МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда къана ичIабилеб банк


Итни къоялъ Россиялъул Централияб банкалъ лицензиялдаса махIрум гьабуна «Имбанк» абулеб банкалъул Дагъистаналда бугеб филиал. Нижехъе щварал баяназда рекъон банк къаялъе гIиллалъун ккун буго гьелда хадуб 20 миллион гъурщил налъи букIин. Щай Дагъистаналда цо-цоккун къалел ругел хасал бетIергьанлъиялъулал банкал, гьел гьечIого лъикIиш яги квешиш, гьел ва цогидал суалазда тIасан банкалъул эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

ГIаммаб къагIидаялъ «Имбанкалда» хадуб бугеб налъул къадар бащалъулин кинабниги 90 миллион гъурщидаян хъвалеб буго Дагъистаналъул миллияб банкалъ ИТАР-ТАСС агентлъиялъе кьураб баяналда. Аслияб куцалда «Имбанк» хIалтIулеб букIун буго кредитал кьолеб гIуцIи хIисабалда. Центробанкалъе хIалтIул хIасилал кьолеб мехалда мухIкан гьаричIел баянал кьолел рукIанин гьелъилан тIаде жубалеб буго гьениб.

2011 соналдаса байбихьун «Имбанк» ичIабилеб банк ккола Дагъистаналда къараб. Араб соналда республикаялда лицензиялдаса гьединго махIрум гьаруна «Нафта банк», «Бизнес банк», МахIачхъалалаялъул Муниципалияб банк, «Трестовыяб банк» ва цогидалги. Хасго кIудияб ахIи-хIур багъарун букIана 2013 соналъ январалда «Экспрессбанк» къан хадуб. Гьеб банкалъул клиенталлъун гIемерав чи вукIун вуго Дагъистаналда. ГIемерав чиясул гIарац хIурудалъ ана. «Экспрессалда» гIарац лъун букIарав чиясул 700 азарго гъурщиде щвезегIан къадар гIарцул гIадамазе бецIана Сбербанкалъ. ХутIарабщинаб щвечIо.

Гьеб банк къан хадуб къоялдаса къоялде цIикIкIунеб букIана хабар Дагъистаналда цохIо «Сбербанк» хутIун хутIаралщинал пачалихъалъул гурел банкал къазе рагIулин Центробанкалъилан. «Экспрессбанк» лицензиялдаса махIрум гьабун гьелъулго къисмат такрар гьабуна «Анджи» ва «Нафта» банказ.
Официалиял гурел баяназда рекъон абулеб букIана Россиялъул регионазда гьоркьоб бищунго гIемерал хасал бетIергьанлъиялъул банкал рагIулин Дагъистаналдаян.

Кинаб хIажалъи бугеб Дагъистаналъе гьедигIан гIемер хIукуматалъул гурел банказул ва цохIо «Сбербанк» хутIун хутIаралшинал къан лъикIиш квешиш? Гьел суалазда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна «Банк Москвы» абураб банкалъул хIалтIухъан Дагъистаналдаса Эльдаров Чупанилгун. 2010 соналъ Чупан хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда бугеб «Эномбанк» абураб банкалдаги. ЦохIо сон гурони гьениб бачIого нахъойги тIадввуссун Москваялде ана гьев хIалтIизе. Дагъистаналъул банказда тIасан гьадинаб пикру загьир гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Эльдаров Чупан: «ГIемериселщинал банкал Дагъистналда руго цохIо гIарац щвезе гIололъун рагьарал. ГIадамазе пайда щолел банкалги жалго тун хутIаралщинал банкал къани лъикIилан рикIкIуна дица».
Э.Р «Дагъистаналда руго мисалалъе «Россельхозбанк», «Новый коммерческий банк, руго гIемерал цогидалги хIукуматалъул гурел банкал. Гьезул кинал къан, кинал хIалтIизе риччани лъикIаб букIинилан кколеб дуда, цохIо «Сбербанк» рикIкIинчIого?».

Чупан Эльдаров: «Киналго банказул хIалтIиги, хIалтIи гьабулеб къагIидаги цоцадаса батIияб букIунелъул кинха абилеб гьезул кинал лъикIал кинал квешал кколелали. Гьеб суалалъе чIванкъотIраб жаваб гьечIо дир.
Э.Р «Жакъа «Сбербанкалъ» тIадеги офисал рагьулел руго республикаялда. Кин дуда кколеб ахиралда цIохIо гьеб банк хутIун киналго банкал къазе ругодай?».

Чупан Эльдаров: «Киналго банкал къазе ратиларо. Щайгурелъул «Сбербанкалъ» гIемериселщинал операциял гьарулел руго автоматикаялъул къагIидаялда. Амма руго чанги гIадамал гьеб къагIида хIалтIизабун бажаруларел. Гьединлъидал жидего дандекколел банкал рукIона чангиязул. Киналго къан жо ккеларилан ккола дида, цо-кIигониги банк хутIизе батила».

«Сбербанкалда» хадуб гIемерисел дагъистанияз пайда босулеб банклъун Дагъистаналда ккола «Россельхозбанк». Жакъа гьеб банк буго республикаялда хIукматалъул гурел банказда гьоркьоб киналго акциял хIукуматалда кодоб бугеб идара. Росдал магIишат цебетIезабизелъун ва гьеб бутIаялда жидерго магIишат гIуцIизе бокьарал бизнесчагIазе кредитал кьолеб банк ккола гьеб. Гьебги цогидабги хIисабалде босун хIукматалъулаблъун кколеб гьечIониги Россиялъул «Центробанкалъ» лицензиялдаса махIрум гьабизе рес гьечIин гьебилан пикру буго экспертазул ва экспертал гурел чагIазулги.
XS
SM
MD
LG