МагъчIваялъе рес

Балъгояб заводалъул «гьитIинаб мунагь»


Каспий ралъдалъ бугеб "Дагдизел" заводалъул бутlа
Каспий ралъдалъ бугеб "Дагдизел" заводалъул бутlа

Россиялъул Генералияб прокуратураялъ такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Каспийскалда бугеб «Дагдизель» абураб заводалда тIасан. Гьелъие гIиллалъун ккун буго Улка цIуниялъул министерлъиялъулгун гьабураб къотIиялда рекъон гьезие хIажатаб рагъулаб сурсат заводалъ хIадур гьабичIолъи. «Дагдизелалъул» нухмалъиялъ инкар гьабуна гьелда тIасан кинал ругониги баянал кьезе.

Эркенлъи радиоялъухъе щварал цо-цо баяназдасан якъинлъана хIакъикъаталдаги улкаялъул аслияб прокуратураялъ «Дагдизелалда» жаниб халгьаби тIобитIулеб букIин.

Контракталда бихьизабухъе Капийскалъул заводалъ хIадур гьаризе кколаан лъабго рагъулаб ракета, гIаммаб къадаралда рекъон гьезул багьа бащалъулеб буго 2, 5 миллиард гъурщидасаги тIаде араб гIарцуда. КъотIиялда рекъон хIалтIи рагIалде бахъинабичIолъиялъе мукIурлъун «Дагдизелалъул» нухмалъиялъ гьеб гIарцуда гьоркьоса 120 миллион гъурущ нахъбуссинабун буго Улка цIуниялъул министерлъиялъухъе.

Гьелда тIасан кинаб бугониги баян «Эркенлъи» радиоялъе кьезе инкар гьабуна заводалъул нухмалъиялъ. Гьединаб информация жидер гьаниса къватIибе кьоларилан бичIчIизабуна гьез къокъго.

Генералияб прокуратураялъ 4 моцIниги банин заводалда жаниб бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабулебилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар рехсезе бокьичIев хIалтIухъанас. Заводалъул хъаравулъиялъул нухмалъулев ккола гьев. Амма гьеб халгьабиялъул хIасил кинаб ккарабали лъалин цохIо заводалъул нухмалъиялда. Гьеб халгьаби тIобитIулеб заманалда жаниб «Дагдизелалде» рачIун рукIун руго гьединго хIинкъи гьечIолъи цIуниялъулги, экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб идараялъулги хIалтIухъаби.

"Дагдизель"заводалъул аслияб мина
"Дагдизель"заводалъул аслияб мина
Нижеца гьесда цIехана гьеб хал гьаби тIобитIун хадуб, я цебе нужее кьолел харжал кватIизариялъул хIужабиго рукIанищилан, рукIинчIин, жиндир заманалда гьелги кьолаанин, щибниги хисараб жо заводалъул хIалтIуда жанибги лъугьинчIилан бицана гьес. ХIатта жеги хабар букIанин Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса чагIи рачIунел ругин пуланаб магIишаталъул бутIаялъе хIажалъулеб къайи-цIа нижер заводалъ хIадуризе букIиналъул къотIи-къай гьабизе.

БакIккун букIаго абилин Каспийскалъул завод «Дагдизель» ккола гьабсагIатлда Россиялдаго бищун чIахIиял, кIвар бугеб магIишаталъул бутIаялъул цояблъун. Советияб заманалда гьенив хIалтIулев вукIун вуго 40 000 гIанасев чи. Доб мехалъ гьенир хIалтIулел рукIарал гIадамаз бицунелда рекъон гьел соназда Каспийск букIана киназего къараб, балъгояб шагьарлъун. Шагьаралде жанибе биччалароан цохIо заводалъулгун хурхен бугеб ва гIадамал раччулеб гурони батIияб транспорт. Улка цIуниялъул министерлъиялъе ва цогидалги магIишаталъул бутIабазе хIажалъулеб къайи-цIа къватIибе биччалаан гьениб.

