МагъчIваялъе рес

Этникияб конфликталъул кор боркьараб Пугачев (видео)


Пугачевалда кавказалъулазде данде митинг
Пугачевалда кавказалъулазде данде митинг

Cаратов ракьалъул Пугачев абулеб шагьаралда ахIвал-хIал хIалуцинабизе теларедухъ рачIун руго низам цIунулел идарабазул тIадеги къуватал. Гьез хъаравуллъи гьабулеб буго къватIахъ ва гIемерал гIадамал ракIаризе рес бугел бакIазда. Гьеб киналъего гIиллалъун ккун буго шагьаралъул кафеялда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда цо гIолилас цогияв чIвай. Амма конфликталъул кьочIое босун буго жибго гьезда гьоркьоб ккараб дагIба гуреб гьезул миллат, этнос.

«Цо нух гуреб нижер шагьаралда чачанас бакIалъул вас чIвалев вугев. Гьанжеги чачанас анкьго нухалда скальпель кьабун бугоан гьев гIолиласда. Гьеб буго этникияб конфликт»,- гьедин абуна Эркенлъи Радиоялъе «Пугачевское время» абулеб бакIалъул газетаялъул бетIер хисулей Светлана Светниченкоца.

ЭР: Конфликталъул хасият кьабиязул къадаралъ ва бахъараб ццималъул кутакалъ гурин чIезабулеб, чIварав гIолилавги бащдав татарав вугев мехалда лъие къваригIун бугеб кIиго мехтарав гIолиласда гьоркьоб ккараб къецалъе миллатазда гьоркьосеб конфликталъул магIна кьезе? Цо-цо мехалда бакIалъул гIадамазе рекIее гIоларо тIаде рачIаразул магIишат гьезулалдаса цебе тIезе, ракI чIегIерлъиялъул гIаламат букIине рес бугищ гьелъулъ?

Светлана Светниченко: «ГьечIо. Дица абиларо гьанир ругел чачанал кутакаб бизнес бугел ва рахарал чагIи ругин. Гьанир 20-30 соназ ругел чачаназдехун нижер кинаб букIаниги квешаб бербалагьи букIинчIо ва гьечIо. Гьел руго нижго гIадал гIадамал. Амма ахираб заманаялда гьанире рачIине байбихьун буго чIа-руцIцIа лъаларел гIоркьилаз. Гьезулгун кколел руго конфликталги».

Полициялъ ккурав бицен гьабулев чачанасе буго 16 сон, гьес нус кьабурав армиялдаса дагьав цевегIан тIадвуссарав Руслан Маржановасе букIун буго 20 сон. Щиб букIараб гIолохъанчияс балугълъиялде вахинчIев васасулгун бикьичIого хутIараб?

Живго Русланил инсуца митингалде ракIарарал гIадамазда цебе абун буго гьеб киналъего гIиллалъун гIаракъи лъугьун бугин. Цо-цо баяназда рекъон, къец ккун буго яс сабаблъун.

Светлана Светниченкол рагIабазда рекъон, Руслан вукIун вуго киназго адабги гьабулев лъикIав вас. Гьелъги рес буго гьев чIваялда разиял гьечIел къватIахъе рахъине.

Митингалде ракIарарал гIодоре риччазаризе полициялда цадахъ рахъун халтIи гьабулеб букIанин жидецайин бицана Эркенлъи Радиоялъе Пугачев шагьаралъул имам ГIилмутдинов Рустамица.

ГIилмутдинов Рустам: «Гьаниб бугеб татаразул жамагIат нухмалъигун рекъон хIалтIулеб букIана гьал къоязда. ГIадамазул руккелалда гьоркьоса батIа вачун щивасда абухъе бичIчIизабулеб букIана гъалмагъир гьабизе бегьуларин. Федералияб трасса къазе бахъараб халкъги нахъе бачана нижеца гьениса. Гьениве вачIарав губернаторасцин абуна татаразе баркала бугин жидее хIалае рахъаралъухъин. Гьединаб мехалда гьитIинабги кунчIи гIола кIудияб цIа рекIинабизе».

6 июлалда «Меседил къали» абулеб кафеялда ккараб дагIба-рагIиялдаса хадуб 16 сон барав чачанас Руслан Маржанов чIван хадуб шагьаралъул майданалде ракIарараз ахIулеб букIана чачанал «Нахъе хъамизе!» кколин.




Жидеца Саратов ракьалъул Ртищевский мухъалда гIумру гьабулеб бугин 1989 соналдаса нахъе, амма жидеде гьаниса нахъе гочеян абулев чи вукIинчIин цониги нухалдайин бицана Эркенлъи Радиоялъе чачанав ГIабдулаев ХIамзатица.

ГIабдулаев ХIамзат: «Дица гIумру гьабулеб буго Саратовалдаса 200-250 километраялдаса рикIкIад бугеб бакIалда. Нижер гьанир гIурусал цIикIкIунги руго. Квешалги лъикIалги руго киназулго. Гьанирги рукIуна гIолилазда гьоркьор конфликтал, амма Пугачевалда гIадин гьеб понцIезабизе вахъарав чи вукIинчIо. Гьанир гIолилалгун нижеца цин чIечIого гьабулеб букIуна хIалтIи гьел къваригIел гьечIел бакIазде ккеларедухъ. Чачаналъ рагъ унеб мехалдаги дир гIурус-мадугьалзабаз дие кумек гьабулеб букIана. Пугачевалда ккаралъ гIагализарулел руго».

ГIолилазда гьоркьоб ккараб дагIба рагIиялдасан этникияб хасият бугеб конфликт багъарун букIана чанго сон цебе Кондопога шагьаралдаги. Гьенибги кафеялда кIиго чи вукIана чIван. Араб соналъул 1 июлалда кавказалъулазда ва бакIалъулазда гьоркьоб конфликт багъарун букIана Екатеринбургалда гъоркьехун бугеб Сагра абулеб росулъги. Гьенив чIван вукIана цо чи.
XS
SM
MD
LG