МагъчIваялъе рес

Россиялъул даимал балагьазде тlадеги проблемаби


Россиялъул карта
Россиялъул карта

Диспансеризация гьабун хадуб россиялъул халкъалъул 65 процент унтараблъун батун буго тохтурзабазда. Гьелъие гIиллалъунги гьезда бихьулеб буго кваналеб жо ва гIумру гьабулеб къагIида сахлъиялъе пайдаяб гьечIолъиги унтаби ирсалъе щварал рукIинги.

Гьебго заманаялда Россиялда щибаб лъагIалица чанго проценталъ цIикIкIунеб буго халкъалъ легалияб куцалда босулеб ярагъил къадар. Амма прессаялъ батIаго кIвар кьун хъвалеб буго школлъималазул 11% ислам лъазабизе бокьилаанин абурал тарихазул. Щиб кколеб бугеб жакъа Россиялда ва кинаб бугеб гьениб жамгIияталъул ахIвал-хIал.

Исана Россиялда диспансеризайия гьабун буго 17 миллионгIанасев чияс, гьезулги 7 миллионгIанасеб лъимер букIун буго. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ кьолел баяназда рекъон, сахлъиялъул хал гьабуразул 42 проценталъул ратун руго жакъа дару гьабизе кколел унтаби, гIадамазул 22 ялдаса цIикIкIун процент ккун буго хвалилаб хIинкъи бугеб къукъаялде, гьелъие гIиллалъунги ккун буго гьез кваналеб жо сахлъиялъе пайдаяб гьечIеб букIинги, гIумру гьабулеб къагIида чорхое заралияб букIинги ва унтаби ирсалъе щварал рукIинги. Халкъалъул 30 процент гурони батун гьечIо сахаб гьезда гьоркьосанги сахал лъималазул къадар 25 процент гурони рагIуларо. Дагьабго дару гьабун сахлъулел лъималазул къадар бахун буго 52 проценталде.

ЦинтIаго унтаразул гьедигIанаб къадар бати тохтурзабаз рехулеб буго цереккун соназ диспансеризайия гьабулеб букIинчIолъиялде ва гIадамаз жалго лъикIал лъугьун сахлъиялъул хал гьабулеб букIинчIолъиялде. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабухъе, гьезда ракIалде кколеб букIун буго советияб заманаялда гьабулеб букIараб диспансеризация цIигьабураб мехалда херазул къадар гIемерго цIикIкIун букIине бугин. Амма гьезухъе гIемер рачIине байбихьун буго халтIулел ругел гIадамал. Руго диспансеризациялда хурхун проблемабиги. Гьел руго бакIазда терапевтал ва педиатрал гьечIолъи. Ругезги хIалтIи гIемерго цIикIкIун гьабизе кколеб букIин.

Россиялъул ЖамгIияб Палатаялда буго кIудияб рахIатхвей гIолеб гIел унтараб букIиналда бан. Гьезул баяназда рекъон, 2025 соналде армиялде хъулухъ гьабизе ахIизе сахлъиялъул рахъалъ бегьулел 18-19 сон барал гIолилазул къадар 35 % дагьлъизе буго.

«2025 соналде рагъулаб хъулухъ гьабизе ахIизе рес бугел лъималазул сахлъиялъул хал гьабураб мехалда, гьезда гьоркьоса армиялде рачине бегьулезул къадар 40-45 процент гурони букIине гьечIо. Гьедин, гьанже армиялде ахIулезул къадаралде данде ккун, гьеб тарих 35% гьитIинлъизе буго». Гьедин хъвалеб ЖамгIияб Палатаялъул ветераназул, рагъулаб хъулухъ гьабулезул ва гьезул хъизамазул ишазда сверун докладалда. Гьелдаго абулеб буго бищунго гьеб рахъалъ захIматал рукIине ругин 2018-2019 сонал, щайгурелъул 18 сон барал гIолилазул къадар 650 азарго чиясде бахине гьечIелъул. Жакъа гьединазул къадар буго цо миллионгун 75-азаргоялдаса цIикIкIун чи.

