МагъчIваялъе рес

Анализ: Шималияб Кавказ анкьида жаниб


Лиз Фуллер
Лиз Фуллер

Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица регионалда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназда сверун хIадурараб гьаб анкьилаб баяналда кIвар буссинабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъиялда кколел ругел хиса-басиязде ва регионазул бутIрул рищиялде жалго гьел бутIурузул бугеб бербалагьиялде.

Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал заманаялъ тIуразарулев Рамазан ГIабдулатиповас гьанжеялде биччизабуна гьесул хIалтIулъ аслиял приоритеталлъун экономика, хIалтIул бакIал гIуцIи, республикаялъул нухмалъиялде божилъи бижизаби ва коррупциягун къеркьей букIин. ГIабдулатIиповас премьер-министрлъун тарав Меджидов Мухтарица дагьаб цебегIан лъазабун букIана кIиго-лъабго олигархасдаса кIудияб пайда Дагъистаналъе букIине бугин чанго нусго гьитIинаб бизнесалъулин. Гьес гьединго кIвар буссинабулеб букIана инвестициял рачIинаризе ккеялдеги, экономика борхизабизе ккеялдеги.

ЦIияб премьерас гьединго абулеб букIана хъулухъчагIазда бюджеталъул гIарацуе хъамалчилъи гьабизеги тезе гьечIин жинцаян.
ГIабдулатIиповасгогIадин Меджидовасги абуна хIукуматалда кIудиял хиса-басиял гьаризе ругин. Гьесул рагIабазда рекъон, 22 министрасул гьоркьохъеб ригь бащалъулеб буго 54 соналда гьебги халкъалъул гьоркьохъеб ригь 27-28 соналда бащалъулеб мехалда. Живго Меджидовасе буго 50 сон, гьев хисулевлъун тарав цояв Хархаров Абусупьяние буго 46 сон, цоги вице-премьер Александр Ермошкиние буго 48 сон. МеджидовасгогIадин Ермошкиницаги хъулухъ гьабулеб букIана КГБялда.

Чачаналда итни къоялда республикялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница абуна Москваялъул бокьараб хIукмуялъул рахъ кквезе бугин жинца республикабазул бутIрул рищиялъул суалалъулъ, амма жинда гьикъани, жинца абилин гьел бутIрул тIамуналдаса халкъалъ рищани лъикI букIине бугин. http://www.chechnya.gov .ru / page.php? R = I26 & ID = I2287

Къадировасде дандеккун Гъалгъаллъиялъул нухмалъулев Евкуров Юнус-Бекица араб анкьалда абулеб букIана тIолабго Россиялда губернаторалги республикабазул бутIурулги улкаялъул президентас тIамуни лъикIаб букIине бугин http://www.kommersant.ru/doc / 2I0986I

Гьеб бакIалда абизе бегьула яги Къадировасул хIакъикъаталдаги ракIчIун буго халкъалъ жив вищизе вукIиналда, ялъуни гьес хIинкъизабун халкъ тIамизе буго жиндиего гьаркьал кьезе ва гьелдасан гьесие кепги щвезе буго.

Къадировасе хIакъикъаталдаги лъазе бокьун батани жив чачаназул халкъалъе кигIан вокьулевали, гьес хал гьабизе бегьула Эркенлъи Радиоялъул чачаназул хъулухъалъул сайталда унеб он-лайн цIех-рехалъухъ.

Гьениб Къадировасул цIаргогIадин кьун руго республикаялъул бетIерасул нухмалъиялде батIи-батIияб заманалда къеркьолел рукIарал гIадамазул цIаралги-гьел ккола Ичкериялъул нухмалъиялда вукIарав Закаев АхIмад, россиялъул парламенталъул спикерлъун вукIарав Хасбулатов Руслан, Удугов Мовлади ва бизнесчи Сайдулаев Малик.

Рузман къоялъул радал Закаевасе гьенир кьурал гьаркьазул къадар бахунеб букIана 67 проценталде, 7-гIан процентгун кIиабилеб бакIалда вукIана Хасбулатов, хадув 4-процентгун Сайдулаев, Къадировсе абуни 1 процентцин щун букIинчIо. Гьаркьал кьуразул 20-гIан проценталъ тIаса бищунго буго цоги кандидат абураб мухъ.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула 2003 соналда чачаналъ президентасул рищиял тIоритIулаго «Washington Post» газетаялъ кьолел рукIарал гIолохъанав чачанасул рагIаби: «Чачаназул 90 проценталъе къваригIун гьечIо АхIмад-ХIажи Къадиров президентлъун вихьизе, амма ниж киназдаго лъала гьев президентлъун вахъине вукIин».
XS
SM
MD
LG