МагъчIваялъе рес

Щуго соналда жанир Шималияб Кавказалъул гIузраби лъугIичIо


Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIерасул хъулухъалда Сергей Хлопонин хисарав Сергей Меликов.
Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIерасул хъулухъалда Сергей Хлопонин хисарав Сергей Меликов.

Гьал къоязда щуго сон тIубана Шималияб Кавказалъул федералияб округ гIуцIаралдаса. Амма Кавказалъул республикабазда церечIарал, бищунго кIвар бугел масъалаби жеги тIуран гьечIин гьеб щуябго соналда жанибилан абулеб буго гьеб идараялъ гьабураб хIалтIуе къимат кьолаго, россиялъул батIи-батIиял экспертаз. Щибха хисараб хIакъикъаталдаги Шималияб Кавказалъул федералияб округ гIуцIаралдаса ва ритIухъ гьабуниш гьелъ жиндирго гIуцIи? Гьеб суалалда тIасан Росссиялъул ва Дагъистаналъул жамгIиял хIаракатчагIигун гара-чIвари гьабуна нижер мухбир Юсупов Ашаханица.

Араб щуго соналда жаниб Шималияб Кавказалъул регионазда кинабгIаги цебетIей лъугьинчIо. ГIамм гьабун гьединаб къимат кьолеб буго Шималияб Кавказалъул федералияб округ гIуцIаралдаса гьабураб хIалтIуе Россиялъул кIуди-кIудиял экспертаз. 2010 соналъ Россиялъул доб мехалъ вукIарав президент Дмитрий Медведевас Югалъулаб федералияб округалдаса батIаги гьабун гIуцIана цIияб округ. Гьелда гъорлъе ана Дагъистан, Чачаназулгун, Гъалгъаязул республика, Гъабардагун-Балкарзул, Черкесиязул ва Шималияб Осетиялъул республикаби. Гьеб округалда Россиялъул президентасул вакиллъун тIамун вукIана Александр Хлопонин.

Щуябго соналда жаниб цIерелъурал аслиял масъалабазул цонигияб тIубан бажаричIин гьесухъаян рикIкIунеб буго Россиялъул Халкъияб магIишаталъул акдемиялъул гIелмияв хIалтIухъан Денис Соколовас. Амма гьезул хIасил кколареблъи цебеккунго лъалеб букIанилан рикIкIунеб буго гьес, щайгурелъул пуланаб регионалда чанго масала тIубазе ккани цин тIубараб улкаялдаго хиса-басиял рукIине кколин.

Россиялъул территория чанго округалде бикьи гьеб байбихьудаго мекъаб гали букIанин бицана «Эркенлъиялъе», «Настоящее Время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас. Гьединлъидал Шималияб Кавказалъул федералияб округ гIуцIиялда жанир гьесда рихьулел руго гIицIго гъалатIал.

Милрад Фатулаев: «ТIоцебесеб иргаялда Россиялъул пачалихъалъулаб политикаялда рекъон киналго регионал цолъун рукIине ккола. Хасго гьеб хъинтIула Шималияб Кавказ гIадаб захIматаб регионалда. Гьелъул бакIалда абуни гIуцIана хасаб федералияб округ, щиб гьабизе гьеб гIуцIарабилиги бичIчIулеб букIинчIо. Гьеб гIуцIулаго букIинчIо хасаб концепция, сундуе гьеб гIуцIулеб бугебали баян гьабулеб.

Гьелдаса хадуб къабул гьабуна Шималияб Кавказ социалиябгун-экономикияб рахъалъ цебетIеялъул хасаб концепция. Гьеб концепиялъул щиб хIасилха ккараб? Хлопониница абулеб буго гIемерав чи хIалтIудалъун хьезавизе бажаранилан, амма жакъа Шималияб Кавказалда хIалтIи гьечIого ругезул къадар гIемерго цIикIкIун буго халтIулел ругелин абулездаса, хIалтIи гьечIого руго 400 000 заргоялдса цIикIкIун чи.

Шималияб Кавказалъул курортал абураб хасаб пргорамаги букIана гьез хIадурун. гьелъулги цебе босизе жо бугищали дида лъаларо. Нагагьлъун ратаниги цIикIкIараб бутIа халкъалъул хIалтIудалъун хьезарун гьезухъа бажаруларо ва экономикияб цебетIеялъеги гьел курортаздаса бугеб пайда гIемераб гьечIо».

ХIасил-калам Шималияб Кавказалъул федералияб округалъ щуго соналда жаниб гьабилан абун цебе босизе жо гьабичIилан абуна Милрад Фатулаевас.

Хлопониница ункъо соналда жаниб гьабураб хIалтIуе къимат кьолагоги Милрадица абуна гьесда кIвечIин Шималияб Кавказалда бищун захIматал гIунгутIаби лъугIизаризе. Гьел гIунгутIабазда гъорлъ гьес рехсана къуваталъул идарабаз гьабулеб хIалтIуда хадуб хал кколеб гьечIолъи, щайгурелъул цереги тIагIунел рукIараб хIалалъ тIагIунел ругин гьанжеги гIадамал. Гьесда кIвечIин хIакимзабазул кьеразулъ бугеб гIала-гъважа лъугIизабизеги ва ришватчилъи тIагIинабизеги.

Александр Хлопонинил бакIалда араб соналъ Шималияб Кавказалъул республикабазда президентасул вакиллъун тIамуна, цеве Ростов мухъалда рагъулав генераллъун вукIарав Сергей Меликов. ЦIияб хъулухъалде тIамуралдаса чанго нухалъ Дагъистаналдеги вачIун вукIана гьев. Амма щибаб нухалъ гьесул кортеж ун бахъинегIан шагьранухалги къан гIадамал гаргадизе тIамун гурони, гьес гьабураб цонигияб пайдаяб жо рехсолеб гьечIо гIадамаз.

XS
SM
MD
LG