МагъчIваялъе рес

ЦIорол Дадаги вачIун гьаниб бугеб байрам щиб ?


Абу-Дабиялъул петералда лъураб 1 млн. долларалъул багьа бугеб накIкIил гъветI. 15Дек2010
Абу-Дабиялъул петералда лъураб 1 млн. долларалъул багьа бугеб накIкIил гъветI. 15Дек2010

ЦIияб 2015 сон тIаде щвезе хутIун буго кIиго анкьидасаги дагьаб заман. Россиялъул халкъалъул аслияб бутIаялъе гьеб ккола аслияб байрамазул цояблъун. Амма ахирал соназда Шималияб Кавказалъул цо-цо республикабазда ва Дагъистаналда гьеб байрамалдехун бугеб бербалагьи хисун бугелдаса чанго сон буго. Кинаб бугеб жакъа дагъистаниязул гьеб къоялда хурхун пикраби?

ЦIияб сон бусурбабазул байрам кколарилан абун Дагъистаналда гьеб къо кIодо гьабизе гьукъизе байбихьаралдаса чанго сон аниги халкъалъул аслияб бутIаялъ гьеб цебего гIадин кIодо гьабулеб буго. Амма гьеб бусурбабазул байрам кколарилан абураб пикруялъул рахъкколелги дагьал гьечIо Дагъистаналда. МухIканаб статистика гьечIо, амма «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех тIобитIана гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб, ЦIияб сон кIодо гьабулиш гьез ва гьабулариш абураб суалгун. Гьеб жидее кIудияб барамкъолъун кколарилан абуразул къадар цIикIкIун букIана цIех-рех тIобитIаразда гьоркьоб.

-ЦIияб сон кIодо гьабуларо битIун бицани, цебеги гьабулеб букIинчIо. Гьудул-гьалмагъзабазда цадахъ гIодо чIола, амма байрам кIодо гьабизеян гуро, квана-гьекъезе. КIодо гьабуларо, щайгурелъул гьеб нилъер бусурбабазул байрам гурелъул.

-Гьеб къо кIодо гьабула, амма кIудияб рекIеего гIоларо, щайгурелъул гIемераб хъуй букIуна гьеб сордоялъ.

-Дица гьеб кIодо гьабуларо, щайгурелъул гьеб бусурбабазул байрам гурелъул. Цебеги гьебго бербалагьи букIана дир гьелдехун, амма дир эбел-эмен коммунистал рукIиндал, гьез кIодо гьабулаан гьеб рокъоб.

-Лъалароха, дица рикIкIуна гьеб лъималазул байрам бугилан. Дицаго гьеб кIодо гьабуларо.

-Цебе кIодо гьабулеб букIараб гIадин гьанжеги кIодо гьабула дица гьеб. БатIаго кIудияб байрамлъунги дица гьеб рикIкIунаро, амма кIодо гьабизе бокьула. Гьеб бусурбабазул байрам гурилан абулезулги рахъккола дица, амма кидаго эбел-инсуца кIодо гьабулеб букIиндал ругьунлъиялъ дицаги кIодо гьабула гьеб къо.

ЦIияб сон дица кидаго кIодоги гьабуна, хIатта дирго кIодоэбелалъецин лъуна дица елка. Гьанже раккун ругел цIиял гIадатазда нахъги йилъун, цо сонги ун, цIияб сон тIаде щун гьеб кIодо гьабиялда жанибги дида щибниги бегьулареб жо бихьулеб гьечIо. ХIалтIудаги кIодо гьабизе буго нижеца гьеб, гьале елкаги лъуна. Дирго рокъоб гьеб 1 декабралдаго лъуна дица.

Цебесеб соналъ Дагъистаналъул цо-цо мухъазда диниял церехъабаз кIвараб хIалтIи гьабулеб букIана ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабизе бегьуларилан абураб пикру гIадамазда бичIчIизабизе. Мажгитахъ гьарулел рукIана вагIзаби, рикьулел рукIана ЦIияб сон капурзабазул байрам кколилан абураб баян тIад хъварал тIанчал. Гьеб сабаблъун гьезие жидего чанги кIвекIеналги ккун рукIан. ТIанчал рикьулел рукIаразул чангиял мухъалъул Жанисел ишазул идараялде рачараб хIужаги ккун букIана.

Исана тIоритIулел ругиш гьез гьединал тадбиралали лъазелъун нижеца бухьен гьабуна Гъуниб мухъалъул Гьонода росдал будун ГIамирхIамзаев МухIамадилгун. Гьале гьес кьураб жавабги

ГIамирхIамзаев МухIамад: «Исана гьединал тадбирал гьаричIо нижеца. Дида аскIове вачIун гьеб байрам кIодо гьабизе бегьулищан гьикъарав чиясе бегьуларилан жаваб кьун гурони, батIияб пропаганда гьабичIо нижеца. Гьеб гьабунгутIиялъе гIиллаги буго сверухъ ругел хIакимзабазул инжилъиги, гьезул чорокаб хIалтIиги. Гъоркьисалаги гьел тIанчал рикьиялъ тIадеги нижеего зарал ккун гурони, мукагIалъи гьелъул ккечIо. Гьелъул рахъ кколев цо анцIго чи вукIаравани нижеда хьолбохъ, рикьизе бегьилаан гьел исанаги».

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ хасал тадбирал тIоритIулел руго ЦIияб Соналда кьвагьи бахъунел ва роржунел пиротехникиял алатал ричулел даранчагIазда хурхун. ГIадамасул сахлъиялъе зарал гьабулеб къайи-цIа букIиналда бан гьеб бичизе гьукъизе хIукму гьабун буго Дагъистаналъул низам цIунулез.

XS
SM
MD
LG