МагъчIваялъе рес

Сириялдаса лъутун рачIарал Нальчикалда

​Хасало гIумру гьабизе шартIал гьечIеб "Терек" петералда бетIербахъи гьабулеб буго Сириялдаса лъутунрачIарал мугьажиразул 15-гIан хъизаналъ. Кинабниги Гъабардагун-Балкариялде Сириялдаса лъутун вачIун вуго 150 -гIан хъизаналдаса 700 цIикIкIун чи. ХIукуматалъул кинабгIаги кверчIвай гьечIониги гьезул цо-цоязда бажарун буго республикаялъул росабалъ жидеего рукъзал росизе ва гьенире гочине. Гьанже "Терекалда" хутIаразулги хьул буго гьениса нахъе гочине рес щвезе букIиналда.

Цойги

XS
SM
MD
LG