МагъчIваялъе рес

«Эбел, дида тIаса лъугьа, дун жакъа чIвазе ватила!..»


Ахирал къоязда Дагъистаналъул ва Россиялъул цо-цо информалатаз лъазабулеб букIана «рохьове» араб жидерго вас ГIалибегов Ибрагьим тIадвуссинелъун гьесул эбел-инсуца ракъи лъазабун букIиналъул. Эркенлъи Радиоялъе Ибрагьимил эмен Зайнудица абун букIана васасе гIоло лъазабураб жидер жигьадалда щаклъизе бакI гьечIин. Ракьи лъазабиялдалъун эбел-инсуе къваригIун буго вас кантIизавизе ва жиндирго хъизаналде тIаде рокъове гьев вачIине.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ цоги нухалда ракIалде щвезабуна тIолабго Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалги цоцаца чIвалел ругел гIолохъабиги.
Полициялъ хIакъикъаталдаги жамгIиятгун рекъон ахIвал-хIал рукIалиде бачине хIаракат бахъулеб мехалда гьелъул хIасил кколеб буго. Гьеб бихьулеб буго Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралдаса ва мухъалдаса 11 гIолохъанчи «рохьоса» тIадвуссинавизе кIвеялъулъ.

Дагьал церегIан рокъоре рачIарал ункъгоязул гьадин бицун букIана ракьи лъазабурав ГIалибегов Зайнудиница.

ГIалибегов Зиявдин: « Гьале гьаб заманалда Хасавюрталъул полициялъ хIаракат бахъулеб буго мекъи ккарал гIолилазе кумек гьабизе. Хас гьабун полициялъул нухмалъулев Темиргереев Шамилица кьурал гарантиязда божун тIадруссарал руго гьел гIолилал. Улбуздасан гIуцIараб нижер къукъаялъ рачунги рачIана гьел. Низам цIунулезулгун къотIиги гьабун букIана нижеца.

Аллагьасе рецIцI, гьев ункъавго гIолиласе тIубанго реабилитация гьабизе буго. Гьел руго жиде-жидер рокъор. Гьелгун дунги вукIана кIалъалев. Гьединал, тIадруссине бокьарал гIолилал рохьабахъ гIемерал руго. Лъаларо сунца яги лъица гьезие квал-квал гьабулеб бугебали. Гьединлъидал дица рикIкIуна жамгIияталъ гьезда бичIчIизабизе кколин гьездаса къисас босизе гьечIолъиян. Хасавюрталъул нухмалъулев ГIумаханов Сайгидпашацаги кIудияб квер-бакъи гьабулеб буго гьеб ишалъулъ».
Амма полициялъул жамгIиятгун пикру цоцазде данде кколареб бакIалда иш батIайиса буго.

Даниялбег: «Дир лъабго вас хвана капуралгун рагъулъ. Ункъабилев гьез викъун ун лъалкI тIагIинабун букIана ва ункъго соналъ гьесул хIакъалъулъ нижеда щибго лъалеб букIинчIо. Дир 40го вас вукIараваниги дица гьел ритIизе рукIана тIекълъигун къеркьезе. Дир васаз чIвачIо цониги чачанав, чIвачIо цониги ракълилав чи. Гьез гьединал жал гьарун рукIаралани дица гьезие гьабизе букIараб лъалаан гьезда.

ЧIвай дуда гьикъичIого вачIарав тушман, рагъе бажарухъе ва гIадамазе къагIуба кьоге.

2009 соналъул 28 марталда Шали бакьулъе къад-къо ракьалда рехана дир васасул ва гьесул гьалмагъасул пасат гьабураб жаназа. Хадур дида хадур рекерунги рачIун, дун гьеб бакIалдеги вехъерхъун гьикъана: «Гьав вас дуда лъалищ»-ян.

