МагъчIваялъе рес

Беслан 10 соналдасан

2004 соналъул 1 сентябралда чачаназул ва гъалгъаязул яргъидгlуцlараз гъоркьлъалие босун букlана Шималияб Осетиялъул Беслан шагьаралъул школа. Гьенир чанго къоялъ лъимцин кьечlого гъоркьлъалие ккун вукlана цlалдохъабигун, мугlалимзабазул ва 1 сентябралъул байрамалде школалде рачlун рукlарал улбузул 1100 чи. Лъабабилеб сентябралда Россиялъул аскаразул хасал къуватаз гьужум гьабун эркен гьабула гьеб школа. Гьелъул хlасилалда хвана 330 чи. Чlван вукlана цо хутlизегlан гьел гъоркьлъалие росун рукlаралги. Гьеб трагедия ккун 10 соналдасан Бесланалде щвана корреспондент Том Балмфортги фотограф Диана Маркосянги.

Цойги

XS
SM
MD
LG