МагъчIваялъе рес

Халкъалде данде гурони, тIалаб гьабулеб къанун ургъулеб гьечIо


"КъватIисел улкабазул агентазе бокьула Америка" абураб хъвай-хъвагIай гьабун батун буго «Мемориал» гIуцIиялъул Москваялда бугеб бетIераб идараялъул минаялъул къадада, 21Ноя2012
"КъватIисел улкабазул агентазе бокьула Америка" абураб хъвай-хъвагIай гьабун батун буго «Мемориал» гIуцIиялъул Москваялда бугеб бетIераб идараялъул минаялъул къадада, 21Ноя2012

Коммерциялъулал гурел гIуцIабазда хурхун Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб къанун къуваталде лъугьана араб моцIрол ахиралда, амма гIемерисел жамгIиял гIуцIабаз инкар гьабулеб буго гьеб къанун къабул гьабизе. Инсанасул ихтиярал цIунулез гьеб къануналдехун дагIба базе байбихьун букIана тIоцебе гьелъул хIакъалъулъ хабар къватIибе бачIараб мехалъго.

«Инсанасул ихтиярал цIуниялъе гIололъун» абураб багъа-бачариялъул цевехъан Лев Пономаревас абулеб буго буго гьеб къанун къабул гьабун бугин Россиялъул Конституцияги гьединго инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул Конвенциялъул тIалабалги хвезарун.

«Ниж чияр агентал гуро, ниж руго нижерго ватIаналъул агентал, нижее бачIине буго цогидал хIукуматаздаса гIарац гьелдаса инкарги гьабизе гьечIо, гьеб щолеб букIин бахчизеги ракIалде гьечIин жидедаян лъазабун букIана гьес Россиялъул Парламенталъ гьеб къанун къабул гьабун хадусел къоязго информациялъул алатазе кьураб баяналда.

Сентябралъул ахиралда Москваялъул лъиданиги бачIеб пресс-централда конференция кьуна инсанасул ихтиярал цIунулез. Гьениб гьез цогиги нухалда инкар гьабуна цIияб къануналдаса ва лъазабуна гьеб къуваталде лъугьун хадуб бокьарав инсанасул ихтиярал цIунулесда гьеб хъитIунтун жидерго мурадал цIуни тIалаб гьабизе бугин диванханаялдеги ун.

Къанун къуваталде лъугьараб ноябралъул 21-абилелъул сардилъ "къватIисел улкабазул агентазе бокьула Америка" абураб хъвай-хъвагIай гьабун батун буго «Мемориал» гIуцIиялъул Москваялда бугеб бетIераб идараялъул минаялъул къадада. Гьединалго лъазабиял ратун руго Москвялъулгун-Хельсинкиялъул группа абураб гIуцIиялъулги, « Инсанасул ихтияразе гIоло» абураб Лев Пономаревасул идараялдаги, цогидал гIуцIабазулги кIалтIа.

Жидер идараялде гьединал рокьукъал гьужумал гьаричIин жеги, Аллагьасул цIобалъ заманалъ цIунун ругинха, амма нижее квал-квал гьабулел чагIи ккани танкан диваналде кьелилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIуниялъул нухмалъулей ГIисаева Светланаца.

ГIисаева Светлана: «БитIараб бицани я къануналда тIасан, я гьеб къабул гьабурал чагIазда хурхун щибниги абизе рагIиго батулеб гьечIо. БичIчIулеб жо буго нилъер хIукумат киданиги демократияблъун букIинчIолъи, гьеб кинабгоги рихьдаего гьабулеб политика букIин, гьеб къунун ургъулаго цоги нухалъги загьирлъана нилъее гьеб. Халкъалъул рахъги кколеб, рагьун кIалъазе изнуги кьолеб хIукумат гьечIо нилъер, сундаго хадуб халкколеб буго».

Нилъер пачалихъалда къабул гьарулин гIицIго халкъалъул ихтияразда дандечIарал къанунал, тIалъиялъ гьабулеб зулмуялде дандечIараб къанун хIадуризейин абуни щаялиги лъиданиги ракIалде кколеб гьечIилан абуна «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакил Расулов Русланицаги. 7 декабралда хIукуматалъ гьабулеб тIекълъиялде дандечIараб митинг тIобитIиялъе Юстициялъул министерлъиялъ изну кьечIилан абураб гIарзагун диванханаялде унев чияс загьир гьабуна гьес нижер программаялъе пикру. Амма Русланил ракIчIун буго кигIанго тIалъиялъ хIетIе цебе кколеб бугониги жамгIиял гIуцIабаз жидрего хIалтIи цебе бачине букIиналда.

Расулов Руслан: «Кисаниги бачIунеб гIарцулаб кумекги гьечIого инсанасул ихтиярал цIунизе захIматаб масъала буго жакъа. Амма жамгIиял гIуцIаби гьелъие гIололъун гIуцIаралги ккола-инсанасул ихтиярал цIунизелъун, гьединлъидал сундухъниги балагьичIого жидерго хIалтIи гьез хадубккунги нухтIа бачинилан ккола дида. Щайгурелъул халкъалъул ихтияралги, эркенлъиги цIуниялъул мурадалда къватIире рахъарал чагIи тIалъиялъ жидеего гьабулеб квал-квалалъухъ балагьун чIезе гьечIо».

РагIа-ракьанде щун гьеб къануналъул жиндица хал-шал гьабичIин, амма гьадинги бичIчIулеб бугинха халкъалъул ихтияразде дандечIараб къанун гьеб бугеблъиян абуна жиндирго кIалъаялда «Яблоко» партиялъул вакил Эседов Альбертицаги.

Эседов Альберт: «Жидеего дандекколареб къвагIидалъ хIалтIулел гIуцIабазе тIалъиялъ квал-квал гьабулеб букIин хIакъаб иш буго. Амма битIараб бицани дида лъаларо кинаб къагIидаялъ тIалъиялъ гьезда хадуб хал кквезе бугебали. Мисалалъе цо пуланав чияс жиндиего бокьун кьела гьел жамгIиял гIуцIабазе гIарац, гьебги къватIиса хIукуматалдаса бачIунеб гIарацищха букIине бугеб, лъиениги гьукъун гьечIо гури гьединал бакIазде гIарац кьезе. Къануналда рекъон жиндирго хIалтIи нухда бачунеб идараялдехун кин гьез дагIба базе бугебалиги бичIчIуларо. Гьеб гуребги жакъа жиндирго ватIаналде дандечIараб хIалтIи гьабулел жамгIиял гIуцIаби дида цониги дандчIвачIо».

Кавказаская Политика сайталда хъвалеб буго цIияб къануналдаса хадуб къватIиса пачалихъалдаса гIарац щолел рукIарал коммерциялъулал гурел гIуцIабаз хадубккунисеб жидерго хIаракатчилъи цIебетIеялъе батIияб нух балагьулеб бугилан. Мисалалъе Москваялъулгун -Хельсинкиялъул группаялъ халкъалдехун хитIаб гьабун буго жидеего материалияб кумек тIалаб гьабун.

Гьединабго нухалъ ани гурони тIокIаб рес хутIизе гьечIин цогидал жамгIиял гIуцIабазулгиян хъвалеб буго гьебго баяналда.

XS
SM
MD
LG