«Валлагьги лъала,-ян абуна дица-гьев вуго дир вас. Аллагьас къабул гьабун батайги гьесул гъазават!»-ян

Дида аскIов эхетун вукIана «Лорд» абулев хъачагъ. Гьев гьанже вуго Рамзан Къадировас гIагар гьаруразул цояв. Дица абураб рагIарабго туркIун вачIарав гьес дир гьурмалъ жо бана. Дун гIодов ккана. Гьенир сверун рукIарал полицияз байбихьана малаца ва хъундагъаз дун вухизе. Дун лъавудаса ана. Гьеб къоялъ дие ккун букIана кIиго инфаркт.

Хадуб Аллагь вокьулел гIадамал ратун гьез дун вачана Москваялде. Гьениб ракIалъе операция гьабуна дие. Гьале гьанже дунял тирулев вуго инвалид лъугьарав дун»

Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Чачаналъа Франциялде лъутарав Даниялбегица. Гьесие жакъа буго 73 сон.

Гьаб программа хIадурулаго нижеда ракIалда букIана Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа Хадижат абулей гIадангун кIалъазе. Чанго цон цебе жиндирго кавудул кIалтIа чIван вукIана гьелъул цо вугев вас. Хадуб лъазабуна гьев мекъса ккун чIван вукIанин. Цо моцIалъ цебе гьейгун, ясгун ва гIагарал руччабигун цадахъ МахIачхъалаялде унеб нухда чIезабула гьелъул рос СагIид-АхIмадица бачунеб букIараб автомашина.

Камуфляж ретIарал гIадамаз абула гьесда документалги росун автомашиналъуса къватIиве лъугьаян. Гьелги росун гьезде аскIове унеб бакIалда автоматги кьвагьун, руччабазда цеве чIвала гьелъул рос. Чанго къо цебе чIван вуго гьелъул цинагIал. МагIирокъой йигей Хадижатгун кIалъазе гьаб нухалда нижее рес щвечIо.

Дагъистаналда ругел лъугьа-бахъинал батIиял гьечIо мадугьалихъ ругел республикабазда кколездаса. Гьенирги руго рилулел гIолохъаби, гьенирги хадусан ратулел руго гьезул жаназаби.

Нальчикалдаса Валентина Биджиевалъул вас Айтек Биджиев вилун вуго июналъул ахиралда.

Биджиева Валентина: «20 июналда дир 27 сон барав вас рокъоса къватIиве ана ва вилана. Гьелдаса нахъе нижеда гьесул хIакъалъулъ щибго лъаларо. Цо ккураб хIалтIиги гьесул букIинчIо. Гьаниб-доба щвара-щвараб гьабулев вукIана гьенир гIемералгIадин. Нухал ралев чи абураб лъай щун букIаниги, хIалтIизе бакI гьесие щвечIо. Цоги гIолилаздаса гьесул батIалъиги лъаларо дида. Киназего бокьулеб бакъанги бокьулаан гьесие, киналго ралангьулел телепрограммабазухъги валагьулаан гьев.

Гьев вуго гIадатияв вас. Исламияб радикализмалъулгун гIаммаб жоги гьесул букIинчIо. Нижер тIолабго хъизамалъего рекIее гIоларо гьеб радикализм. Щиб гьабилебали, кире рортилелали лъаларого руго ниж. Киса-кирего щвана, гIарзаби хъвана. Дир лъимер дида аскIоб рокъоб букIиналъе гIоло дица кинабго кьелаан».

Руго гIолилал полициялда къолеб гIакъубаялдаса хIинкъун рахчун чIаралги.

«ГIадамазул ихтиярал ва эркенлъаби цIуниялда сверун Гъабардагун-Балкариялъул улбул» абулеб Комитеталъул нухмалъулей АхIмадова Мариямил рагIабазда рекъон, республикаялда гIолохъаби рилулел руго араб бакI лъачIого ва цо заманалдасан хасал операциял гьарулаго чIванин абун жаназаби кодоре кьолел руго.

