МагъчIваялъе рес

Чачаназул тIадтарал цойги нухалъ къосана


 ГIумар аш-Шишани
ГIумар аш-Шишани

Чачан Республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница ракIалдаго гьечIого кIудияб ахIи-хIар багъаризабуна дунялалъул прессалда, жиндирго Инстаграммалда гьересияб информация загьирабун. Гьес лъазабуна Цолъарал Штатаз, Евроцолъиялъ, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ ва гIемерал цогидал улкабаз террористкияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялъул бутIрузул цояв Тархан Батирашвили – тIокIцIар – ГIумар аш-Шишани – чIван вугин абун. Щайха гьес гьадинаб гъалатI гьабурабали?

Чачан Республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница жиндирго Инстаграммалда 12 ноябрялда хъван букIана: «Ислам-диналъул тушман Тархан Батирашвили, ай ГIумар Шишани – чIван вугин абун. Гьадинаб жаза гьабизехъин бугин Россиялъе ва чачан халкъалъе хIинкъаби кьолел ва бусурбабазул би гIодобе тIолел щиназе. Аллагьу Акбар», ян абун.

Хадуб Къадыровасул Инстаграммалдаса гьеб лъазаби нахъе босун букIана. Щибха ккараб? Баян гьабулеб буго чачаназул тарихчи ва политолог, Парижалъул Сорбонна университеталъул профессор Вачагаев Майрбегица.

Майрбек Вачагаев: «Инстаграмалда бугеб жиндирго хасаб гьумералда Рамзан Къадыровас загьирабураб сураталде балагьун, абизе бегьула гьелда божизе кколарин, щай гурелъул гъов Шишани ичIго нухалъ чIван вукIиналъул.

Сон гьабураб лъазабиялда рекъон гьев гьале анцIиабилеб нухалъ чIвана. Гьай-гьай киналго гIадамалго гIадин гьевги ахир-къад гIумруялдаса ватIалъила. Амма гьаб рехсараб сураталъ кIудияб интерес баккинабулеб буго.

ГIумар Шишанида цIакъ релъарав чи вихьула гьелда. Гьев кколаан сагIудитазул къукъаялъул вакил. Аль Кусейра шагьаралда аскIоб багъарараб кьалда чIван вуго дов чи. ХIужа ккана гъоркьисала 8-9 маялда.

Гьале Инстаграммалда загьирабураб гьаб сурат гIарабазул ва исламиял киналго сайтазда загьирабун букIана. Хадуб 19 маялда Франциялъул ва Британиялъул газетабаздаги загьирабун букIана гьеб.

Рехсараб сурат бигьаго батизе бегьула Googl-сайталъул кумекалдалъун. ПалхIасил, Къадыровасул гор-свериялъ гьесие гьересияб информация кьуна. Сураталда вугев чи хIакъикъаталдаги чIван вуго, амма гьев ГIумар Шишани гурин такрар гьабулеб буго дица.

ТIадежоялъеги рузман къоялъ гьесул вакил Абу Мусаца лъазабуна жив хамиз къоялъул къаси ГIумар Шишанигун дандчIванин. Гьебги мекъаб хабар бугониги, рехсараб сураталда бан абизе ккараб буго, дов чIварав чи ГIумар Шишани гурин».

ЭР: - Гьениб ракIалде щвезабизе бегьула гьадинаб хIужа. Имарат Кавказалъул амир ГIумаров Доку чIван вугин абураб лъазабиги чанги нухалъ загьирабун букIана ахирисел соназда жаниб. Кин дуда кколеб цо нухалъ гьабураб гъалатI хадуб чанги нухалъ такрарлъизабиялъ тIадтаразул къадру хвезабулеб гьечIищ? Гьезда гьеб бичIуларищ?

Проф. М.Вачагаев
Проф. М.Вачагаев

Майрбек Вачагаев: «Дуца кьолеб суал - гьеб буго гIакъилав чияс кьезе кколеб суал. Амма Рамзан Къадыровасда сон (ай хамиз къоялъ) баркарав анцI-анцI азарго чиясда кIвеларо хIакъикъат лъазе. Ай - дов ГIумар Шишани чIван вугищ-гьечIищали.

Батизе бегьула Шишани хIакъикъаталдаги чIван хадусала гьесда гьеб лъала. Амма Къадыровасул Инстарграммалда гуребги - цIар араб Рейтер агентлъиялъул сайталдаги гьересияб хабар загьирабун бугоан "Moskow Time" газетаялъул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Гьалеха, гьадинал агентлъаби гьересиял харбазда божулб мехалда щибха абилеб мисалалъе Сибиралда ялъуни Калуга икълималда гIумру гьабулел гIадамазда бан?

Гьадинал гьересиял харбал загьирарулезул цохIого цо мурад буго - жиндирго асар бихьизабизе, жиндирги гIахьаллъи бугин гьабураб ишалда абун. Россиялде данде чIарав гьев Шишани гьанже чIван вугин, абун.

Гьале аслияб мурад. Амма гьеб мурад тIубазабун гьечIо - араб соналда бахъараб сурат загьирабун букIиндал.

ГIумар аш-Шишанида ва "Исламияб пачалихъалда" Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзанил ццим бахъун буго гьел яргъид гIуцIарал экстремистаз Шималияб Кавказалдаги жигьад байбихьизе гIаммал гьабун букIиналъ.

Лъалеб букIахъе Сириялда Исламияб Пачалихъалъул кьеразда гъорлъ Россиялде данде чIолел гIемерал чачан миллаталъул гIадамал руго.

Хасго гьеб сабаблъун жиндирго миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал щулалъизаhизе хIаракат бахъулеб буго чачаназул тIадтараз.

Мисалалъе гъоркьисала 13 декабрялда интервью кьолаго ГIумар Шишаница абуна, кватIичIого жал Чачан республикаялде рачIине ругин.

Дол Сириялда рагъулел чачаназ чанги нухалъ хIинкъи кьолаан живго Къадыровасдеги. Гьав рехсарав ГIумар аш-Шишаница гуревги – Сейфуллагь Аш-Шишани абурав нусибетIерасги. Гьезда Къадыровас абулеб буго гьел ругин Ислам-диналъул тушбаби».

XS
SM
MD
LG