МагъчIваялъе рес

Ругънаде тIаде цIам...


Russia -- Basic health care - generic photo
Russia -- Basic health care - generic photo

Шималияб Кавказалъул республикабазул ва хасго Дагъистаналъул азарханабазда гIолел гьечIо унтаразе бакIал. ТIолабго Россиялде дандеккун гьеб проблема регионалда катастрофалде сверулеб буго. Гьедин абуна араб анкьалда россиялъул СахлъицIуниялъул министралъ МахIачхъалаяда букIараб данделъиялда.

Дагъистаналъул азарханабазда гIадатияб жолъун лъугьун буго унтарал регизе палатабазда бакIал гьечIого корридоразда регизари. Гьезда аскIосан жидерго унтаразехъе щвезе унел къватIиса гIадамалги хьвадула, цоги унтаразе хъулухъ гьабизе унеб медперсоналги хьвадула. Гьединги азараханаялде къабул гьариялдаса рохунги рукIуна цо-цоял, щайгурелъул метер вачIа, анкьидасан вачIаян унтарал рокъоре ритIулел рукIун.

Гьеб проблемаялде кIвар буссинабулеб букIана араб анкьалда Дагъистаналде щварай россиялъул СахлъицIуниялъул министр Вероника Скворцовагун букIараб данделъиялдаги. Гьеб данделъиялъул хIасиллъун кканин абизе бегьула кIванагIан хехго Шималияб Кавказалда балеб бугеб къогогIан азархана банги лъугIизабун хIалтIизе риччазе гьабураб хIукму.

Гьеб данделъиялда борхараб масъала цо Гъизилюрт шагьаралъул мисалалдалъун бихьизабизе бегьулин бицана гьеб шагьаралда гIумру гьабулей ПатIиматица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:00 0:00
Интернет-мухъ

Министразул данделъиялдаса хадубгIаги жидер шагьаралда анцIгоялдаса цIикIкIун соналъ балеб бугеб лъимал гьарулеб азархана бан лъугIилародайин хьул буго ПатIиматил.

ПатIимат: «Гъизилюрт шагьаралда, дида лъалеб бакIалъан, анцIгоялдасаги цIикIкIун сон буго лъимал гьарулеб азархана балеб бугелдаса. ХIалтIаби цин журан цинги чIезе тун рукIунин абула гьенир. Гьеб базе биччалеб гIарацги цин гьас бикъулеб хадуб дос бикъулеб бугин бицуна гIадамаз. Шагьаралда бугебги лъимал гьарулеб азархана цIун букIунеб куц бихьаниги гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабулеб гьечIо цин шагьаралъул хIакимзабаз цинги республикалъулги хIакимзабаз».

Россиялъул СахлъицIуниялъул министралъул рагIабазда рекъон, цоги регионазде дандеккун, азарханабазда унтарал регизе бакIаздалъун хьезариялъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул республикаби гIезегIанго нахъе ккун руго.

Масала, Россиялдаго гьеб рахъалъ гьоркьохъеб тарих бахунеб буго анцIазарго чиясе 16-гIан бакIалде. Ставрополалъул ракьалда гьеб тарих бахунеб буго 15-гIан бакIалде. Чачаналъ масала анцIазарго чиясе азарханабазда рагIула щугогIан бакIал, Дагъистаналда абуни кIигоцин рагIуларо. Гьеб буго улкаялдаго бищунго гьитIинаб тарих.

Гьелъул магIна ккола чи рикIкIун Дагъистаналда азарханабазда регизе бакIал Россиялдаго бищунго дагьаб бугин абураб. Гьебги тIолабго Россиялдаго халкъалъул къадар цIикIкIунел республикабазул цояблъун кколеб Дагъистаналда.

Азарханабазда унтарал регизе бакIал гуребги Дагъистаналъул азарханабазда гIолел гьечIо тохтурзабиги, хасго мугIрузул мухъазда. Жидер азарханаялда 15 тохтур гIолев гьечIин бицана Казбек мухъалъул азарханаялъул бетIерав тохтур ЛатIипов Расулица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:00 0:00
Интернет-мухъ

Анлъгониги моцl буго гьеб Дилималда бугеб мухъалъул азарханаялда анестезиолог гьечIелдаса.
ЛатIипов Расул живго вукIун вуго цеве анестезиологлъун. Хехаб операция гьабизе ккарав чиясе жинца кьолин наркоз, амма цебеккун къо цIан операция гьабулеб мехалда Хасавюрталдаса яги цоги бакIалдаса ахIулин бицана гьес.

БетIерав тохтурас бицухъе 20-азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб Казбек мухъалъул азараханаялда гьечIо 201 гурони унтарав вегизе бакIал. Тохтурзаби гIолел гьечIониги кумек цIехон вачIарав чи жидеца нахъчIваларин абуна гьес. Амма информалатаздасан жидер проблемалъул рагIун хадубгIаги жидее анестезиолог щвелародаян хьулги буго гьесул.

Дандекквеялъе, Ставрополалъул ракьалъул СахлъицIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ информалатазе лъазабухъе, 20I2 соналъул ахиралде 400 тохтурасе хIалтIизе бакIал чIезабизе буго гьез ва гьелъ рес кьезе буго жеги цо миллион унтарасе хъулухъ гьабизе. Гьединго гьениб рагьизе буго сахлъи цIуниялъул 10 центрги, гьездаго гьоркьоб лъималазул лъабго центрги.

Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министрелъиялде ахIана нижеца гьединалго тарихал цIехезелъун. Дагьаб хадуб ахIеянги абун гьез гIодоб лъураб трубка тIокIаб кодобе босичIо.
XS
SM
MD
LG