МагъчIваялъе рес

12 соналъ хIехьараб зулму



Пресс -конференция тIобитIарал гIуцIарухъаби Миcкинджа росдал жамагIатчагIи Агъаларов Сардар ва Канберов Фахредин.
Пресс -конференция тIобитIарал гIуцIарухъаби Миcкинджа росдал жамагIатчагIи Агъаларов Сардар ва Канберов Фахредин.

Талат къоялъ МахIачхъалаялде ракIарун рукIана республикаялъул Дохъузпара мухъалъул жамагIаталъул церехъаби. Мухъалъул нухмалъулев ГIабасов Керимханица гIадамазда хурхун гьарулел къанун хвезабиялъул хIужабазда хурхун тIобитIараб данделъиялда гIатIидго бицунеб букIана чанго гьединал мисалазул.

Дохъузпара мухъалъул Мискинджа росдал жамагIаталъул вакилзаби данделъун рукIана талат къоялъ «Черновикалъул» редакциялде. Гьеб росдал росдал нухмалъулев вищиялда сверухъ лъугьун бугеб гIала-гъважаялъ ахIанин жал гьаб данделъи тIобитIизеян баян гьабуна гьез журналистазе.

Араб соналъул октябрь моцIалдаго тIоритIарал рищиязда гьаркьазул цIикIкIараб къадар щун буго Канберов Садрудиние, амма мухъалъул нухмалъулев ГIабасил хIаракаталдалъун гьенив жакъа къоялъги заманаялъ гьенив нухмалъи гьабулев вуго рищиязул кIиябго туралда гьаркьазул дагьаб къадар щварав ГIалиев Залидин.

Гьелда тIасан диванханаялде гIарза хъвараб мехалъги гьенибги ГIабасовасул квер цIалтараб кумек щун диванаханаялъги гьезул рахъккунилан бицана данделъаразда рищиязда бергьарав Канберов Садрудинил божарав чи Фахредин Канберовас.
ЦохIо гьеб гуребги мухъалъул нухмалъулев Керимхан ГIабасовас гIадамазда тIад гьабулеб зулмуялъул чанго мисалал рехсана гьез.

Гьезул тIоцебесеб букIана Мискинджа росдал администрациялда хIалтIулел гIадамазе моцIрол харж кьолеб гьечIолъиялъул хIакъалъулъ. Гьедин араб соналъул октябралдаса нахъего кьун гьечIо гьезие гIарац. ЧIужуги гьечIого жинцаго кIиго лъималги хьихьун администрацилъул минаялда хъаравуласул хъулухъалда вукIарав ГIалихIусенов Адлер вукIана талат къоялъ гьеб данделъиялде вачIун.

Сон-церекъад кабинеталдеги ракIарун лъазабун буго гьезда киналго моцIазухъ гIарац кьунилан кагътида гъулбас гьабеян, гьелдаса инкар гьабурал чагIи киналго хIалтIудаса рахъизе ругилан хIинкъиги кьун буго киназего, кьечIеб гIарац кьунилан абураб рагIиялъе жиндица нугIлъи гьабиларилан абуралъухъ хIалтIудаса нахъе витIун вуго Адлер.

Рищиязул заманалда ГIалиев Залидиние гьаракь кьечIогоян гьединго хIалтIудаса нахъе вахъун вуго Рамазанов Тофикги. 10-саги цIикIкIун соналъ администрациялда экономикаялъул рахъалъ бутIаялъул жавабияв хIалтIухъанасул хъулухъалда вукIарав чи ккола гьев.

Рищиял тIоритIулеб мехалъ хIалхьиялда вукIарав чи ахIун вуго гьев ГIабасовас, рищиязда лъиейин гьаракь кьезейин дуда ракIалда бугебилан, дирго ракIалъ тIасавищарав чиясе кьелилан абурав Рамазановасулги къисмат Адлерилго гIадаб ккун буго.

ПалхIасил жинца абураб куцалъ букIине кколин мухъалда иш, гьелъие квал-квал гьабизе лъугьрав чиясда щибнигни гьабун бажаризе гьечIин рагьун чанго нухалда ГIабасовас абураблъи тасдикъ гьабуна талат къоялъул данделъиялда Дохъузпара мухъалдаса Канберов Фахрединица:

Канберов Фахредин: «Мухъалъул киналго жавабиял хъулухъазда ругел гIадамал киналго ккола ГIабасовасул гIагарал чагIи. Рищиязул хIасилал битIарал ругилан хIукму къотIарал мухъалъул кIиябго диванханаялъул нухмалъулелги ккола гьесул божарал чагIи, хIисабалъул коммиссиялъул нухмалъулев ккола ГIабасовасул вацасул вас, мухъалъул ток бикьа-къотIулеб идараялъул нухмалъулевги гьесул дурц ккола, мухъалъул нухмалъулев хисулевги гьесул вацгIаласул вас ккола, гьеб сияхI жеги халат гьабизе бегьула.

Гьелде тIадеги киналго жинцаго гьарулел такъсирал рахчизелъун гьес кибго тIибитIизабун буго жив Сулейман Керимовасул гIагарав чи кколилан, амма хIакъикъаталда кинабниги гIагарлъиялъул бухьен гьев хIалихьатилгун нижер тухумалъул гьечIо. Керимовасул гIагарав чи дун ккола, дун.

Гьесул гIагарал чагIи кколилан кколелъубги кколарелъубги гIочIол тIогьиб чIваларо гьеб нижеца, гьединги жиндирго захIматалдалъун бетIер бахъулев чи ккола гьев, нижеде регIараб хIал гьечIо гьесул, сордо-къоялда жанив 4 сагIаталъ гурони кьижизе щоларо гьесие».

Ахираб 12 соналда жаниб ГIабасовас гьарунщинал хIалихьатал пишабазда тIасан жиндица гIарза хъвачIеб бакI гIицIго къватIиса хIукуматалъул ихтиярал цIунулеб идара хутIун бугилан бицана Канберов Фахрединица.

Гьелгощинал хIужабазда тIасан гьедигIган гIемерал гIарзал рачIараб мехалъ цогIаги чигойищинха вачIинчIев нужехъе хал гьабизейилан нужер мухъалдеян журналистаз кьураб суалалъеги Фахрединица бицана рачIанин, экономикиял такъсиразда хурхун хIалтIи гьабулеб идараялъул хIалтIухъаби рачIун рукIанин, амма ГIабасовасул кабинеталдеги щун нахъруссун анин гьелги, унаго жиндаги абунин, тIаса лъугьайин, хIурматияв, кинабго дуца бицарабги битIун бугин, амма нижги ричIчIайин, нижер щивасулги хъизам бугин, тIаса лъугьаянги абун нахъе анин гьелги.

Цогидаб жоялъул бицинарин цохIо гьекъолеб лъел суалгIаги тIубазе кIолебани, лъим унеб мухъгIаги къачIазе бегьуларищин нужецаян чанго нухалъ анин дун гьезухъеян ракIбакъван кIалъана пресс-конференциялда Мисинджа росдал жамагIатчагIазул вакил Рамазанов Рамазанги, амма моцIрода жаниб щуго къоялъ щолин лъим, хутIараб мехалъ лъимги гьечIого хутIулин жал, амма гьеб къачIазе ресубликаялъул бюджеталдаса биччараб чанго миллион гъурущ цебего жиндирго кисиниб лъунин ГIабасовас.

Заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабулеб ГIабдулатIипов РамазаницагIаги ахир лъелеб батилин гьеб кинабго гIала-гъважаялъеян хьул буго гьел киназулго.
XS
SM
MD
LG