МагъчIваялъе рес

Сочи: бергьаралги къуралги якъинлъана. ТIоцебесеб бутIа


Россия. Сочиялъул Адлер мухъалда бугеб Олимпиялъул ахикь хIухь бахъулел хIалтIухъаби. 2014 соналъул 25-билеб январь.
Россия. Сочиялъул Адлер мухъалда бугеб Олимпиялъул ахикь хIухь бахъулел хIалтIухъаби. 2014 соналъул 25-билеб январь.

Олимпиадаялде хIадурлъи гьабиялъ Сочиялда рукIа-рахъин гьабулел гIемерал гIадамазул гIумру кIала-гъоркье сверизабуна.

Дмитрий Абжанил рукъ биххана ракьул гъат ччукIун бачIиналъ. Гьебги ккана юк бачунел автомобилаз гьениса рищни-къул нахъе босулеб мехалда.

Диваналъ гьабураб хIукмуялда рекъон Абжание зарал бецIизе ккола. Амма гьеб къотIи тIубазабун гьечIо. Гьанже 27 сон барав Абжаница жиндирго хъизам-кулпатгун гIумру гьабулеб буго чIунтизабураб рукъов.

Гьеб бугин космосалда кинниги, ян махсаро гьабулеб буго гьес. Ва тIаде жубалеб буго – хIакимзабаздехун вуссун гьабулеб гIарз жаваб гьечIого хутIулеб бугин.

Дмитрий Абжан: «Щибниги гьабун гьечIо. Киндай букIина хадуб - лъаларо. Щиб гьабилебали, лъидехун вуссун гIарз гьабизе кколебали? Лъимал хьихьизе ккола. Гьезул тIалаб-агъаз гьабизе ккола. Амма гьанир гьарурал ва гIурал ниж гьанже бомжал гIадин хутIана».

Видеоялда Д.Абжаница бихьизабулеб буго жиндирго рукъ



Сочиялда 7 февралялда байбихьулеб Олимпиадаялде гьабураб хIадурлъиялъул багьа 51 миллиард долларалде бахунеб буго.

Цо рахъалъан гьенир рихьула цIакъ берцинал стадионал, чIухIарал гIемертIалаялъул минаби, цогидаб рахъалъан балагьани – Абжанилги гIемерал гIадатиял гIадамазулги мискинал ва чIунтарал рукъзал.

Ахшатыр абулеб росдал гIадамал газ гьечIого хутIана. Цо чанго гъуялъуб лъим къана. Киса-кибго бихьулеб буго хъахIаб цементалъул хIур. Гьелдалъун пихъил тату хвезабун буго. ГIадамазда кIоларо гьеб бичизе.

Красная Поляна абулеб Олимпиадаялъул аслияб бакIалде цIияб нух бокъинабун хадусала къотIун буго Ахшатыралдаса жамгIияб транспорталдехун унеб букIараб нух. ЦIияб нух базе бугин абураб тIадтараз кьураб рагIи тIубазабун гьечIо.

65 сон барав Виктор Коленин ккола 1986 соналда Чернобылялда букIараб балагьалъул хIасилалъул ветеран. Гьес абулеб буго жив хIинкъулев вугин хIухь цIазе – гьениб цементалъул хIур букIиналъ.

53 сон барай Елена Руновичица жиндирго хIалтIи тана ясалъе гIоло - щибаб къоялъ яс мактабалде нуха регIизе ккола рукъзал ралел бакIаздасан ва гIатIидал шагьранухаздасан. Гьениб кIудияб хIинкъи щолеб бугин лъималазе, ян абулеб буго гьелъ.

Гьел гIадамаз абулеб буго – Олимпиада жеги байбихьун гьечIониги – «бергьарал» ва «къурал» якъинлъанин.

Елена Рунович: «Щайдай цоязе - кинабго, цогидазе щибниги? - ян абураб суалалъе жаваб кьеха!»

Виктор Коленин: «Адлер мухъалда бищун берцинаб росо букIана нижер росо. Гьанже гьаниб къищни-къул лъун буго. Администрациялда гьеб лъалеб бугони, сан гьабичIого толеб буго».

Дмитрий Абжанил мадугьаллъун кколей 85 сон барай Полина Калайжаница гIумру гьабулеб буго 89 сон барав росгун.

Гьездаго цадахъ руго гIага-божаралги – гIаммаб къадаралда анцIго чи вугеб рукъ дагь-дагь ккун бегулеб буго. Гьезиеги компенсация кьезе кколаан, ама хьул къотIун буго.

Полина Калайжан: «Нижеца кагъат битIана Владимир Путинихъе, битIана кагъат Дмитрий Медведевасухъе, Краснодаралъул администрациялде. Гьез жаваб кьолеб буго – гьеб бакIалъулаб тIалъиялъул ищ бугин абураб.

Амма бакIалъулал тIадтараз тIалаб-агъаз гьабулеб гьечIо. Гьез абулеб буго жидеда кIоларин нижее кумек гьабизе».

Сочиялда минаби ва стадионал раялъул хIасилалда ток бачин чIечIого гьоркьоса къотIулеб буго. Мех-мехалъ хIатта кIиго сордо къоялда жаниб ток гьечIого Ольга Агалакова абулей блоггералъ жиндирго интернет даптаралда абулеб буго гьанже моцI кканин канлъи кьолеб аслияб магIданлъун.

Дмитрий Абжаница абулеб буго гIадамал хIинкъулел ругин Олимпиада лъугIараб мехалда жидерго къисмат кIочон тезе бегьиялдаса.

Дмитрий Абжан: «Ниж гуро гьанире кIиго-лъабго къо базе рачIарал, ниж ккола гьанир гьарурал ва гIурал гIадамал. Ниж гурелги - нижер умумулги гьанир гьаруна. Гьеб буго нижер гIагараб ракь, амма ниж бомжал хIисабалда гьанир чIун руго.

Ниж рорхатал руго гьаб Олимпиадаялдаса, щай гурелъул - гьеб лъикIаб тадбирги буго, гьелъие гIоло нухалги къачана, минабиги рана, амма бакIалъулаб халкъги кIочон тезе ккелароан.

Цо жо гIадамазухъа бахъани, гьелъул бакIалде цогидаб жо кьеха. РачIана, рихх-риххана, гIадамал рукъзал гьечIого тун ва Олимпиадаги тIобитIун ана. Гьединаб хиял битIарабдай?»
XS
SM
MD
LG