МагъчIваялъе рес

Балагьалде буссараб байрам


Итни къоялъул къаси къуваталъул идарабаз ккун вуго МахIачхъалаялъул лъималазул «Бамбино» абураб клубалъул бетIергьан. Гьеб клубалда кванараб жо рекъечIого унтана 15 лъимер, гьезда гъорлъан цо яс хвана.


2 июналъул къаси МахIачхъалаялъул лъималазул «Бамбино» абураб клубалъул бетIергьан 33 сон барав ГIалиев Арсен ккун вуго къуваталъул идарабаз. ГьатIан къоялъ гьесул клубалда букIараб квен данде ккечIолъиялъ 15 лъимер унтун буго, гьезда гьоркьоса II сон барай цо яс хунги йиго. Гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабун бахъинегIан хасал идарабазул хIалтIухъабаз ккун вуго клубалъул бетIергьан ГIалиев Арсен.

1 июналда 4 класс лъугIиялъул байраб къо кIодогьабизе «Бамбиноялде» ракIарун рукIун руго МахIачхъалаялъул 7 гимназиялъул цIалдохъаби, гьезул умумулгун вацал-яцалги. Лъималазул эбел-инсуца бицухъе клубалдаса ун гIемер заман балелде лъикI гьечIого лъугьун руго лъимал. Тохтурзабаз квен дандеккун гьечIинги абун 4 сон баралдаса 14 сониде щвезегIан ригьалъул 15 лъимер МахIачхъалаялъул рахунел унтабазул азарханаялда регизарун руго.

Гьезда гьоркьоса 11 цо сон барай ЛатIипова ПатIимат хунги йиго. Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министер Танка Ибрагьимовас лъазабуна гьей яс квараб жо рекъечIолъиялъ гурин хварай, гьелъул унтараб ракI букIанила, гьедин рекIел унтиги бачIун хванила гьейилан. Гьеб рекIел унти бачIиналъе гIиллалъул квараб жо рекъечIолъи бугищали жеги чIезабун гьечIила, гьелъул рахъалъ цIех-рех гьабун мухIканлъи чIезабизе бугин лъазабуна Танка Ибрагьимовас.

Лъималазул эбел-инсуца бицухъе гьеб клубалда кваназе букIунареб, батIияб жого босун букIун гьечIо гьез. Лъималазе бокьулеб жойин абун пиццаги, салатги, мороженое ги букIанин босун, амма гьеб салат кваналелъул гьеб лъикIаб гьечIин рукIанила лъималин бицунеб буго гьеб кваница унтизавурав 10 сон барав Камилил эбел Шахрузатица.

ЛатIипова Шахрузат: «Нижеца босун букIараб «Цезарь» салат кваначIо лъималаз. Цо-кIиго гъудгIанасеб жоги кун лъикIаб гьечIинги абун добегIан цуна гьез. Рахь гъорлъ бугеб соус гьабун букIун гьеб салаталде тIаде, гIанкIуги букIуна гьелда гъорлъ. Я рахь букIун батила цIекIлъараб, яги гIанкIу махIцун букIун батила. Риидала гьел кванил нигIматал хехго холелъул, букIине кколеб хIалалда гьел цIунизеги лъаларо гIемерисезда. Гьезул ургъел гьечIолъиялъ ццин бахъинабулеб буго, гьеб иш гьедин тезеги ракIалда гьечIо нижеда. Нижер лъимал унтизариялъе гIайибиял ралагьизе ва гьезие тамихI гьабизе тIадаб буго хасал идарабазда. МухIканго цIех-рех гьабизе ккола лъимал утниялъе щиб гIилла бугебали. Дир пикруялда рекъон гьелъие гIилла буго кванил нигIматал хун рукIин ва гьеб клубалда хIалтIулезул ургъелгьечIолъи»

Жакъа къоялде лъималазул гIезегIан мадар лъугьун бугин, гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIин лъазабулеб буго тохтурзабаз.

Дагъистаналъул рахунел унтабазул азарханаялъул тохтур МухIамадов МуртазгIали: «Азарханаялде рачIараб мехалда гьел лъималазул цояв вукIана захIматаб хIалалда, цойгидазул гьоркьохъеб хIал букIана. Гьел хас гьабун сунца унтизаруралали мухIканго абун бажаруларо, амма хIакъаб жо буго квен дандеккечIолъиялъ унтун рукIин. Риидала цIакъ гIемер рукIуна гьединал хIужаби, нилъер гIадамаз квен гьабулелъулги, кванил нигIматал ричулелъулги, цIунулелъулги рукIине кколел тIалабал цIунуларелъул. Гьедин ургъел гьечIезул къурбаналлъун ккун руго гьал лъималги. Жакъа къоялде гьезул мадар буго, дару –сабаб гьабун хадуб гьел лъикIаб хIалалда ругин абизе ккола».

Лъимал унтиялъул хIужаялдаса хадуб МахIачхъалаялъул киналниги лъималазул клубазда хал-шал гьабизе бугин лъазабуна Дагъистаналъул бетIерай – эпидемиолог Элеонора Омариевалъ. Гьеб хал-шал лъугIизегIан ва хасал идарабаз цIех-рех гьабун бахъинегIан «Бамбино» клуб къан буго. ЦIех-рех чагIаз лъазабухъе гьелъул бетIергьанас лъимал унтиялъул гIайиб я жинда я гьеб клубалъул хIалтIухъабазда гьечIилан рикIкIунеб буго.
XS
SM
MD
LG