МагъчIваялъе рес

Кавказалъул масъалаби лъица тIуразе кколел?


Дагъистаналъул президентасул администрациялда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбанов
Дагъистаналъул президентасул администрациялда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбанов

Егор ХIайдарил фондалъул квербакъиялдалъун гьал къоязда Москваялда гIагарлъухъ тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Шималияб Кавказалда гражданияб жамгIият гIуцIиялъул суал.

Гьенире ракIарун рукIана Шималияб Кавказалъул эксперталлъун рикIкIунел Константин Казенин, Ирина Стародубровская, Сергей Приходько ва цогидал. Дагъистаналдасаги рукIана вакилзаби – масала, анализ гьабиялъул рахъалъ Дагъистаналъул президентасул администрациялда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбанов, жамгIияв хIаракатчи ва журналист Руслан Гереев.

Гьенир кIалъаял гьаруна ракьазда сверухъ, гIолилазул политикаялда ва муниципалиял гIуцIабазда бан Шималияб Кавказалда гьабулеб хIалтIуда тIасан. Данделъиялъул гIахьалчагIаз гьаниб бугеб политикиябгун жамгIияб ахIвал-хIал докладаздалъун гуребги, хIаяздалъунги бихьизабуна.

Амма щиб бицаниги, гьез гьенир рорхарал суалаздасан Дагъистаналъе щибниги пайда гьечIин рикIкIунеб буго Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «Гьеб тадбир тIобитIиялъе гIиллани Дагъистаналда ругел масъалаби тIатинари ва хадурккун гьел роцIцIинари бугин абулеб букIана доз. Амма, дир хIисабалда, гьеб ккола грантал «чуриялъе» гьабулеб жо. «Грантал кваналел» чагIиян абула гьезда. КIиабизе, гьеб буго гьанир (Дагъистаналда) ругел масъалабиги ахIвал-хIалги лъазабун, хасал чагIазухъе баянал кьезе гьабулеб жо. Гьелда бан гIезегIан щаклъи буго. Гьеб тасдикъ гьабулел хIужабиги раккулел руго. Гьединлъидал нилъер (дагъистаниязул – авт.) масъалаби тIуразе гьез щибниги гьабизе гьечIин абураб пикру бачIунеб буго. Дагъистаналъе гьелдаса щибниги пайдаги бихьуларо. Дица гьединго абиларо гьел нилъедехун гурхIел бугел чагIи ругиланги. Гьединлъидал нилъецаго нилъерго масъалаби тIурачIого цогидазухъе рекери гIадаб жо кколеб буго гьеб. Масала, дурго хъизаналда жаниб бугеб гIунгутIи лъугIизабизе мадугьаласухъе ин гIадаб жо кколеб буго».

ЭР: «Кина-кинал суалал рукIарал гьоркьор лъун?»

Маркъо ШагIбанов: «Диниял гIолохъаби жанир лъолел рукIиналъул, ракьазда хурхарал конфликтазул… Кинал ругониги конфликтазул букIана хабар. Гьел кин раккулел, кин тIуразарулел ругел абун лъолеб бугоан суалги».

Маркъо ШагIбановасулалдаса батIияб пикру бугоан бицен гьабулеб данделъиялда гIахьаллъарав Руслан Гереевасул. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб ккола Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъул мониторинг гьаби. Гьеб тадбир сабаблъун лъай-хъвай кколеб буго Шималияб Кавказалдаса ва Россиялдаса рачIарал батIи-батIиял экспертазулгун. Гьез цере лъолел суалал жакъа-метер тIуразе рес гьечIониги, Дагъистаналъул, Чачаналъул яги цойги республикаялъул хIукуматазда рихьизарулел руго пуланаб ахIвал-хIалалдаса рорчIиялъе нух кинаб бугебали. ХIажат бугищ гьеб хIукуматалъе гьеб нух, гьечIебищали батIияб суал бугин абулеб буго Руслан Гереевас.

Гьелдаго цадахъ ШагIбановасго гIадин Гереевасги кIвар буссинабуна цойги суалалде. ХIакъикъаталдаги гьединал тадбирал щиб мурадалда ва лъил тIадкъаялдалъун тIоритIулел абураб суалалъ щаклъи бижизабула.

XS
SM
MD
LG