АхIмадова Мариям: «Рокъоса къватIиве, масала, гьудулзабигун дандчIвазе вахъарав чи унеб бакIалде щолев гьечIо. ХIалтIудаса вачIунев чи тIагIунев вуго. ГIарзаби хъван хадубги гьезул лъакI батуларо. ЦIакъго къанагIатго ратула чанго къоялдасан полициялъул бутIабазда. ЦIикIкIунисеб нухалда гьел ратулел руго киб букIаниги тIобитIараб хасаб операциялда чIваразда гьоркьор. КIудияб щаклъи кколеб буго гьел гIолилал "рохьоре" унал рукIиналда. Унелги ратила, цIакъго къанагIатго. Амма чи "рохьове" унеб мехалда цо чиясдагIаги гьеб лъачIого букIунаро хъизамалда. Гьедин абуни рилулел руго гIиллаго гьечIого.

Руго гIолилал полициялда къолеб гIакъубаялдаса хIинкъун рахчун чIаралги. Дагъистаналда яги ЧачанлъиялдагIадин яргъидгIуцIаразул къукъаби гьанир гьечIелъул. Гьел рес ккара-ккаралъуб гьитIинал къукъаби гьарун рахчун рукIуна. Гьел чIвалел куцалде балагьунги баянлъулеб буго гьеб. Гъабардагун-Балкариялда рилулел руго цIакъ гIемерал гIолилал.

Беджиев абулев гIолилав вилана гьудулзабигун дандчIвазейинги ун. Гьале моцIалдасаги цIикIкIун заман аниги, гьесул лъалкI батулеб гьечIо. "Рохьове" унев вукIаравани, гьес цадахъ босараб жо букIине ккелаан, ине вугин абурав цогIаги чи вукIинаан.

Мамаев абулеб гIолилав виларалдаса лъабго моцI гIолеб буго. Нижеда лъаларелги гIемерал рукIинарищха хIужжаби. Рилулелги руго I8-20 сон барал гIолохъаби. Руго гьезда гьоркьор как баларелцин лъимал, амма аслияб къагIидаялда рилулел руго какда тIадчIарал гIолохъаби».

АхIмадовалъул рагIабазда рекъон, риларал гIолохъабазул улбул хIинкъулел руго рокъор хутIаразда. Гьел ритIаралги ратила, амма гьезда бажарулеб гьечIо жидерго лъимал цIунизе. Гьезул цо-цояз нижехъе инсанасул ихтиярал цIунулезухъецин гIарза хъваларо, лъидаго лъазабуларо. Гьел хIинкъулел руго цоги рокъор хутIарал лъималазда, хIинкъун рукIин гьез балъгоги гьабулеб гьечIо.

АхIмадова Мариям: «Жидер васал рилараб параялъго гьез нижеда лъазабулебани, гьелъулцин пайда ккезе букIана. Гьев чIаго ватизе ресал цIикIкIуна. ГIемерал гIадамазда гьеб бичIчIулеб гьечIо. Гьезда гьеб бичIчIизабизеги захIмалъулеб буго. Рилараб параялъго ралагьизе журайдал, васал ратарал хIужаби гIемерал рукIана. Ралагьизе кватIани, цо пуланаб хасаб операциялда хадуб чIванин абуни гурони ратуларо гьел».

Инсаназул ихтиярал цIунулелъ жеги бицана балугълъиялде рахинчIел цо-цо гIолилал чIвалел ругин гьез автомашина чIезабичIелъухъин. Автомашина бачине изну гьечIого яги жив бетIергьанаб гуреб автомашина бачунеб букIиналъ хIинкъулел ратизе ругин гьел полициялъул тIалабалда рекъон гьеб чIезабизе. Гьединалги чIван низам цIунелез жидерго ишал ритIухъ гьаризе гIуцIулин хасал документал: яргъидгIуцIаразе гьез кумек гьабулеб букIанин яги жидее дандечIей гьабунин абунин бицана АхIмадовалъ Эркенлъи Радиоялъе.