Генералияб пркуратураялъ «Дагдизелалда» хурхун хIадур гьабураб такъсирияб ишалъул хIакъикъат уяб букIиналъул рахъ кколеб буго Гъуниб мухъалъул Гьонодаса Исупил МухIамадица. Жиндир заманалда тIоцебесеб захIматалъулаб хIаракатчилъи гьеб заводалдасан байбихьарав чи ккола гьевги. Совет хIукумат биххун хадуб, хIабургъарал 90- лел соназдаса байбихьун «Дагдизелалда» жанир ккарал чахIиял хиса-басиязул хIакъалъулъ гIезегIан мухIканго лъалеб бугоан гьесдаги. Амма бищунго кIудиял захIмалъаби заводалда дандчIванин 2000 соназдаса байбихьунилан рикIкIунеб буго МухIамадица:

Исупил МухIамад: «Гьелдаса нахъе байбихьана гьениб гIала-гъважа. Цеве вукIарав нухмалъулев нахъе ун хадув гьениве вачIана шагьаралъул жанисел ишазул идараялда хIалтIулев вукIарав майор, гьесул цIар ракIалда гьечIо гьабсагIат, гьес байбихьана гьениб тIоцебе гъалмагъиралде.

ЭР: Щиб сон гьеб букIараб?

Исупил МухIамад: «2000 сон. Кинабго лъикIаб щинаб жоги хвезабун росдал магIишаталъе ва ралел бакIаздаги хIажалъулеб къайи-цIа хIадуризеянги абун букIине кколелдаса 2 % гурони гIадамалги хIалтIизе риччачIого цо ричIчIуларел жал гьаруна доб мехалъ Покорский абулев чияс, гьевги нахъе рехана гьениса. Гьеле гьелдаса нахъе буго завод щущан унеб».

Покорский Николай
Покорский Николай
Исупил МухIамадица бицен гьабулев Покорский Николай ккола 2000 соналъул авалалда заводалъе нухмалъи гьабулев вукIарав чи. Гьесда хадув чанго чи хисун вуго гьенив. ГьабсагIаталда заводалъе нухмалъи гьабулеб буго Ильясов Раулица.

Ахираб заманалда батIи-батIияб хабар букIана «Дагдизелалда» сверун бицунеб, хIатта абулеб букIана завод тIубанго къазе бугиланцин. БатIи-батIиял баяназда рекъон жакъа гьенив халтIулев 5000 чи хутIун вугилан букIана абулеб. Амма хIакъикъаталдайин абуни гьенив 2000 гурони чи гьечIилан бицан «Эркенлъи» радиоялъе 10 соналъ цеве гьенив хIалтIулев вукIарав Каспийскалдаса чияс. Жиндирго цIар материалалда рехсезе бокьичIо гьесиеги. Жакъа гьенив хIалтIулев гьечIониги тIоцеве гьениве хIалтIизе лъугьанаго хъвай-хъвагIаял гьарулеб тIехьалда гъулбасун букIун буго гьес гьелъул хIаракатчилъиялъул кинаб бугониги баян къватIибе кьеларилан. Гьединабго къотIи хIалтIудаса нахъе унагоги гьабун буго. Заводаллда хурхараб кинаб букIаниги баян кинабго балъголъи кколилан гьел гаргаданиги цебего гьечIин гьеб лъиениги балъгояб бакIлъун, амма кин букIаниги цIех рехчагIаз бетIер гIатIхазегIан кьолел суалаздасаги жинде рахIаталда кьижизе бокьун бугилан бичIчIизабуна гьес ЭР-ялъе. Бугониги гьес бицана рагъулал сурсатазе къваригIунеб къайи- цIа хIажат букIинчIебани Каспийскалъул завод цебего къазе букIанилан. Улкаялъул нухмалъиялъеги, кигIан бокьаниги гIарац бугел олигархазеги бокьани кIолин «Дагдизель» советияб заманаялъго букIараб даражаялде бахинабизе. Амма жакъасел олигархал цохIого цо футбол цебетIезабулел рукIун гурони халкъалъе пайда бугеб масъалаялде регIун рихьулел гьечIин жинда.

XS
SM
MD
LG