаздаги жидерго ихтиярал цIунизе малъи. Хадубккун Татарстаналдаса исламиял гIолилазги лъазабуна жалги рахъинин гьенире Россиялда исламалдехун загьир гьабулеб бугеб рокьукълъиялда дандечIунилан.

Гьеб митинг гьабунгутIизелъун квалкал гьаризе бегьулин лъазабун букIун буго лъале-хъвалез Абакаровасдаги гьесул гьалмагъзабаздаги – масала, щиб-щибниги бугьтан лъун, гьечIеб бакIалъан цIех-рехал гьаризе байбихьун.

26 январалда Манежалъъул майданалда къватIире рахъинесел кавказиязгун, татараз ва Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантаз гьединго загьир гьабизе буго жидеца адвокат Мурад Мусаевасул рахъкколеб букIинги. Чачаналда букIараб рагъулъ загьирлъарав полковник Буданов чIваялда хурхун кIиго нугI вичун восанилан ЦIех-рехалъул комитеталъ тIад хIалтIи гьабулеб буго гьесда.

Мусаевасул рахъккун тIоцебесеб митинг МахIачхъалаялда тIобитIана гъоркьисала 29 ноябралда. Гьелдаса хадув полициялде вачун ун вукIана 50-де гIагарун чи. Россиялда гьукъараб ХIизбут-тагьрир партиялъул вакилзаби рукIиналъул гIайиб гIунтIизабулеб букIана гьезде. Хадурго нахъе риччанги рачIана гьел.

Гьанже Москваялда митингги Россиялда гьукъараб гьебго партиялъул чагIаз гьабунин цIар кьезе рес бугин нужееян гьикъидал, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна Абакар Абакаровас.

Абакар Абакаров: «Дица киназдаго бичIчIизабулеб буго дун кинабниги партиялда яги гIуцIиялда гъорлъ вугев чи гурилан. Хасал, балъгоял хъулухъазда ругел гIадамаздаги гIезегIан лъикI лъала гьеб. ХIизбут-тагьриралда ругел чагIазги рагьун бицуна ругин дал гьеб партиялда гъорлъилан. Дун гьезда гъорлъ гьечIо. Доб митингалде рачIун рукIана тIубан батIи-батIиял пикрабазул, бербалагьиязул гIадамал. Бугьтан лъезе къваригIарал чагIаз бокьараб жо тIад лъеларищха, гьеб лъалеб жо буго».

Кавказиялги Гьоркьохъеб Азиялдаса чагIиги гьеб митингалде рахъунарин абурал пикраби церехун загьир гьарун рукIана гIурусазул миллатчагIазги. Гьезул пикруялда рекъон, Москваялда хIалтIулел кавказиязеги Гьоркьохъеб Азиялдасаги чагIазеги бокьизе гьечIо тахшагьаралъул нухмалъиялъигун кьаллъизе. Щайгурелъул гьезда рарал ругелъул гьел. Амма митинг гьабизе ракIалде ккарал кавказиязул пикру батIияб буго. Гьез абулеб буго унголъунги ругила кавказиязулги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантазулги диаспораби Москваялъул хIукуматалъул идарабазда рухьарал, амма Москваялдаги бичIчIулила Олимпиадаялда цебе кавказиязулгун ва цогидазулгун гьоркьорлъаби хвезарун жидее дандеккунгутIи.

ПалхIасил, Абакар Абакаровасул цIар официалияб куцалда экстремистазул сияхIалде босун бугищ гьечIищали жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Цебе гьединал чагIазул сияхI кьун букIунаан республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда. Гьанже гьечIо.

Россиялда ругел террористазулгун экстремистазул рахъалъ Росфинмониторингалъул сайталда кьурал баяназда рекъон, гьабсагIаталда улкаялда гьединавлъун лъазавун вуго 2782 чи. Гьелги гIемерисел Шималияб Кавказалдаса чагIи ккола.
XS
SM
MD
LG