АхIмадова Мариям: «Гьедин гIисинал васал чIварал бакIазде рехулеб буго кибали такъсир гьабураб ярагъ. ХIалтIизабулеб сценарийцин хисизабуларо гьез. Киса-кибго цого сурат букIуна. Гьелъ кIудияб щаклъиги ккезабулеб буго гьезул хIалтIуда. Гьеб кинабго лъалел нижерцин щиб, гьединал ишаздаса рикIкIадал гIадамалцин божуларо гьанже гьез бицунелда. ЧIван рехулел руго яргъидгIуцIараздаса гIемерго рикIкIад чIарал лъималги. Гьаниб, гьитIинаб республикаялда, вилулев вугевщинав гIолилав вихьун, хIинкъизе бачIунеб буго. Гьел хIужабазул информалатаздасан дагьаб гурони бицунеб гьечIониги, киназдаго лъалел руго гьел».

«Эбел, ниж сверун ккун руго, гьужум гьабизе батила. Эбел, дида тIаса лъугьа, дун жакъа чIвазе ватила!..»

Кинал рукIаниги далилалги гьечIого, ургъун рахъарал гIайибалги гIунтIизарун жиндир цохIого-цо вукIарав вас Арсен яргъидгIуцIаравлъун лъазавунин ва чIван реханин бицана гьесул эбел Нальчикалдаса Афашагова Светланаца.

Афашагова Светлана: «Дир цохIого-цо вукIарав вас Арсен чIвазеги чIван лъазавуна яргъидгIуцIаравлъун. 2007 соналда армиялдаса тIадвуссун хадув гьев ун вукIана Москваялде хIалтIизе. Гьес какги балеб букIана 15 сон баралдаса. Дун гьелдаса разияйги йикIана. Москваялда хIалтIулев вукIаниги, гьанив Нальчикалда цIалулевги вукIана гьев. Экзаменал кьезе вачIараб мехалда бертинги гьабун, лъади ячун, гьейгун цадахъ ана гьев Москваялде. Чанго соналдасан Москваялда гIумру хиралъидал, гьитIинай ясгун цадахъ гьес лъади диде аскIое йитIун йикIана.

Цо нухалда гьезда аскIове, рокъовеги щун, дир вас нахъе араб мехалда ахIун бачIана полицияс, Арсен нужеца вахчугеян, гурони нужеего квеш букIине бугин, жидеде тIаде щваян абе гьесдеян.

Щиб-кинали цIехараб мехалда лъана Нальчикалда цадахъ хIалтIулев вукIарав цо васасе гьес цо-цо мехалда гIарац кьолеб букIараблъи. Гьеб вас полициялъ ккураб мехалда гьесухъ батун буго ярагъги гIарацги. ХIалтIулев гьечIев дуе гIарац кисаян гьикъидал, гьес бицун буго цо-цо дир вас Арсеница кьолаанин. Гьелдаса хадуб байбихьана гьесда хадуб хал кквезе. Москваялдаги ккун Нальчикалде щвезавун вуго гьев. Цониги нухалда милиция рукъалде аскIобе къарай гIадан руго дун. Дица хъвана киса-кирего гIарзаби. Чанго къоялдасан гьев вачIана рокъове».

Светланаца бицана вас рокъове вачIанин жиндир яцалъ вачун. Гьей уней йикIун йиго къотIносан. ЦIурдул чIегIераб ва номерал тIад гьечIеб автомашина лъалхъинабун гьениса къватIиве рехун вуго ботIрода чIегIерав къвачIаги хурав мехтаравгIадин тартадулев гIолилав. Гьесул квералги рухьун рукIун руго. Гьелги ричун, ботIродаса къвачIаги бахъун автомашина хехго нахъе ун буго. Гьевин абуни вукIун вуго жив кив вугевали щибулев вугевали лъаларого гIабдалгIадин эхетун.

Жиндир яц йоххун яскIое екерараб мехалдаги гьей лъаларого хелделел рукIун руго гьесул берал. Гьелъ вачIуна гьев рокъове. Рокъовги гьев кIалъалев вукIун гьечIо. ГIицIго лъазе кIун буго Москваялдаса гьев ФСБялъул хIалтIухъабаз аэропланалда рекIинавун Нальчикалде вачаравлъи ва лъабго къоялъ гьез гьесие гIакъуба кьолеб букIараблъи.

