МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказ: божи гьечIеб перспектива


Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал дагьалъ гIодобе биччай, цо-цо экспертаз хурхинабулеб буго «рохьилал» Сириялд рагъде ун рукIиналда. Аммайин, абулеб буго гьез, гьенисан гьел нахъе руссине ругин дагьалъги цIикIкIараб рагъулаб хIалбихьигунин ва гьез регионалда ахIвал-хIал цIидаса хIалуцинабизе бегьулин.

«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъги тасдикъ гьабулеб буго Шималияб Кавказалда конфликталъул хIалуциналъул даража гIодобе кколеб букIин. Гьеб гIуцIиялъул мажлисалъул нухмалъулев Александр Черкасовас абулеб гьеб кколин Дагъистаналдаги Чачаналъги хъачIаб ва Гъалгъазул республикаялда, гIагсалда, «тамахаб» къуват хIалтIизабиялъул хIасилин. Гъалгъазул республика, инсанасул ихтиярал цIунулесул пикруялда, буссун буго Шималияб Кавказалъул бищунго парахатаб субъекталде.

Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къокъаялъул цIех-реххчIужу Варвара Пахоменкол пикруялда, Шималияб Кавказалда жакъа бугеб дагьалъ гIодобе биччараб ахIвал-хIалалъе квербакъи гьабуна тIоцебего Сочиялъул Хасалил Олимпиадаялда хIадурлъулеб мехалда къуватиял структурабаз «гIицIго хъачIаб къуват хIалтIизабун гьарурал тадбираз». Гьелъул рагIабазда, тIолабго регионалда «зачистка» гьабунин абизе бегьула. Гьелъул хIасилалда чIвана радикалиял къокъабазул гIемер чи. Цадахъго кIудияб тIадецуй гьабулеб букIана диниял хIаракатчагIаздеги гьелъул хIакъалъулъ бицунел журналистаздеги. Гьеб процесс жакъаги халат бахъунеб бугин, рикIкIунеб буго Пахоменкоца.

Россиялъул халкъияб магIишаталъул ва пачалихъияб хъулухъалъул академиялъул вакил Денис Соколовасги рикIкIунеб буго регионалда ахIвал-хIалуциналъул багьана хурхараб бугин ярагъгун пачалихъалде дандечIей гьабулел чагIазул цоял Сириялде ва Украиналде иналдайин. Гьелде тIадеги Соколовас жубалеб буго Шималияб Кавказалдаса рагъулазул ва жанисел ишазул министерлъиялъул къуваталъул кIудияб бутIа Крымалде ва Украиналъул машрикъалъул рахъалдехун инги. Гьелъ, гьесул пикруялда, дагьлъизабуна «конфликталъул цIа боркьизабулеб» къуват.

«Дагестанцы» абураб газеталъул бетIерияв редактор ГIалисултIан ГъазимахIамадовас нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго, ГIагараб Машрикъалде цо-цо гIолохъаби иналъул гIайиб низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаздаги бугин.

ГIалисултIан ГъазимахIамадов, "Дагестанцы" газетаялъул бетIерав редактор
ГIалисултIан ГъазимахIамадов, "Дагестанцы" газетаялъул бетIерав редактор
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:54 0:00
Интернет-мухъ

Соколовас рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда жакъа загьирлъулеб гIодобе биччараб ахIвал-хIал гIемер заманалъ халат бахъине гьечIин. Исламалъул идеология жидеего пайдаялъе хIалтIизарулел къокъабазул хIаракатчилъиялъул эскалация нилъеда бихьизе бегьула исанацин, ГIагараб Машрикъалдаса Донбассалдаса кофликталъул гIагьалчагIи нахъ руссунеб мехалда.

Черкасовасул рагIабазда, гьезул хьвада-чIвади дагьалъги хъачIаб букIине бегьула, къватIисел рагъазда хIалбихьиялъул даража тIаде ун букIин ракIалде босани.

Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаялъул пикруялда, Шималияб Кавказалъул республикабазда низам цIунулел идарабазул ва дивналъул системаялъул хIалтIухъабаз «гIадатияб гуреб» диналъул гIадамазул, гIадатиял гIадамазул ихтиярал хвезариялъул даража Совет Союз биххараб заманалдаса цогIаги нухалда букIун гьечIо 2014 соналда букIараб гIадаб борхалъиялде. Гьебин абуни кколин жидее зарал ккарал гIадамаз «рохьилазул» къокъабазул «кадрабазул» суалалда квербакъи гьабизе бугин абурабин, жубалеб буго Локшинаялъ. Гьелдаго релъарал пикраби загьир гьарулел руго цогидал экспертазги.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:34 0:00
Интернет-мухъ

ГъазимахIамадовас абулеб буго, ГIагараб Машрикъалдаса нахъе рачIунел гIадамазда хурхун билъанхъизабулеб пачалихъалъул хьвада-чIвади цIодораб букIине кколин. Гурони, унгоги проблема хIалуцине бегьулин. Амма, журналистасул пикруялда, ГIагараб Машрикъалде рагъизе аразул къадар информалатаз бицункъи гьедигIан кIудияб гьечIо.

XS
SM
MD
LG