«Росстаталъул баяназда рекъон, цIигьарурал лъималазул 40% унтарал руго. Гьедин улкаялъул букIиниселда гъоркь лъолеб буго нахъа кьвагьизе рес бугеб мина. Гьеб киналъулго хIисаб гьабуни, чучлъизе рес буго улкаялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул ва социалияб рахъ». Гьедин абулеб буго «Интерфаксалъ» кьолеб ва цебехун рехсараб докладалда.

Дагъистан улкаялдаго машгьурлъун буго унтарал ругин абун пенсиял росулезул къадаралде балагьун. Гьеб хIужаялъул Россиялъул тIадегIанаб нухмалъиялъцин биценги гьабун букIана. Гьабулеб бугищха республикаялда диспансеризация ва кинал ругел гьелъул хIасилал? Гьеб суал нижеца кьуна Хунзахъ мухъалъул азарханаялъул тохтур-нервопатолог Чункъова Асиятие.

Чункъова Асият
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:10 0:00
Интернет-мухъ


Цоги Россиялъул гьанжесеб гIумрудул хасиятлъун ккун буго гIадамаз легалияб куцалда босулеб ярагъил къадар гIемерлъулеб буго, Евразиялдаго чIвадариялъул рахъалъ Россия тIоцебесеб бакIалда буго. Россиялъулаз ярагъ босулеб бугин жидер хIинкъигьечIолъи цIунун букIиналда гьезул ракI чIун гьечIогойин ва гьез гьеб босулеб бугин жалго цIунизелъунин рикIкIунеб буго Бутина Марияца. Гьей ккола «Ярагъ босизе ихтияр» абулеб багъа-башариялъул координатор.

Ярагъ босулезул къадар ахирал соназда лъалаго цIикIкIанин бицана Эркенлъи Радиоялъе МахIачхъалаялда ярагъ бичулеб тукадул хважаинасги. Гьесие бокьичIо эфиралда жиндирго битIараб цIар абизе, гьединлъидал, гьесда Ражабин абун толеб буго нижеца. Марияцаго гIадин гьесги рикIкIунеб буго гIадамаз ярагъ босулеб бугин цIикIкIунисеб нухалда жалго цIуниялъул мурадалдайин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:28 0:00
Интернет-мухъ

(Электрошокерал ва магIу бачIинабулеб гьавагун жаниб гьитIинал баллонал росизе бегьула эркенго, амма таманча яги туманкI босизе хIажалъула тохтурас ва гьев чияс гIумру гьабулеб бакIалда хIалтIулев полицияс кьурал хасал документал.

ТIалабал гьединал рукIаниги хIакъикъаталда иш кин бугеб? Масала, лъазабиязда рекъон, Москва цIун руго гьединал документал ричулел бакIазул хъварал лъазабияз. Гьереси документалгун чиго вачIунищ нужехъе?

Цо-цо баяназда рекъон, жакъа Москваялда вуго легалияб куцалда ярагъ бугев бащдаб миллионгIанасев чи, амма гьениб ярагъ босулезул къадар ахирал соназда дагьлъулеб буго, гьебги экспертаз хурхинабулеб буго ярагъ босизе бокьаразе хасал дарсал кьеч1ого ва гьеб хIалтIизабулеб куц малъичIого гьеб бичизе гьукъи. Гьединал тIалаб Дагъистанлде жеги щун гьечIо.
ГIамм гьабун улкаялда яргъидехун бербалагьи квешаб буго. Ражабил рагIабазда рекъон, Дагъистаналда бихьиназул 40 проценталъухъ батизе рес буго ярагъ).


