МагъчIваялъе рес

Чехаз ракIалде щвезаруна Шималияб Кавказалъул хIаракатчагIи


Талат къоялъ Чехиялда хIалтIулеб «Инсан къварилъуда» абулеб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ ракIалде щвезарулел рукIана Шималияб Кавказалда чIварал, рикъарал ва къо бихьарал хIаракатчагIи.

Чехословакиялъул тIоцебесеб республика гIуцIараб меъхалда гьелъул президент Томаш Гарриг Масарикица жиндирго улкаялде ахIана Шималияб Кавказалъул политикиял эмигрантал. Гьениб гьез жидерго хIаракатчилъи халат бахъулаан.

КъватIире риччалел рукIана гезтал ва журналал, гIуцIулаан батIи-батIиял гIелмиял ва жамгIиял конференциял. Чехословакиялъул тIадтараз гучаб квербакъи гьабулаан жидерго эркенлъиялъе гIоло исибалда къеркьолел рукIарал кавказиязе.

Гьеб гIадат цIодорго цIунулеб буго жакъасеб Чехиялъги. Жиндир заманалда гьеб улкаялъул цIар арав президент Вацлав Гьавелил квербакъиялдалъун гьенир гIуцIун рукIана батIи-батIиял фондал ва инсанасул ихтиярал цIунулел идараби. Гьезда гъорлъ – «Инсан къварилъуда» абулеб гIуцIиги.

Гьелъул хIалтIухъаби чанги сапар бухьана Шималияб Кавказалде доба бугеб ахIвал-хIал жанисан лъазаби мурадалда. Масала Сильва Гьоракова. Гьелъ гьадин ракIалде щвезабулеб буго жиндирго сапар.

Сильва Гьоракова: «Сильва Гьоракова: «У, дун цебе хIалтIулаан Шималияб Кавказалда. ЛъагIел бана Гъалгъастаналда, цогидаб лъагIел - Чачанлъиялда. Доба дица инсаниятлъиялъул ва жамгIият цебетIеялъул проектазда тIад хIалти гьабулаан. Бигаяб гуреб заман букIана доб заман. Щай гурелъул бакIалъулал структурабазул нижеда бараб бербалагьи лъикIаблъун букIун гьечIелъул».

Гьалкъояз Прагаялда бугеб Миллияб театралда Сильва Гьораковалъул жигаралдалъун рагьана Шималияб Кавказалъул инсанасул ихтиярал цIунулел хIаракатчагIазул хIурмат гьабулеб тадбир.

Гьеб хурхараб букIана цIар арай журналист Анна Политковская чIваралдаса микьго сон тIубаялда.

Тадбиралда гIахьаллъарай Эркенлъи радиоялъул гIурус хъулухъалъул директор Лагунина Иринаца ракIалде щвезабуна гIайиб гьечIел гIадамал чIварал Россиялъул аскариял Анна Политковскаялъул хIаракаталдалъун тIоцебесеб нухалъ жавабчилъиялде цIан рукIараб хIужа.

Гьединго ракIалде щвезабун букIана цойги хIужа. Гьалкъояз Инсанасул ихтиярал цIунулеб Страсбургалъул диваналъ Россиялдаса тIалаб гьабуна 2009 соналода Грозныялда викъарав Апти Зайналовасул гIага-божаразе компенсация хIисабалда 60 азарго евро кьей.

Гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабун букIана ва киналго документал Страсбургалъул диваналде ритIун рукIана цогидай цIар арай хIаракатчIужу Наталья Эстемировалъ.

Наталья чIвана щуго соналъ цебе, амма гьелъул хIаракатчиялъ жакъаги гIадамазе пайда кьолеб буго, ян абулеб букIана рехсараб тадбиралда гIахьаллъараз.

Гьениб гьединго рагьун букIана Шималияб Кавказалда чIварал, викъарал ва гIакъуба къулчIарал инсанасул ихтиярал цIунулезул суратазул галерея.

XS
SM
MD
LG