МагъчIваялъе рес

Туснахъалда – жужахI


Россия-- Челябинскалъул туснахъ № 2, 2011 сон, 9 билеб ноябрь
Россия-- Челябинскалъул туснахъ № 2, 2011 сон, 9 билеб ноябрь

Ямало-Ненецкиялъул автономияб икълималда бугеб туснахъалда жанир тIамурал дагъистаниязул гIагарлъиялъ «Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялде хъвараб гIарзаялда гьарулеб буго гьел тамихI гьабиялъул болжал лъугIизегIан Дагъистаналде яги гьелде гIагарда бугеб бакIалде рачиналъе квербакъи гьабейилан.

Туснахъ гьарун ругел Гъазиев Шамилил, Жамавов Артурил ва Мукутов МухIамадил гIагарлъиялъ «Мемориалалде» гьединаб хитIаб гьабиялъе гIиллалъун ккун буго туснахъ гьаруразе зулму гьабулеб букIин ва гьезухъе раккизе иналъе санагIалъи гьечIоъи.

Масала Гъазиев Шамилил эмен Гъазиев ГъазимухIамадица «Кавказ узел» сайталъе кьураб баяналда бихьизабулеб буго динияб ва миллияб кьучIалда бан туснахъалда вугев жиндир васасе гIакъуба кьолеб бугин. Гъазиев Шамил 24 сонги кьун туснахъ гьавун вукIана 2010 соналъул 31 марталда Гъизляралда теракт гьабиялъул гIайибги тIадчIезабун.

Гьесул эмен Гъазиев ГъазимухIамадица бихьизабухъе, Ямало-Ненецкиялъул автономияб икълималда бугеб туснахъалда бусурбабазда какал разецин толеб рагIуларо.

«БитIун как балеб заманалда жанире рачIунел руго тарбиячагIи ва гьеб параялъ гьез как биххичIони ва данде жаваб кьечIони, гIадлу хвезабулел чагIи хIисабалда, карцералъур тIамулел руго»,- ян хъвалеб буго Гъазиевас инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялде битIараб гIарзаялда.

Гьединго, гьесул баяназда рекъон, туснахъ гьарурал бусурбаби унтидал, гьезие щолеб рагIуларо тохтурасул кумекцин.
«Шамил ккола сакъатав ва унтарав чи. Гьесие чара гьечIого хIажалъула дараби. Гьелин абуни, гьесие щолел гьечIо», - ян хъвалеб буго туснахъалда вугесул инсуца.

Гьединаб магIнаялъул гIарза битIун букIун буго васасул инсуца диваналъ къотIараб тамихI тIубазабулеб Россиялъул федералияб хъулухъалъул идараялдеги. Гьениса бачIараб жавабалдайин абуни бихьизабулеб буго Гъазиев Шамилие туберкулезалде данде дару гьабулеб бугин.

Ямало-Ненецкиялъул автономияб икълималъул туснахъалда бугеб гьеб ахIвал-хIалалъул баян цебеги тIибитIизабун букIана информалатаз. Амма гьеб туснахъалъул администрациялъ лъазабун букIана МахIачхъалаялдаса Гъазиев Шамилие лъицаго зулму гьабулеб гьечIин ва диниябгун миллияб суалалда бан гьесие гIакъуба кьолеб бугин абиги кьучI гьечIеб хабар кколин.

«ХIакъикъаталдаги, кавказияздехун, хIатта туснахъаздагицин рокьукъаб бербалагьи бук1ин ва гьезие зулму гьабулеблъи батIаго балъгояб жо гуро», - ян хъвалеб буго жиндирго блогалда инсанасул ихтиярал цIунулей Санникова Еленаца.

Жидирго рагIаби ритIухъ гьариялъул мурадалда рехсолеб буго Красноярскиялда туснахъалъув вукIарав чачанав Зубайраев Зубайрил къисматги. Жанив тIамулаго сахав чилъун вукIарав гьев, къватIиве вачIун вуго сакъатавлъун ва гьесие кьолеб букIараб гIакъубаялъул бицун чи божиларин хъвалеб буго Еленаца.

Гьелъул рагIаби ритIухъ гьарун гьадин бицана Эркенлъи Радиоялъе Зубайрал адвокат ХIадисов Мусаца.

ХIадисов Муса: «Гьез, ай туснахъалъул хIалтIухъабаз магIаз чIабаралда кьабун руго гьесул хIатIал. 2008 соналъул октябрь моцIалъ тIубараб сордоялъ гIицI течIого ретIелги бахъун къотIнов чIезавун вуго гьев.

27 октябралдайин абуни гьеб регионалда бала гIузу, букIуна лъикIаб квач. Гьеб гуребги как балеб мехалда ругънал лъурал бохдулги ккун вехъерхъулев вукIана.

Болъонил гьан кваналарин чIедал гьеб гьурмада лъулъалеб букIун буго. Лъел цIураб пластикаялъул шишаялъ ургьисалал рухун руго гьениса би кIанцIулеб хIалалда.

Наказул щуруназде кьурун руго 4 сантиметра халалъуда ругел магIал-шурупал. Рахъизе кIвеялдаса бохдузул иш индал, квартIица рухун руго.

Гьелдаса хадуб, инсанасул ихтиярал цIунулезул гьариялда рекъон вачана туснахъалъул азараханаялде. Чачаналда рагъулел рукIарал контрактникал рукIун руго гьенир. Гьезги вухулев вукIун вуго гьаб бугин дуе Чачаналда чIварал гIайиб гьечIел гIурус солатазе гIолойиланги абун.

ПалхIасил, туснахъалъул госпиталалда бекун буго гьодимухъ. Гьеб гIечIого лъагIалида жаниб лъабго нухалъ тамихIалдеги цIан Минусинскиялда бугеб, цIакъго къвакIараб режималъулаб туснахъалда лъун вуго.

Гьениса вачIана гьев къватIиве исана июнь моцIалъул байбихьуда. Гьев гьоркьоса къотIичIого вухулев вукIун вуго, мун чIвазе тIамун ругин нижиланги абун. Гьесул яцаздаги абулеб букIун буго чIаго гьев нужехъе щвезе гьечIин».

Гьадин бицана Зубайрал хъизаналъул адвокат ХIадисов Мусаца.
Кавказияздехун гьарулел гьединал ишазул гIемер бицуна. Амма МахIачхъалаялдаса адвокат ГIисаев МухIамадица бицухъе, гIемерисез хIаракат бахъулеб рагIула гьединал ишал къватIире загьир гьаричIого тезе жалго туснахъазда инжит гьарулел рукIин лъидаго лъачIого букIине.
XS
SM
MD
LG