Левада-Централдаса социолог Денис Волковасул баяназда рекъон, гIадатияб халкъалъухъ ярагъ букIиналъул рахъ кколеб гьечIо 15% гурони, гьелде данде буго халкъалъул 81%. Гьебго Централъул баяназда рекъон, гьединалго тарихал рукIун руго 1991 ва 2011 соналдаги. Травматикияб ярагъ бичизе гьукъиялъул рахъ кколеб буго 58%, бичиялъул рахъ кколеб буго 34%.
ЦIияб Россиялъул цоги хаслъилъун ккола динал яги диназул аслу гIаммаб лъайкьеялъул школазда малъизе байбихьи. ГIисинал классазул лъималазул 11 % абун буго жидее бокьилаанин школазда ислам малъизейин. Гьедин лъазабуна «Цогояб Россия» партиялъул активалда Россиялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр хисулев Вениамин Кагановас.

Гьесулго баяназда рекъон, школлъималазул 11% тIаса бищун буго ислам дин лъазаби, 41% тIаса бищун буго динияб гуреб этикаялъул дарс, 46%-насранияб дин, цо проценталъ-ягьудиязул дин ва бащдабгIан проценталъ- буддизм. Кагановасул пикруялда, жибав цIалдохъанас тIаса бищун буго жиндие кIвар бугеб ва жиндир интерес цIикIкIараб дин. Гьесулго рагIабазда рекъон, 40 азаргогIан мугIалимасги лъазабун буго диназул аслуялъул ва динияб гуреб этикаялъул дарсал кьезе кколеб куц.

Щибав чиясда ва хасго гIун бачIунеб гIелалда дин лъазеги кколин ва гьеб школазда малъизеги кколин рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалъул бусурбабазул Координационияб Централъул бетIер ва Гъарачайгун-Чергесиялъул ва Ставрополь ракьалъул бусурбабазул муфтий Бериев ИсмагIил-хIажица.

Бериев ИсмагIил-хIажи: «Россиялъул бусурбабазул РухIияб идараялъ хитIаб гьабун букIана улкаялъул президентасухъе. Гьебги хурхараб букIана гIаммаб лъайкьеялъул школазда динияб культураялъул аслу малъизе рес кьеялда. Гьелъул бицунеб букIана насранияб диналъул вакилзабазги, ягьудиязги, буддистазги, бусурбабазги. Улкаялда ругелщинал диназул вакилзабаз гьабун букIана гьеб хитIаб. Гьелда цебеги нижеда нижедаго гьоркьорги рукIана кIудиял ва халат рахъарал бахIсал. Гьел байбихьун рукIана гIаммаб лъайкьеялъул школазда насранияб диналъул аслу малъизе бугин бицен ккедал. Бусурбаби гьелде данде рукIана. Нижеца абуна улкаялда цо конфессия гурелъулин бугеб
Нижеца абуна улкаялда цо конфессия гурелъулин бугеб
школазда диназул культура малъулеб дарс гьабизе кколин. Ахирги ниж рачIана гьеб дарс диниял идарабазул вакилзабаз гуреб, гIадатиял мугIалимаз кьезе кколин абураб пикруялде. Конституциялда рекъон, какиш школалдеги вачIун гьес гьениб дарсал кьезе бегьулин хъвараб бакIал гьечIо. Нилъер улкаялда дин пачалихъалдаса ва школа килисаялдаса батIа гьабун бугелъул. Гьедин ниж рачIана гьединаб хIукмуялде.

ГIун бачIунеб гIелалъул рухIияб рахъ бечедаб букIине ккола. Гьеб киназдагоги лъала. Диназда тIад чIарал нижгIадал чагIи гьелъ рохизеги гьарулел руго, щайгурелъул унго-унгояб жамгIият инсанасул динияб лъай гьечIого гIуцIизе рес гьечIелъул. Дин лъазе ккола, гьеб школазда малъизеги ккола».
Щиб кколеб бугеб жакъа Россиялда ва кинаб бугеб гьениб жамгIияталъул ахIвал-хIал абураб суалалъе жаваб балагьулаго баянлъулеб буго Россиялъул халкъ унтулеб букIин, жиндир хIинкъигьечIолъи цIунизе гьелъ ярагъ босулеб букIин ва улкаялда диналде ва хасго исламалдехун цIайи цIикIкIунеб букIин.
XS
SM
MD
LG