Афашагова Светлана: «Дица рачлихъе щвезегIан ретIел бахъун хал гьабуна гьесул. ТIубараб мухъ, кIигъуждулцин ругоан гьесул чIегIар гьарун. БотIрода къвачIаги ххун чанго чияс вухулев вукIун вуго гьев. Хисун-хисун рачIун вухулев вукIун вуго гьев. Гьесул гIавраталда ток кьабизабулеб букIун буго. Хадуб гьес бицана жинда кIиго рукIкIен чIванин ва жив лъавудаса анин. Ахирги гьесде гIунтIизабуна яргъидгIуцIаразе финансазул квербакъи гьабиялъул гIайиб».

Как балел лъималазул сияхI гьебеянги абун рокъове виччан вуго Арсен. Гьес гьикъулеб букIун буго эбелалда гьанже жинца щибин гьабизе кколеб, жинда гьезул цониги чи лъаларев мехалдайин. Хадубги гьесие хIалхьи толеб букIинчIин бицана Светланаца.

Кире инел, лъиде гIарз гьабилебали лъаларого рукIанин жал. Гьужум гьабун биххизабунин Баксаналда букIараб гьезул чIобогояб рукъ. Гьеб мехалда вас хъизангун жиндилъур рукIанин бицана эбелалъ. Полициялде гIарз гьабураб мехалда, гьез абун буго рукъ биххизабунин абураб операция жидер букIинчIин.

ЛъагIалица вахчун вукIун вуго гьев. КъанагIат гурони жиндацин вихьулароан бицана Светланаца. Цо нухалда гьес гьабур буго эбелалда лъадиги лъимерги рачейин жинда рихьизейин. Хадубго чанго къоялдасан абун буго, дагьаб мехалда чIаян, жинца ккураб рукъалда сверун цо ричIчIунарел жал лъугьунел ругин абун.

Афашагова Светлана: (гъодилаго) «2011 соналъул 21 ноябралъул радал гьес бачIана дихъе ахIун: «Эбел, ниж сверун ккун руго, гьужум гьабизе батила. Эбел, дида тIаса лъугьа, дун жакъа чIвазе ватила»,- ян. Гьеле гьедин чIван рехана дир цого-цо вукIарав вас. Гьесда цадахъ цоги васги чIвана. Амма гьенив лъабабилев вас вукIанин лъазабуна полициялъ. Гьев вукIинчIо гьенив. Гьел кIигоял гурони рукIинчIо. Гьесда цадахъ вукIарав Артанов абулев васасги ахIун буго эбел-инсухъе. Гьевги рокъоса вачун ун вукIун вуго лъабго моцI цеве. Гьесги абун буго эбелалда: "Эбел, дие мун цIакъ йокьула, амма дуда дун тIокIав вихьизе гьечIо! Гьаб пачалихъалъе къваригIун букIана дун туснахъалъув туризавизе. Кумек гьабе дир лъимал гIезаризе", - ян. Гьенив вукIинчIев лъабабилев васасул жаназаги батана гьениб».

Гьесул паспорт босизе полициялде араб мехалда Светланаца гьикъун буго диваналъул хIукму бугоницин гIадамал чIвазе мораторий бугеб улкаялда жиндир вас щай чIван рехаравин. Полицияс абун буго гьес жидее дандечIей гьабулеб букIанин. Светланалин абуни йиго ункъго нугI гьеб рокъосан цониги гулла кьвагьичIин абулей.

Афашагова Светлана: (гъодилаго) «Гьанже киса-кибго информалатаздасан абула яргъидгIуцIарал-яргъидгIуцIаралин. Кинал яргъидгIуцIарал гьел рукIунел? Кинаб далил гьезул бугеб?»

Светланал рагIабазда рекъон, республикаялда тIагIинабулеб буго генофонд. Гьединго чIвалел ругин полициял ва гьел чIваралги лъицаго ралагьулел гьечIин, щиб кканиги яргъидгIуцIаразде тIаде реххулеб бугин абуна гьелъ. Щибай эбелалъе жиндир лъимергIадаб жо букIунарин ва гьезул гIумрудул багьа букIунарин абуна Светланаца.
XS
SM
MD
LG